Араб анкьил ахир цIакъ рахIат хвараб бачIана магIарухъе. 23- 25 сентябралда рарал кутакал чвахунцIадаз кIудияб зарал гьабуна ЦIунтIа, ЦIумада, ЛъаратIа районазда ва БежтIа участокалда гIумру гьабун ругел чагIазе. ГIертIиниса тIолеб гIадин, балеб цIадалдаса хадуб, доба-гьаниб цун, кIодолъун бачIараб гIоралъ хвезаруна рагIаллъабазда рукIарал ахал-хурзал, риххизаруна кьоял, чIунтизаруна нухал, амма гьелдасаги кIудияб зарал ккана гIадамазул минабазе. ГIурул рагIаллъуда ран рукIарал гьел риххизаруна щвараб гIоралъ.
Масала, социалиял гьиназда тIибитIизабураб видеоялда буго Агъвалиб гIурул рагIалда цIибараб кIитIалаяб минаялъе гIоралъ гьабурал зарал. Гъоркьан кьучIги чурун, бералда бихьулаго, гIурулъе бегун ана гьеб. Рукъалда аскIобго ччугIа гIезабулеб бакIги, цебе ах-хурги букIун буго гьев чиясул. Гьеб кинабго хъамун ана лъеца. Гьелдаго релълъараб къварилъи ккарал бакIалги гIемер руго магIарухъ.
ТIабигIиял балагьаздаса хадуб канлъиги гьечIого хутIун рукIана, тIадехун бицен гьабуралги малъун, 11 муниципалитеталда гIумру гьабун ругел гIадамал. Гьел ккола кинабниги 118 росулъ вугев 65 азаргогIанасев чи.
28 сентябралда гьезул гIемерисел бакIазде ток кьуна.
Гьелда бан ДРялъул хIукуматалда гIуцIун буго ахIвал-хIалалъулаб центр. Гьелъул данделъи тIобитIана 26 сентябралда хIукуматалъул минаялъуб. Гьениб гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул рахъалъ министр Нариман ГъазимухIамадовас бицухъе, чвахунцIадаз зарал гьабурал районазде 25 сентябралдаго ана кIиго батIияб къокъа. Россиялъул МЧСалъул бетIераб управлениялъулги республикаялъул гьебго министерствоялъулги хIалтIухъаби гъорлъ рукIараб къокъаялъ чIезабуна киб ва кигIанасеб къадаралда зарал ккун бугебали.
КIиабилеб къокъаялда гъорлъ рукIана гIадамазе ккараб зарал лъугIизабизе ритIарал МЧСалъул хIалтIухъаби – республикаялдаса I03 чиги техникаялъул 42 единицаги, гьединго РФялъул МЧСалъул хъулухъалъул 8 чиги техникаялъул кIиго единицаги.
Нагагь хIажалъи ккани, ахIи тIаде щварабго къватIире рахъине хIадурго ругин жеги 3820 чиги, техникаялъул 891 единицагиян абуна ДРялъул МЧСалъул министр Нариман ГъазимухIамадовас.
Бицен гьабулел районазде битIун буго сахлъи цIуниялъул хIалтIухъаби тIад ругеб чанго вертолетги.
Данделъиялъул ахиралда ЦIумада, ЦIунтIа, ЛъаратIа районазул ва БежтIа участокалъул нухмалъулезда лъазабуна лъугьун бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ бицине бакIалъул гIадамазулгун гьоркьоса къотIичIого бухьен кквейин ва гьезул гIумруялъе хIинкъи гьечIел шартIал гIуцIизе тадбирал гьарейилан. Гьединабго магIнаялъул цогидалги тIадкъаял кьуна хIукуматалъул председателасул вице-премьераз ункъабго муниципалитеталъул нухмалъулезе.
ЦIунтIагун БежтIа: Балакури, Исоъ нухазул сипат хвезабуна, кьоял риххизаруна
Бищунго хIалуцараб ахIвал-хIал букIанин абизе бегьула ЦIунтIа районалда. Ункъабго сордо-къо бугин районалда я канлъи, я машинаялъе нухал гьечIогоян хъвана Фейсбукалда Мокъокъ росулъа чияс 27 сентябралъул къаси. ГьабсагIаталда гIемерисел бакIазде канлъи гьабун бугин бицана «Дидойские вести» газеталъул редактор Адам ГIалиевас. 28 сентябралда цо чанго росу хутIун букIана жегиги токги гьечIого.
БежтIа участокалда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ гьадин бицана газеталъе муниципалияб гIуцIиялъул нухмалъулев ХIусен ХIайбулаевас.
-ГьабсагIатги тIаде гирун рачIунел гьарчалги, зама-заманалдасан ччукIун рачIунел гIеркъалги руго. Гьелъ квалквал гьабичIогоги хутIулеб гьечIо. Нижеца, тIоцебесеб иргаялда, кIвар кьуна республикаялъул даражаялъулаб шагьранух къачIаялде. ГьабсагIатги хIалтIулеб буго чанго техника. Республикаялъул МЧСалъул хIалтIухъабиги рукIана рачIун хал-шал гьабизе, амма зарал кканщинаб бакIалде рагIа-ракьанде щун хал гьабизе санагIат ккечIо гьезул, гIаммаб сураталъухъ берги речIчIизабун, нахъ руссун ана.
Балакури абулеб кIкIал буго БежтIа росдадаса тIадегIан, Шулъгел мегIералда (Богосский хребет) гъоркь бугеб бакI. Гьениб саламатаб росу гIун буго ахираб заманалда, 100-ниги цIараки батила. Гьениб кканин абизе бегьула бищун цIикIкIун зарал. Росу къотIун унеб лъар кIодолъун, гьелъ рагIаллъабаздаса гIебеде ругел минабазе къварилъи гьабуна, нухал хвезаруна.
Гьединго чвахунцIадаздаса хадуб зарал ккана Исоъ росдаеги – хун руго нухал. Кьоял руго иххица жагъал гьарун, цо-цо бакIазда дал-далун хутIун.
150 метралъул манзилалда хвезабун буго ЦIунтIа районалде унеб шагьранухги. Къокъаб хIасил, гIураб зарал ккана БежтIа у ч а с т о к а л д е х у н . Гьелъул мухIканаб цIех-рех гьабун, смета хIадуризе буго. Амма гIарац кигIандай щвелаян абураб суал бугоха жеги захIматаб. Лъаларо, хIукуматалъул резервалъулаб фондалдагIаги букIинарищ гьенибе биччазе гIураб гIарацали, -ян абуна ХIусен ХIайбулаевас.
ЛъаратIа ток кьуна.
ЧIиркъатIагун Рулдаб – кIудияб балагь
28 сентябралде ЛъаратIа районалъул киналго росабалъе ток кьунин бицана райгазеталъул редактор Расул Абакаровас. Кирехунго гIадин, жидер гьенирги нухал хвезарунила гьалагаб цIадаца. Гьанже гьениб хIалтIулеб рагIула техника.
КIудияб зарал ккана Гумбет районалъул ЧIиркъатIа росулъа Сагитов Сагитиласул хъизамалъе. Доба-гьаниб цун бачIунеб гьалагаб ихх кIанцIана гьесул минаялъубе. Сагитиласдаги гьесул хъизан-лъималаздаги кIвана гьениса къватIире рорчIизе, амма мина тIубанго чIунтизабуна. Киналго рукъзабахъе кIанцIун, лъеца хвезабун, нахъе щибго хутIичIо гьесул къайи-цIаялъул. Гьанже гьесул мина жаниб гIумру гьабизе бегьулел шартIазда гьечIо. РакIалдаго гьечIеб балагь ккараб хъизамалъе садакъаялъе гIарац бакIарулеб буго. Кумек гьабизе бокьарал гIадамаз гIарац рехизе бегьула гьаб хадусеб счеталде 5469600017357906 яги гьаб номералде +7988-270-70-61.
Гьелдасаги ракIгурхIараб лъугьа-бахъин ккана 26 сентябралъул къалъул гIужалда ЧIарада районалъул Рулдаб росулъ. ЦIадаца жагъал гьабураб басриябго минаялъул къедги биххун, гьелда гъоркье ккун, ГIириб росулъа 45 сон барав чи хвана гьенив. Биххун араб минаялда цебе машинаялъув гIодов чIун вукIун вуго гьев гъарим. НуцIа рагьулев вукIарав машинадул бетIергьан, гьелда жаниве гIодов чIезе вачIунаго, хехго нахъе кIанцIеян ахIулеб гьаракьги рагIун, чIаго хутIана, гьесул сапарцояв гьалмагъ абуни къадаралде щвана.
Гьединаб лъалкI тана тIабигIияб балагьалъ магIарухъ. ГIодоблъиялдаги гьелъ рахIат хвезабичIого хутIичIо. Сулахъ гIор цIакъго гьалаглъун букIиналъ, сверухъ росабазе хIинкъи буго. Гьединлъидал, нагагь хIажалъи ккани, нахъе гочине хIадурго рукIаян лъазабун буго Гъизилюрт районалъул администрациялъ Гъоркьияб Чирюрт, Кироваул, Чонтаул, СултIанянгъиюрт ва Нечаевка росабалъ гIумру гьабун ругел гIадамазда.
Ашахан ЮСУПОВ