12 марталда абадияб рокъове ана хIаракаталъул цIураб ракIалъул, гIужилаб пикруялъул ва бергьараб пагьмуялъул инсан Гьонодаса МуртазагIалил вас Каримуллагь-хIажи. МагIарулазда рагIичIев, лъаларев чи вукIинчIо гьев. ГIемерал соназ Гъуниб районалъул имамлъунги хIалтIарав, тIарикъаталъул устарзабазул, гIалимзабазул, шайихзабазул, магIарулазул тарих чIаго гьабурал гIадамазул гIумрудул хIакъалъулъ кIвахI гьечIого гIемерал тIахьал хъварав, бергьараб хIаракаталъул инсан вукIана Каримуллагь-хIажи. ...

