Новость на родном

Республика-багIараб кьералдалъун

  18 октябралда ДРялъул нухмалъиялда тIобитIана коронавирус тIибитIунгутIиялда бан гIуцIараб оперативияб штабалъул данделъи.  ДРялъул бетIерасул официалияб сайталда хъвавухъе, Сергей Меликовас бицана «Стопкоронавирус.рф» абураб сайталда араб анкьалъ тIолабго улкаялдаго бугеб хIал багIараб кьералъ бихьизабулеб букIанин. Гьелъул магIна кколила вакцинацияги тестированиеги нилъер гьаниб гIураб къадаралда гьабунгутIи. КигIан гIарац биччаниги, гьеб рахъалъ план тIубалеб рагIуларо. Масала, риидал ПЦР-анализал...

Новость на родном

Бекилалде бухьун лъикI бетIер

    ГьабсагIаталда халкъалъул 46 миллион чияс гурони вакцина гьабун гьечIо. Гьеб буго цIакъго дагьаб къадар. Гьединлъидал улкаялда коронавирусалде данде къеркьезе вакцина гьаби хIалуцинабизе ракIалда буго улкаялъул нухмалъулезда. РФялъул сахлъи цIуниялъул министр Михаил Мурашкол рагIабазда рекъон, улкаялда вакцинаялъул рахъалъ щибго къварилъиги гьечIо. «ХIажатаб къадаралда вакцина битIун буго щибаб регионалде. Гьединлъидал щивав чиясда тIадаб буго гьеб...

Новость на родном

Грипп тIагIун гьечIо

Цо-цо мехалда ракIалде ккола коронавирус баккаралдаса гриппа­ лъул вирус тIубангодай тIагIарабилан абун. Ахираб заманалда корона- вирусалъул гуреб, гриппалъул хIакъалъулъ бицунеб яги унтун ругин абулебго рагIуларелъулха. Коронавирус баккаралдаса цогидал унтаби щай кIочон тарал? Щибаб соналъул ихдал ва хасалихъе тIибитIулеб букIараб грипп кибе араб? Роспотребнадзоралъул нухмалъулей Анна Поповалъ «АиФ» газе- талъе кьураб баяналда хъвалеб буго: — ТIаде...

Новость на родном

Дур тIахьал цIаличIеб хутIанадай рукъ?

        Хириял «ХIакъикъат» газета цIалулел. Жакъа нижеца кьолеб буго нилъерго гIагарав, къанагIатаб махщалил хъвадарухъан, магIарулазул машгьурав прозаик Муса МухIамадовасе сайигъат гьабураб чанго гьумер. Араб гIасруялъул 60— абилел соназдаса байбихьун гьесул тIехь цIаличIебги, хвел гьечIел Мусал асараз ракIал пана гьаричIебги росу-рукъ, гъансито хутIун батиларо магIарухъ.Исана чIаго вукIаравани Мусал гIумруялъул тIубалан 95 сон. ЦIакъ...

Новость на родном

«Я дун, я эбел суризарулеб жо гьабугеян малъулаан инсуца»

     Муса МухIамадовасул кIиго васасул цояв ккола Жамбулат МухIамадов — «Лезгинка» ансамблялъул нухмалъулев. Дагьалъ цеве Аллагьасул къадаралде щун, гIумруялдаса ватIалъана цогидав вас — МахIач. Гьес гIезегIан мехалъ нухмалъи гьабуна республикаялъул газетазулгун журналазул комплексалъе. Гьаниб гъоркьехун кьолеб гарачIвариялда Жамбулат МухIамадовас ракIалде щвезабулеб буго жиндиргоги вацасулги лъимерлъи, машгьурал эбел-инсул цоцаздехун букIараб бербалагьи. — Жамбулат, цоцахъа рахъи...

Новость на родном

Авартеатр — басриябги цIиябги

     Дагъистаналъул Культураялъул министерствоялъ лъазабураб рагьараб конкурсалда рекъон, Авартеатралъул директорлъун вищана МухIамад БисавгIалиев. Гьеб цIияб хабар лъана араб итни къоялъ. 5 октябралъ, ай хадусеб къоялъин абуни, цIияв директор хъулухъалде тIамулев вукIин бицине, коллективалъул гьесул лъай-хъвай гьабизе Авартеатралде ячIун йикIана, ДРялъул культураялъул министралъул заместитель Мадина Жаватханова. Директор хIисабалда цIияв вугониги, Авартеатралъе жив цIияв, чиярав вукIинчIин...

Новость на родном

ТIадаб налъи мустахIикъаб куцалда

        4 октябралда «Замана» газеталъул редакциялда тIобитIараб данделъиялда ДРялъул рагъулав комиссар Дайитбег Мустафаевас бицана ха­салилаб призывалда хурхун бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ. Гьесул рагIабазда рекъон, исана ихдалилаб призывалда Дагъистаналдаса рагъулаб хъулухъалде ахIизе кколаан лъабазаргогIанасев гIолохъанчи. Гьеб планги тIубана 100 проценталъ.          Хасалил призывалда тIолабго Рос­сиялдаса ахIизе ккола 126 азарго призывник (гъоркьисаялде дандеккун гьеб къадар дагьаб...

Новость на родном

НКОязул форум

     «Каспий» санаториялда тIобитIана Россиялъул югалъул коммерциялъулал гурел гIуцIабазул (НКО) лъабабилеб форум. Исана гьелда гIахьаллъи гьабуна Россиялъул анкьго регионалдаса 300 чияс. Гьезда гьоркьор рукIана Дагъистаналъул 30 муниципалияб гIуцIиялдаса 50 НКОялъул вакилзабиги.     Форум рагьиялъул тадбиралда гIахьаллъана ДРялъул миллияб полити­каялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимов, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул комитеталъул председатель Анатолий Карибов, ДРялъул...

Новость на родном

Интернеталдасан терроризм гьукъизин

    Дагьал церегIан къоязда Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тIобитIана интернеталдасан терроризм тIибитIизабиялде информациялъулаб дандечIеялъул суалазда тIасан семинар. Данделъи рагьулаго, ДРялъул информациялъул ва печаталъул министр ГIумаргIусман ХIажиевас бицана интернеталдасан терроризмалъул пикра­би тIиритIизариялде данде гьабулеб хIалтIул гIолеб гIелалъе ва улкаялъул букIинеселъе бугеб кIваралъул хIакъалъулъ.   Данделъиялда гIахьаллъана «Дагъистан» РИАялъул директор МухIамад МухIамадов, ДРялъул бетIерасда...

Новость на родном

ГIияхъабазе-субсидия

     Гьал къоязда сапаралъ Москваялда вугев республикаялъул росдал магIишаталъул министр БатIал БатIалов дандчIвана РФялъул росдал магIишаталъул министрасул тIоцевесев заместитель Жамбулат Хатуовгун ва гьебго министерствоялъул боцIухъанлъиялъул ва тайпадулаб гIи гIезабиялъул рахъалъ Департаменталъул нухмалъулев Дмитрий Бутусовгун.   Нилъер республикаялда гIи-боцIухъанлъи цебетIеялъул хIакъалъулъ бицана гьез.    Улкаялда гIиял гьан хIадур гьабиялъул ва гIи-цIцIани цIикIкIинариялъул рахъалъ цебесеб кьерда...