Чанго къоялъ тIатIалаго ралел чвахунцIадазул хIасилалда, анлъабилеб октябралда биххана Гъуниб- хъала сверун бараб некIсияб къадал цо бутIа. Шамилил абулел кавабазда цураб къед ккола гьеб. Къед биххана битIун туристаз гьелъул видео бахъулеб заманалда. ТарихчагIазул баяназда рекъон, гьеб къадал халалъи ккола анкь нусгоялде гIагарун метр. БакI- бакIалдаса гьелъул биццалъи буго цо метр. Гъуниб-хъала гIурус пачаяс...

