Дагъистаналдаса рахъана дунялалдаго цIар рагIарал гIезегIан бахIарзал, космонавтал, конструкторал, гIалимзаби, художникал, спортсменал, тохтурзаби… Гьез бихьулеб лъалкIги тана дунялалдаго гIумру ва гIелму-лъай цебетIезабиялъулъ. СССРалъул ва Россиялъул халкъияб магIишаталъул кинаб бутIа босун балагьаниги, нилъер халкъазул вакилзабаз бихьизабуна чIчIел босизе ругел ресалги гьел гIумруялде рахъинаризе бугеб гъираги. Дагъистанги гьелъул культураги лъазабизе жидеца саламатаб бутIа лъуразда...

