ЗахIматалъ лъадарарав

 

ГьабсагIаталда Дагъистаналда вуго КIудияб ВатIанияб рагъул 37 ветеран. Руго районал гьезул къадар цIакъго дагь бугел, руго цониги ветеран хутIичIелги. Гъуниб районалдайин абуни вуго 2 ветеран — Сугъралъ росулъа ХIажи ГIинчилов (98 сон) ва Бухтиб росулъа ТIагьир ТIагьиров (104 сон).

             Гьал къоязда ниж щвана МахIачхъала шагьаралъул Хушет поселокалда гIумру гьабун вугев ТIагьирихъе. ТIагьирги гьесул лъади ТIавус Идармачеваги данделъана 1957 соналда. Гьезул вуго кIиго вас ва кIиявгоги гIумру гьабун руго Тула шагьаралда. ТIавусицагун ТIагьирица гIумру гьабулеб буго жалГо бетIергьанаб минаялъуб. Эбел-инсул тIалаб-агъазалъе, магIишат нухда бачиналъе моцIгун бащдабгIанасеб зама- налъ хис-хисун гьезда аскIов чIезе Тулаялдаса гIебеде рачIуна васал. ГьабсагIаталда гьезда аскIов вуго Насрудин. ТIагьирил ригьги, кIалъазе гьесие захIмат букIинги, бицараб бичIчIизе бигьалъулеб гьечIолъиги хIисабалде босун, гьесул хIакъалъулъ баянал кьуна ТIавусица ва Насрудиница. Гьез бицаралда рекъон, ТIагьирил халатаб гIумруялда жанир гIунги тIокI рихьулел руго ургъизе тIамулел, щибаб заманалъул хаслъи бихьизабулел, гьанжесеб гIелалъе божизе захIматал хIужаби. ГьитIинаб къоялдаса нахъе гьесда гьарзаго бихьун буго къварилъиги, захIмалъиги, гIакъубаги, ругьунлъун вуго гьел раччизеги, хIехьезеги, гIумруялда жиндирго нухги бакIги батизеги. МагIарухъ ругел гIемериселго гIадин, ТIагьирил эбел-эменги рукIун руго гIадатияб магIишаталда, гIи-боцIиги хьихьун. Амма гьездацин хъинтIун буго хIуригат ккун хадусел соназда кибго букIараб ва лъицащиб гьабулеб бугебали бичIчIулареб ахIвал-хIалалъул гIаркьел. ТIагьировазул рокъоре рачIарал «багIаралищ», «хъахIалищ» лъаларел аскарияз нахъе бачинехъин букIун буго цо бугеб гIака. Биччаларин чIарай эбелалъул ботIролъ тункIил хъундагъ щвезабун буго цояс, гьеб бакIалда гIодой ккун хун йиго гьейги. Хадур тIаде щварал росуцоязда ратун руго гIодой ккараб хIалалда йигей эбелги, гьелъул керен хахулев кIиго сон барав ТIагьирги, аскIов эхетун гьесдаса кIиго лъагIелалъ кIудияв вац ГIумарги (гьев хвана КIудияб ВатIанияб рагъда). Сунца борцунеб гьеб вахIщияб хIужаялъ гьабураб асар, лъураб ругъун? Щакаб жо, гьединаб роцен бати. Гьелдаса хадуб лъималазул тIалаб-агъазги, рукъалъул хIалтIигун магIишатги тIаде босана инсуца (гьес тIокIаб гьабичIо ригьин-цIа) ва гьесул яцалъ. ТIагьирил букIинеселъе гьес лъуна щулияб кьучI – кьуна кьварараб тарбия, куцана хIалтIуде. Гьелде щвезегIанги гIумру гьоцIолъун букIинчIониги, кIиабилеб нухалъ къисматалъ гьев лъикIаб хIалалда цIацIана. ГIахьаллъана 1939 соналда финазулгун букIараб рагъда. ГIорхъода хъулухъ гьабулаго гьениве ккарав ТIагьир рагъда захIматго лъукъана (чанго нухалъ борлъун букIана кIиябго махIу) ва ккана асирлъуде. Госпиталалда финазул тохтурзабаз (гьезул гIаданлъиялъулги махщалилги рахъалъ ТIагьирил кидаго букIана лъикIаб пикру) гIемераб хIалги кьун сах гьавуна ва хадувккун витIана рес бугев финасул магIишаталда хIалтIизе. ЛъикIал шартIазда, ругьунаб хIалтIуда вугониги гьес хIехьечIо асирлъи ва рес батана лъутизе. Амма, заманго иналде, гьев ккуна ва тIад вуссинавуна лагералде. Заманалдасан ТIагьир нахъеги лъутана ва гIемерал лъугьа-бахъиназдаса хадув нахъеги ккана асирлъуде. Гьаб нухалда немцазухъе (гьеб мехалда байбихьун букIана гьезулгун рагъ). Германиялда гьес хисана чанго концлагерь ва 1945 соналда гьев вукIараб лагерь эркен гьабуна американаз. Гьез ВатIаналде унгейин, хIалхьуда тезе гьечIин абулеб букIаниги, асирлъуда рукIарал гIемерисез тIаса бищана гIагараб ватIан, гьезда гьоркьов вукIана ТIагьирги. ТIоцебесеб заманалда, ай 1947 соналде щвезегIан вукIана чIунтараб Донбасс цIи гьабиялъул хIалтIабазда. Цинги Дагъистаналде щведал, хIалтIулев вукIана Бухтиб росдал колхозалъул учетчик- лъун. ЧIегIернакIкIал раккана дагьаб нахъа. Цадахъ концла- гералда вукIарав нилъер цо ракьцоясул баянал мухIкан гьаризе жидерго идараялде хасал органаз ахIарав ТIагьирил цо хIалтIухъанасулгун ккана дагIба-рагIи. Дагьаб хIалуциналде араб гьелъул хIасилалда, тIоцебе анлъго моцIин абулеб букIараб болжалги анлъго лъагIалиде сверизабун, ТIагьирие къотIана туснахъ ва витIана Сибиралде, магIданал рахъулел бакIазде хIалтIизе. Щибго тIаса къотIичIого, анлъабго сонги гьениб бан, тIад вуссана Дагъистаналде. 1957 соналда гьабуна хъизам, гIемерал соназда батIи-батIиял идарабазда (Буйнакск, МахIачхъала) хIалтIана бухгалтерлъун. ЦIикIкIараб ригьалда, хIалхьиялда вугониги, ахирал соназде щвезегIан щиб бугониги гьабичIого чIолароан хIалхьиялда. ГIемераб гIакъуба бихьарав ТIагьирил, гIиси-бикъинал гIузраби рукIун гурони, гьечIо захIматал унтаби. Рагъда лъукъарал махIабаз бизар гьавулев вукIун ккана 85 сонил ригьалда Ветераназул госпиталалде. ТIадежоялъе, гьенив гIодовги ккун вегизе ккана дагьав халатккун. Гьелдаса нахъе унтун больницаялде ккун гьечIо. Низамалда гьесухъе щола тохтурзаби, хал гьабула киналъулго. Рагъул гIахьалчи вугониги, ТIагьирил гьечIо рагъулал шапакъатал, амма гIемер руго хIалтIухъ щварал. Ветеран хIисабалда гьесие чIезабун буго пенсиядул 57 азарго гъурущ ва гьелде тIаде, 2021 соналъул июнь моцIалдаса нахъе щибаб моцIалъ шагьаралъул администрациялъги кьола 20 азарго гъурущ.

         Кинха гьесда кIвараб гьаб ригьалде щвезегIан берцинаб гIамал-хасиятги мадараб сах- лъиги цIунизе, сундулъ бугеб балъголъи? Гьеб суал кьедал, лъадуцаги васасги бицана гьеб бугин гьитIинго лъураб щулияб кьучIалъулги, инсул тарбиялъулги, захIмат бихьун ва гIумруялъго хIалтIун щвараб лъадариялъулги хIасилилан абун.

ГIабаш ГIАБАШИЛОВ