Вакцина ургъаразул хIурматалда     

 

   ГIелмиябгун сахлъи щула гьабиялъул «Журавли» комплексалда «багIараб зонаялда» хIалтIарал медиказегун гIалимзабазе гIуцIараб «Тохтурзаби чIахъаги» абураб реабилитациялъулаб акциялъул кIиабилеб этап ахиралде щвеялда бан тIобитIана гIелмияб конференция. Рехсараб акциялда рекъон, гьеб комплексалъ гьанжелъизегIан къабул гьавуна 1000-ялдасаги цIикIкIун COVID-19 унтуца кIвекIарав сахлъи цIуниялъулгун гIелмияв хIалтIухъан. Конференциялъул заманалда комплексалда рагьана коронавирусалда данде вакцина ургъарал гIалимзабазул ва пандемиялъул заманалда цебесеб кьерда чIун унтуда данде къеркьарал тохтурзабазул хIурматалда памятникги.

 

­   Жакъасеб конференциялда гIахьаллъулел руго Россиялъул батIи­батIиял регионаздаса, хIатта, къватIисел пачалихъаздасацин тохтурзабиги гIалимзабиги. Гьез бицунеб буго ковидалъ унтун хадуб черх загIиплъичIого букIине щиб гьабизе кколебали, кIвар буссинабулеб буго вакцинациялде. Вакцина гьа- биялъул иш нилъер республикаялда дагьаб нахъе ккун буго. Гьаниб гIалимзабаз чIванкъотIун бицунеб буго гьелъул зарал гьечIолъиялъул хIакъалъулъги. Жакъа комплексалда рагьараб скульптураялъул композицияги ккола вакцина ургъарал гIалимзабазул ва ковидалда данде къеркьарал тохтурзабазул хIурматалда лъураб, -ан бицана «Журавли» комплексалъул хважаин М. МухIамадовас.

  ТIадеялъул комплексалда къабул гьаризе руго цереккун ковидалъ унтун рукIарал сахлъи цIуниялъулгун гIелмиял хIалтIухъаби гурелги, сахлъи щула гьабизе рес гьечIел гIадатиял гIадамалги.

 

Темирхан ХIАСАНОВ