Новость на родном

Миллиял театразул байрам

     28 сентябралда ГIурус театралда байбихьана халкъазда гьоркьосеб миллиял театразул кIиабилеб фестиваль. ТIоцебе гьединаб фестиваль тIобитIун букIана 2019 соналда.   Гьеб гIуцIизе квербакъана Дагъистаналъул хIукуматалъ, Культураялъул министерствоялъ ва ГIурус театралъ.    Фестивалалъул тIоцебесеб къоялъ театралъул конференц-залалда тIобитIана жюриялъул гIахьалчагIазулгун журналистазул пресс-конференция. Хадуб театралъул кIудияб залалда букIана фестиваль рагьулеб тадбир, ахиралда гьениб бихьизабуна абхазазул гIолилазул...

Новость на родном

Гумбет районалъул цIияв бетIер

       Гумбет районалъул нухмалъулесул ишал тIуралевлъун тIамуна Гъалип Гъалипов. ГьанжелъизегIан районалъе нухмалъи гьабурав ХIажимурад МухIамадов вищана Халкъияб Собраниялъул депутатлъун.   Гъ. Гъалипов ккола Гумбет районалъул Килалъ росулъа. ЛъугIизабуна ДГУялъул физикаялъул факультет. ХIалтIана росдал школалда физикаялъул учитель- лъун. Гьелдаса хадув хIалтIана республикаялъул Энергосбыталъул компаниялда, цо заманалда вукIана гьелъул нухмалъулевлъунги.

Новость на родном

Горбода мусруги жемун

     Нахъеги авариял, нахъеги нухазда жаназаби. ХIинкъараб, рахIат хвараб ахIвал- хIал бугин республикаялъул нухаздаян абуни, гьеб ккезехъин буго щибниги абизе- го абичIин абураб гIадаб жо. Араб анкьалъул ва гьалъул байбихьуда цоялдаса цоял ракIгъанцIизабурал авариял ккана республикаялда.     26 сентябралда Грозныялда ккараб ДТПялъул киназдаго рагIун батила. «ВАЗ- 21124» маркаялъул машина речIчIана «ГАЗельгун». ГьитIинаб машинаялда жа-...

Новость на родном

Меликовас гIолилазе насихIат гьабуна

         29 сентябралда Избербашалда ахиралде щвана «Каспий -2021» абураб гIолилазул форум. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул нухмалъу­лев Сергей Меликовги. Гьесул рагIабазда рекъон, 2011 соналда «Каспий» ургъун букIана цIакъ кIвар бугеб проект хIисабалда. Гьелъул аслияб му­рад кколаан гIолилазда гьоркьоб гьудуллъи-вацлъи рагIизаби, бу­хьенал щула гьари ва гьунар бугел гIолохъаби тIатинари.    Гьелдаса нахъе араб 10 соналда жаниб...

Новость на родном

Нухал рахъизе ва кьоял лъезе — 1,5 млрд гъурущ

       Исана сентябралда «Безопас­ные качественные дороги» абу­раб миллияб проекталда рекъон, нилъер республикаялъе нухал рахъизе тIадеги 400 млн гъурущ биччан буго федералияб централъ.   Гьедин бицана 28 сентябралда Нухазул федералияб агентство­ялъул нухмалъулесул заместитель Игорем Костюченкогун Батир Эмеевасул ккараб дандчIваялда. ГIаммаб куцалда нухал рахъизе ва кьоял разе Дагъистаналъе Москваялдаса 1,5 млрд гъурущ биччалеб буго (2022...

Новость на родном

Росдал магIишаталъе цIияб къайи-цIа

        29 сентябралда Сергей Меликов дандчIвана Росагролизинг АОялъул нухмалъулев Павел Косовгун. Нилъер республикаялдаги гьеб идараялдаги гьоркьоб къотIи-къай хъвана цадахъ рекъон хIалтIи гьабиялъул мурадалда.    ДандчIваялда гIахьаллъана ДРялъул хIукуматалъул вице-пре­мьер ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовги РФялъул росдал магIишаталъул министрасул гIакълучи Юрий Касованги.    Гьел къотIи-къаязул кIудияб пайда бугин республикаялъул рос­дал магIишаталъеян абуна Сергей Меликовас, документалда гъоркь гъулбас...

Новость на родном

ТIабигIиял балагьазда цебе нилъер загIиплъи

        Араб анкьил ахир цIакъ рахIат хвараб бачIана магIарухъе. 23- 25 сентябралда рарал кутакал чвахунцIадаз кIудияб зарал гьа­буна ЦIунтIа, ЦIумада, ЛъаратIа районазда ва БежтIа участо­калда гIумру гьабун ругел чагIазе. ГIертIиниса тIолеб гIадин, балеб цIадалдаса хадуб, доба-гьаниб цун, кIодолъун бачIараб гIоралъ хвезаруна рагIаллъабазда рукIарал ахал-хурзал, риххи­заруна кьоял, чIунтизаруна нухал, амма гьелдасаги кIудияб за­рал ккана...

Новость на родном

Унтукьа хIинкъунгутIи бахIарчилъийищ?

    Коронавирусалда данде къеркьеялъул оперативияб штабалъул статистикияб баяналда рекъон, 20 сентябралде щвезегIан Дагъистаналда ковидалъ унтун вуго  50699 чи, гьезда гьоркьоса тIуванго сахлъун больницаялдаса рокъове виччана 46574 чи, коронавирусалдаса хваразул къадар – 2429 чи. Статистикаялъул баяназда рекъон, ДРялда 19-20 сентябралда ковидалъ унтана 117 чи, сахлъун больницаялдаса рокъове виччана 140, хвана 7 чи.   Россиялъул регионазда...

Новость на родном

Медицинаялъул гIуцIабазе – 33 машина

    Дагьал церегIан къоязда республикаялъул медицинаялъул гIуцIабазе, хIажатабщинаб къайиялдалъун хьезабураб хехаб кумекалъул 33 автомашина кьуна. МахIачхъалаялъул, Каспийскиялъул ва республикаялъул цогидалги шагьаралгун районазул медицинаялъул гIуцIаби хIажатал автомашинабаздалъун хьезарулеб тадбиралда гIахьаллъана ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулпатахI ГIамирханов, гьесул заместитель Мурад Казиев, ДРялъул сахлъи цIуниялъул министр Татьяна Беляева.     «Жакъа тохтурзабазе кумекалъе щвана хIажатабщинаб медицинаялъул тIагIелалдалъун ва...

Новость на родном

Бугелда шукру гьабизе лъаларо

     Халкъалъул гIумру лъикIлъизабизелъун чанго батIияб миллияб проект, программа хIалтIизе биччан буго нилъер улкаялда. Ахирал соназда гIезегIанго хIалтIи гьабун рагIалдеги бахъана республикаялда.    КвегIенлъаби цIикIкIанагIан араб заманалъухъ угьдилел рукIуна нилъ, жакъа бугелда шукру гьабизе лъачIого.    Дица гьаниб мухIканал баянал кьеларо щиб бутIаялда кигIанасеб хIалтIи гьабулеб бугебали. Пикру гьабулев чиясда гьеб цебетIей бихьула. Амма...