Унтукьа хIинкъунгутIи бахIарчилъийищ?

 

  Коронавирусалда данде къеркьеялъул оперативияб штабалъул статистикияб баяналда рекъон, 20 сентябралде щвезегIан Дагъистаналда ковидалъ унтун вуго  50699 чи, гьезда гьоркьоса тIуванго сахлъун больницаялдаса рокъове виччана 46574 чи, коронавирусалдаса хваразул къадар – 2429 чи. Статистикаялъул баяназда рекъон, ДРялда 19-20 сентябралда ковидалъ унтана 117 чи, сахлъун больницаялдаса рокъове виччана 140, хвана 7 чи.

  Россиялъул регионазда гьоркьоб коронавирус унтиялдалъун бищунго хвел цIикIкIаразда гьоркьоб Дагъистанги (4,79 процент) буго.

  Коронавирусалъ унтаразда гьоркьоб бищунго цIикIкIун хвел ккун буго Краснодар (8,2 процент), Ал- тай (5,31 процент) Красноярск (4,99) краязда, Чувашия республикаялда (6,67 процент), Тульск, Ростов областазда.

  Москва шагьар ва областалда унтаразул къадар цIикIкIараб бугониги, хваразул къадаралъул процент дагьаб буго (1,84 процент).

 Дагъистаналда щайха хваразул къадар цIикIкIунеб бугеб? Унтарас жиндир заманалда тохтурасул кумек тIалаб гьабичIолъиялъищ яги Дагъистаналъул медицинаялъул къуват гIоларогойищ? Гьелъие цо чIараб жаваб гьечIо. Щивас гIайиб цоцазде рехула.

  Къойилго гIадин кьогIал харбал рагIаниги, гьеб унтудаса цIуна­ къайцин нилъецаги гьабулеб гьечIо.

РакIалде ккола нилъер ракIал ругьунлъунцин ратилин гьеб къварилъиялде, къойилго рихьулел хвелазде, унтуца кIвекIулел гьалмагъзабазул чарахварал гьурмазде.

 Пандемиялъул заманалда коронавирусалъ унтун хваразул къавулъе, магIирокъоре, зигараялъе гIадамал гIемер хьвадулел рукIун ратичIони, гьанже гьелъулги кIвар гьабулеб гьечIо. Масала, коронавирусалъ яги цогидаб унтуца хварав чиясул гIагарлъиялъ къварилъи ккараб къоялъго лъазабулеб буго, жидеда зигара базе рикIкIадаса щивго вачIунгеян. Бихьиназул рагIиги гIадахъ босичIого, магIарухъа шагьаралде яги гьениса магIарухъе магIирокъоре унел руго руччаби.

Унтудаса бугеб хIинкъиялдасаги цебечIолеб буго гIадамазда цебе бугеб нич, ругьунаб гIадат. Гьеб мехалда магIирукъ лъугьунеб буго вирусал тIиритIулеб бакIлъун.

Гьединаб бакIалде лъимаде ругел ва чIахIияб ригьалъул руччаби гьукъулеб гIадат билълъанхъизабуни лъикIаб букIинаан.