Унтаразухъе кумек хехго щвела

 

   Шагьаразда ва хасго районазда гIадамазул гIарзал камуларо унтаразухъе ахIараб хехаб кумекалъул машина цIакъго кватIун гурони щоларин абун. ГIумруялъе хIинкъи бугел ва заманалда хехаб кумек хIажалъулеб унти чIварал гIадамазухъе гьеб кIиго-лъабго сагIаталдасан гурони бачIунеб гьечIин абун ме­дицинаялъул хIалтIухъабазде гIайибалги гьарула. Медицинаялъул гIуцIабазул нухмалъулезги, хехаб кумекалъул машинаби гIолел гьечIин абун, жидедаго гIайиб гьечIеблъи бичIчIизабула.

    «Медицинаялъул хехаб кумек щве­забиялъул къагIида чIезабиялъул хIакъалъулъ» абураб РФялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъул амруял­да рекъон, хехаб кумек гьабиялъул кIиго къагIида буго. ТIоцебесеб – экстренияб, ай хехаб унти чIварав, хроникияб унти хIалуцарав, ай хвеялда хIинкъи бугев унтарасе кумек гьаби. Экстренияб кумек хIажаталлъун ккола – би чIезабизе бажа­рулареб хIалалда ругел, гIакълуялдаса ун яги хIухьел цIазе кIоларого лъугьа­рал, психикиял унтаби ругел (унтарас жиндиего ва аскIор ругел гIадамазул гIумруялъе зарал гьабилин хIинкъи бу­гони), лъимер гьабизе мех щварал руч­чаби, черх бухIарал, лъукъарал, лугбал рекарал, загьруял жал гьекъон яги ква­нан унтарал. Гьединазухъе хехаб кумек щвезе ккола 20 минуталда жаниб.

    КIиабилеб къагIида ккола нахътIамизе бегьулареб – тохлъукьего унти багъара­ни ва унтарасул гIумруялъе хIинкъиги гьелдаса гьечIони. Гьединав унтара­сухъе хехаб кумек кIиго сагIаталда жа­ниб щвезе бегьула.

    Хехаб кумекалъул рахъ республика­ялда лъикI гьечIеблъи бихьана нилъе­да пандемиялъул заманалдаги. ГIураб къадаралда машинаби гьечIолъиялъ, унтаразухъе жиндир заманалда кумек щоларого захIмалъабиги дандчIвалаан. Пандемиялъул заманалда ДРялъул Сах­лъи цIуниялъул министерствоялъ 14 медицинаялъул гIуцIиялъе хехаб куме­калъул автомашинаби росунги рукIана.

   Нилъер республикаялда гуребги, хе­хаб кумекалъул машинаби гIолел гьечIо улкаялъулго цогидал регионаздаги. Гьелда бан, РФялъул президент Путинил бихьизабиялда рекъон, 2021-2024 сона­зда жаниб улкаялъулго медицинаялъул гIуцIабазе хехаб кумекалъул 5000 авто­машина босулеб буго. Хасго кIвар кьо­леб буго рикIкIадал мугIрул росабалъе хехаб кумекалъул автомашинаби щвеза­риялде.

2025 соналде щвезегIан сахлъи цIуниялъул тIоцебесеб кумекалъе (пер­вичное звено) 6,5 миллиард гъурущ бич­чазе хIисабалде босун буго. Гьеб зама­налда жаниб 700-гIанасеб автомашина босизе буго медицинаялъул гIуцIабазе.

   Дагьал церегIан къоязда, Дагъиста­налъул районазул ва шагьаразул больни­цабазеги кьуна хехаб кумекалъул ва тох­турзабазул хъулухъ тIубалеб 27 машина. «ДРялъул сахлъи цIуниялъул тIоцебесеб звено жакъасеб къоялъул тIалабазда рекъон бачин» абураб программаял­да рекъон, республикаялъул сахлъи цIуниялъул идарабазе автотранспорт кьеялъул тадбиралда гIахьаллъана Дагъ­истаналъул бетIер Сергей Меликовги.

   Районазул ва шагьаразул больница­базе 13 «Газель», 10 «Нива» ва 4 «Лада Ларгус» автомашинаби кьуна.

   Унтарал больницабазде щвезаризеги, унтаразухъе раккизе унел тохтурзаби рекIинеги, цIех-рехазе росулел биома­териалал яги дараби раччизеги хIажатал автомашинабаздалъун хьезаризе ругин медицинаялъул гIуцIабиян лъазабуна ДРялъул сахлъи цIуниялъул министр Татьяна Беляевалъ. 2021 соналда меди­цинаялъул гIуцIабазе кьезе буго 177 ав­томашина.

    Министралъул рагIабазда рекъон, республикаялда сахлъи цIуниялъул тIоцебесеб бутIа цIигьабиялъул мура­далда МахIачхъалаялъул Ленинкент по­селокалда ва Сепараторазул поселокалда базе буго 250 чиясе хъулухъ гьабизе рес бугеб кIиго поликлиникаги.

ПатIимат СУЛТIАНМУХIАМАДОВА