Аллагьин ахIулеб дур рекIел кIутIи…

 

  

  ЦIияб соналъул байбихьи пашманаб хабаргун рещтIана магIарухъе. 4 январалда нилъедаса ватIалъана накъшубандияб ва шазалияб тIарикъаталъул устар Инхелоса Мансурил МухIамад-афанди (къ.с). ТIарикъаталъул агьлуялъ цIакъ адабалда, кIудияб рокьигун рехсола- ан гьесул цIар. Аза-азар мурид битIараб нухда тIовитIарав, баркаталъул рукъги ракIги цIурав, щулияб иманалъул, бергьун кIудияб гIелмуялъул вакил Мансурил МухIамад-афанди ахираталъул рокъове анилан рагIидал, гIемерав чиясул ракI къварилъана. Гьедин букIуна рухIиял церехъаби ракьалдаса индал.

  ТIоцебе гьесул хIакъалъулъ дида бицунеб рагIана гьанжеялдаса къого соналъ цебе. Жиндир баракат щваяв ЧIикIаса СагIид- афандиясул бицен ккараб бакIалда, цоги тIарикъаталъул устар вугищ нилъерин гьикъидал, Болъихъги вугила Мансурил МухIамад-афанди абун бицун букIана эбелалъул имгIалас. Щибаб соналъ ЧIикIаса КIудиясул рокъоб тIобитIулеб мавлидалда гIахьаллъулев, гьесда аскIов гIодов чIунги вихьулаан. Абулаан магIарухълъиялъул, тIалъиялъул рахъалда ругел муридзаби къабул гьаризе гьесда тIадкъан букIанин СагIид-афандиясилан.

 

  Жиндир баракат щваяв Мансурил МухIамад-афанди гьавуна 1947 соналда Болъихъ районалъул Гъоркьияб Инхело росулъ Мансурил Къурбанил хъизамалда. Гьесул эбелалъул кIудияй эбел кколаан Хираасулал абулеб, свалат-салам лъеяв аварагасул наслуялдаса лъу- гьараб тухумалдаса. Мансурил МухIамадил эмен Къурбан вукIун вуго цIакъ Аллагьасукьа хIинкъарав муъминчи. 24 сон барабго захIматго унтун вуго гьев. Унтул гIазабалда гъоркь гьев вихьидал, гьесул гьоболас абун буго Къурбанида, жиндир бугин цо кьарияб гьой, гьелъул гьан квани, мун сахлъизе вугилан. Исламалъ хIарам гьабураб гьойдул гьанги кванан сахлъизегIан жиндие хвезего бокьилинги абун, инкар гьабун буго Къурбаница. ЗахIматаб унтудаса хвасарлъизе кIвечIого, лъабго моцIидасан Къурбан хун вуго. Бицуна КIудиясул эбел Хадижат цIакъ Аллагьасукьа хIинкъарай, тIадчIун гIибадат гьабулей муъминчIужу  йикIанилан. Лъабго сон барав чи вукIаго эменги хун, эбелги цогидасе ун, бесдаллъиялъул кьогIаб хинкI хIанчIизе ккола Мансурил МухIамад-афандияс. ЦIакъго гьитIинго загьирлъана гьесулъ Аллагьасукьа хIинкъулеб гIамалги, рекIелъ щулияб иманги, иман-исламалдехун бугеб бергьун кIудияб рокьиги.

Инхелоса ГIабдуразакъил ХIажиясул ракIалдещвеял

   — ГIагарал чагIиги рукIун гьитIинаб къоялдаса нахъе цIакъ цоцаздаса тIоларел чагIи рукIана ниж. Доб мехалъго гьев вукIана цогидаздаса батIияв ва тIокIав инсан. Риидалил багIарараб заманалда гъутаналда хIалтIулел рукIана ниж цо нухалъ. Амма Мансурил МухIамадица гьениб нижее колхозалда кьураб квен ва авансалъе кьураб гIарац кваначIо, хIарамаб боцIи бокьилариланги абун, къоялъ цохIо сухариги букъун чIана гьев. Гьеб лъарабго гье- сул гьалбадерил гIадан, МигIарсо росулъа Загьраца рокъоб жинцаго бежараб лъабго чед битIун бачIана гьесие. Нижгун хIалтIулев вукIана Инхелоса Гъайирбег абулев васги. Загьраца битIун бачIараб чадихъги балагьун Мансурил МухIамадица абуна: «Гьаб цо чед Гъайирбегица радал кваназе, цогидаб къадеялде ва лъабабилеб къаси кваназе толеб бугин», — абун. Гьедин лъабабго чед гьес Гъайирбегие кьун буго. Гьеб лъарабго, дойго Загьраца ниж рокъоре ахIана чай гьекъезе. Амма гьелда бихьана КIудияс (Мансурил МухIамадица) чвантиниса бахъун чакарги данде кванан чай гьекъолеб. Гьелъул магIна бичIчIичIей гьей ни- жедаса барщана, — ян бицунеб буго ГIабдуразакъил ХIажияс.

  ТIоцеве Мансурил МухIамад вукIана Сасикьа ХIусенил МухIамадил маъзун ва хадув ГIашалиса Тажудинил муридлъун. Гьелдаса хадув гьев лъугьана цин Инхоса ГIабдулхIамид-афандиясул (къ.с), хадуб Лъахъа ХIамзат-афандиясул тарбиялда гъоркье.

 ТIарикъаталде гьесул букIараб кIудияб рокьиялъул хIакъалъулъги бицунаго, гьадин тIаде жубана ГIабдуразакъил ХIажияс:

 — Цо нухалъ КIудиявги дунги рукIана Хасавюрталда мажгиталъуса къватIире рачIунел. Болъодухъ дандчIварав цо чи, нижехъги балагьун, лъикI мехалъ лъалхъун хутIана. Балагьараб мехалъ тIарикъаталъул киналго латIаифал, адабал тIокIкIун лъалев чи вукIараб къагIидаха гьев, дир гIиндеги щурун, гьес абуна: «Унго, цо досул чорхолъ латIаифазул бухIиялъул кутак», – ан.

Амма тIарикъаталъул вакилзабаз гьедин жиндие кIудияб къимат кьолеб букIаниги, жиндасагIан Аллагьасе пайда гьечIев чи ватиларин кидаго гIодулев вукIунаан гьев. Инхоса КIудиясги абуна цо нухалъ гьесул (Мансурил МухIамадил) бицен ккедал, унго, цо вихьизе бокьилаанин абун.

 

КIудиясул вац РахIматуллагьица бицараб

 

  Киданиги дунялалъул боцIудехун бугеб рокьи загьирлъичIо гьесулъ. Пихъ бичизе базаралде арав чи гьев, гьалъул тIалаб-агъаз гьа- беян аскIор ругездаги абун, гIелму- гIибадаталде вуссун вукIунев вукIун вуго гIемерисеб мехалъ. Пихъил цIураб 400 ящикги босун арав чи, 40 ящикалъухъгIанасеб гурони хайирги щвечIого, вачIунаан нахъ вуссун. Иргадулаб нухалъ вирд хисизеян Меселасул МухIамад-афандиясухъе ана цо нухалъ Мансурил МухIамад. Гьес кьураб зикру гьабулаго, латIаифазул бухIи цIикIкIун, кIиго- лъабго къоги балаан вегун. Гьедин тезе бегьиларин, гьесие вирд хисеян КIудиясда гьаризе гьевги вачун щвана Нечаевкаялде.

  Бугеб хIакъикъат КIудиясда бициндал, Меселасул МухIамад- афандияс данде къан вуго Мансурил МухIамад: «Валлагь хисилароха, азарго чиясда гьоркьоса цо чиясде гурони бачIунареб хIал буго гьесде рещтIун, АлхIамадулиллагь, щайтIаналдаса гуреб, Аллагьасдаса бачIараб бугелъул. Дуца рецц гьабизе ккела Аллагьасе, кколеб бакIалде гьеб ккун букIиналъ. ИншаАллагь кватIичIого гьеб хIалги дуда тIаса ина, кинабго лъикIги букIина», — ян абун буго Меселасул МухIамад- афандияс. КватIичIого гьесда тIаса гьеб хIалги ун буго.

  ТIарикъаталъул умурал ва аварагасул (с.т.гI.в.) нухал кьуричIого кколев чи вукIана Мансурил МухIамад- афанди. Исламалъул адабалда рекъон, хIузуралда какиеги чурун гьабураб гурони квен гьес киданиги кваначIо. Цо нухалъ поездалда пуланаб сапаралъ унаго, гIадатияб къагIидаялъ, цебеккунго базаралдаса чIагого босун нижецаго хъураб гIанкIуги белъун, гьеб кваназе цебе лъолел рукIаго, белтазул хал гьабизеян проводница ячIана жание яккун. «Воре, бихьизе тоге гьелда», — янги абун, жиндаго тIад ретIараб костюмалъ гIанкIуги бахчизабун чIана КIудияв. КъахIиса ХIасан- афандиясул «Хуласатул адабалдаги» гьечIищха, инкарчагIазул бер тIаде ккараб квен кваназе бегьуларин абун хъван. Гьедин кунеб тIагIамалдехун цIакъ кьварараб тIалаб букIана гьесул, – ан бицунеб буго Инхелоса кIудиясул вац РахIматуллагьица.

 

Мансурил МухIамад-афандиясул вас ХIусеница бицараб

— ГьитIинаб къоялдаса нахъе как баялде гIадин гьес кIвар кьолеб букIараб жо лъаларо дида цоги. Щибаб как, кида бараб, кин бараб абун камилаб хIисаб кьезе тIамулаан гьес ниж. КигIан сордо гьитIинаб гIужалъги, тагьажудалъул какал разе къаси тIаде рахъинарулаан гьес ниж.

КIудиясул вас МухIамаднурица бицараб

  Цо нухалъ мажгиталде, жамагIаталъул какде вачIинчIого хутIунилан, хъизанги гьабурав, саламатаб ригьалъул чи вукIаниги, дида кьабизеян гьесана КIудияв. ЦIакъ какил адаб гьабулаан гьес. КIудияв гIелму цIализе хьвадун вуго Болъихъе, Муниве, 12 километралъ лъелгоги хьвадун. Гьес рокъовги тун хьихьун вукIана жинда гIелму малъизе Муниса МухIамаднур абулев гIалим. Амма КГБялда лъан вуго гьев, жидеца чIвазе вугин гьез хIинкъизавурав гьев нахъ вуссун инеян гьесун вуго цин. Амма бащдаб нух тарав чи, нахъ вуссун вачIун вуго, чIван-хъунищ гьез жив гьавилев, нагагь чIвани, щибинха гьабилеб, Аллагьасул къотIи гьединаб батилинхаянги абун.

   — Инсуца бицунаан МухIамад- гIариф-афанди вихьизе букIанин жиндир бищун кIудияб анищилан. Цо нухалъ пихъ бичизе базаралде арав чи гьев ун вуго мажгиталде, гьенивгIаги ватилародай абун. ВарагI бугев чи вихьидал, гьев ватилин МухIамадгIариф абун, гьесда аскIове векерулев вукIун вуго эмен. Ахирги цояс бицун буго гьесда, МахIачхъалаялъул Щуабилеб поселокалда, МухIамадгIариф-афандияс гIумру гьабулеб минаялъул адрес. Амма КГБялъул чи ватизеги бегьулин гьавилан ракIалде ккун, рокъор рукIарал чагIаз абун буго гьев рокъов гьечIилан. КIваричIин, гьаб сайгъат-саламгIаги босейилан, МухIмадгIарифие босун букIараб пихъ кьун буго инсуца гьезухъе.

  Нахъ вуссун унев вукIарав гьесда рагIун буго МухIамадгIарифица жаниве вачIайилан ахIулеб. Хъваш-баш гьабун хадуб МухIамадгIарифица гьесда абун буго гIемерал гIадамал ракIарараб бакIалде жив вахъунарин, гьаб заман бугин шагьаралде балагьидал гьанив муъминчиго вугодайин кколеб, мажгиталде балагьани гьенивги капурчицин вугодайилан кколеб заман. Инсуе тIун букIараб гъармухъ-чаялъул стаканалъул ахада гьесухъа нахъе хутIараб жо: «Нилъеда лъаларин баракат киналъулъ бахчун букIунеб», — инги абун, МухIамадгIарифица жинцаго гьекъон буго. Къаси гьанив чIайилан гьес гьаридал, инсуца абун жив ине кколеб бакI бугилан. ХасмухIамадил дова гьав рещтIун вукIин лъайдал, гьа, гьедин батани бегьилинхаян абун буго МухIамадгIарифица. Гьасда хадув вачIарав ХасмухIамадидаги абун буго МухIамадгIарифица:

  «Гьав чи вуго нилъги рокьулев, нилъееги вокьулев, жиндаса кIудияб баракатги бугев инсан», – ан. Гьес инсуе гьабураб сипаталъ пана гьавурав ХасмухIамадица нахъа-нахъаги абулеб букIун буго, унго-унголъунги гIаданцин гурев малаик ватилин гьавилан инсуде.

  КIудиясухъе ижаза кьураб мех букIун буго доб. Цо нухалъ машинаялда жанир нижги тун, ЧIикIаса КIудиясухъе арав эмен вачIана, кьерги тIун, соролаго. Щиб ккарабилан гьикъулеб букIана нижеца, гьев хинлъизе гьесде тIаде хинаб жоги рехулаго.

  Жиндихъе изну кьолеб букIин лъайдал, валлагь, киданиги ккун букIинчIо, КIудияв, изну кьезе бегьулеб гIадаб даражаялъул чи дунго ватилилан абун буго гьес СагIид- афандиясда. Гьедин ракIалде кколел чагIазухъе изнуги кьоларин абун буго гьелде данде ЧIикIаса КIудияс, — ан бицунеб буго ракIалдещвеязулъ Мансурил МухIамад-афандиясул вас МухIамаднурица.

 

Инхелоса ГIалиасхIабица бицараб

 

   Кьерилавги вукIун цIакъ цадахъ гIемер заман тIамулаан дицаги КIудиясги. ГьитIинаб мехалдаса нахъего гьев вукIана цIакъ ракIбацIцIадав, хIилла-рекIкI бокьуларев инсан. ГIамал-тIабигIатго малаикасул гIадаб букIана гьесул. ГIемерав гIодове валагьун чIеялъ мугъ къуларав лъугьана гьев. Ки- даниги инсанасда бадиве валагьизе кIун батиларо гьесда.

   Цо нухалъ гьесул росулъа гIисинал гIолохъаби кIанцIун руго чияр багIлидул ахикье. Ахил хъаравуласдаги рихьун, гьес нахъе рачахъун руго гьел, амма гьоркьов вукIарав цо гIолохъанчи ахикьеги кIанцIичIого довегIан чIун вихьула гьесда. Хъаравулас абун буго гьесда дица виччалин мун ахикье багIли квине, айин жанивеян. Дуца виччаниги чияр ахикьа пихъ квине жинца бегьуларинги абун, ун гьечIо гьев гIолохъанчи. Гьев вукIана Мансурил МухIамад- афанди.

  Гьединав, тIубараб гIумруго Аллагьасукьа хIинкъун арав, шаргIалъул нухдаса кьуричIев, бергьарав вали вукIанин абизе бегьила Мансурил МухIамад-афандиде. РухIиял церехъабазул баракаталъ цIунун хутIана нилъее исламияб дин. Гьезул баракаталдалъун чанги кIудиял балагьал нахъчIван ратулин ракIчIун абизеги кIола. Щайгурелъул, чIагоял мисалалги рехсон, гьеб гьедин бугеблъи якъин гьабуна дие цIаларал чагIаз. Дун гьелда божула. Гьединго абула, тIарикъаталъул устарзаби ракьалдаса унелъул, гьез цадахъ баракатги унеб рагIулин. Аллагьас Мансурил МухIамад-афанди, баракаталъул цо бутIа нилъееги тун, аравлъун ватаги. Къиямасеб къоялъ гьесул шафагIат камугеги. Амин.

 

Ашахан ЮСУПОВ