«Я дун, я эбел суризарулеб жо гьабугеян малъулаан инсуца»

 

   Муса МухIамадовасул кIиго васасул цояв ккола Жамбулат МухIамадов — «Лезгинка» ансамблялъул нухмалъулев. Дагьалъ цеве Аллагьасул къадаралде щун, гIумруялдаса ватIалъана цогидав вас — МахIач. Гьес гIезегIан мехалъ нухмалъи гьабуна республикаялъул газетазулгун журналазул комплексалъе. Гьаниб гъоркьехун кьолеб гарачIвариялда Жамбулат МухIамадовас ракIалде щвезабулеб буго жиндиргоги вацасулги лъимерлъи, машгьурал эбел-инсул цоцаздехун букIараб бербалагьи.

— Жамбулат, цоцахъа рахъи гьарун, цIализе ралагьулаан гIадамаз дур инсул тIахьал. Гьелдаса кинабгIаги пахрулъи букIунаандай гьесул? Гьединго рокъов кинавлъун дуда гьев ракIалда чIарав?

   — Гьединав машгьурав, гIемерал тIахьал къватIире риччалев хъвадарухъан вукIаниги, хъизамалъеги заман батулаан инсуда. ГьитIинаб къоялдаса нахъе дида ракIалда буго, МахIачги дунги рачун, къойилго ралъдахъе хьвадулаан гьев, куцалаан нижелъ лъикIаб гIамал.

 Гьаракь борхун цониги нухалда нижеда кIалъарав чи гуро эмен. Гьес кидаго абулаан, вореги, нужеца я дун, я эбел суризаругейила гIадамазда цереян.

  ГIумруялда жаниб щиб къварилъи бихьаниги, вореги, нужеца гIадамазда тIасан чорокал гIарзал хъваге, мацIал гьаругеян малъулаан гьес.

  Гьесул гIумруялъул хIалбихьи букIана. ГIамал-хасияталъул рахъалъ жиндие данде кколарев чи вугони, расги жоги абичIого, инсуца гьев рикIкIад толаан. ГIагарал чагIиги цIакъ рокьулаан гьесие, лъималазул лъималги, вацазул лъималги. Мадугьалзабазулгунги лъикIаб гьудулгьалмагълъи букIана.

  Рокъоб инсул лъиениги кинабгIаги зарал букIунароан. Ахиралда инсульт ккедал, кIалъазе санагIалъи букIинчIо гьесул. Гьеб мехалдагицин живго жинцаго тIувазе хIаракат бахъулаан гьес.

  Инсуца нижеда малъулаан гIадамазул адаб гьабизе, гьезда гьоркьор гIадатияб куцалда рукIарахъине. Гьев живгоги вукIиндалха цIакъ гIадатияв чи. Гьесулъ кутакалда цебе рехун бихьулеб жо букIана киназдаго: СССРалъул Хъвадарухъабазул союзалъул член, гIемерал шапакъатал ругев машгьурав хъвадарухъан – амма живго хIатталдаса ун гIадатияв, рецц-бакъ къваригIунарев, жинда сверухъ кинабгIаги ахIихIур хIажат гьечIев чи гьев вукIин. ХIурматалъул гIаламат кьолеб мехалдацин, жив гьеб босизе цодагьалъ хадув (киналго нахъе араб мехалда) вачIине бегьуларищан гьикъун буго гьес.

  Гьесие бокьулароан телевидениялъе, газетазе интервьюял кьезе, гьале дунилан, цеве вахъине.

   Гьев кидаго гьимулевго гьимулев вукIунаан. Росулъ, гьитIинаб мехалда, дун хIамида рекIине ругьунлъунилан, лъимер гIадин вохун, чIухIун вукIана эмен. Дие гьеб росдал гIамал, рукIа-рахъин рекIее гIолеб бугилан абураб пикру букIун батиларищха гьесул.

  ГьитIинго бигьаяб гIумру букIинчIолъиялъ, гIиси-бикъинаб жоялдасагицин рохел букIунаан гьесул. ЦIакъ къимат гьабулаан богIоллъиялъул. Дагьаб жоялда гIейги гьабун чIолаан. Масала, гьесул анищлъун букIинчIо модаялда бугеб, хирияб машина боси. ХIалтIизе гIурал шартIал ругони, гIун букIунаан гьесие. ГIадамалгун гара-чIваризе, гьудулзабигун дандчIвазе щваниги, мурад тIубалаан. Гьеб гьудуллъиги цо-кIиго къоялъе гуреб, тIубараб гIумруялъего гьабулаан инсуца.

МагIарул мацIги агъал хIубазулъе щун лъалаан инсуда. ЛъикIаб даражаялда лъалаан гIурус мацIги. Литинститут гьес тIокIлъиялда лъугIизабидалха.

  Кваназе столалда нахъа гIодор чIараб бакIалда эмен вугони, дунги МахIачги дагьал рахIатхварал гIадин лъугьунаан. Гьесул ракI рекъолареб жо щибдай бугеб, школалда нижер цIалуда хурхун кинаб къиматдай гьес кьелаян, халккун чIун рукIунаан ниж. Эмен нижеде киданиги вагъулароан, амма гьесда лъалаан ниж нечолеб куцалда, хадубккунги нижеца жиндир адаб рехун толаредухъ хабар бицине. Гьесул рагIудаса хадур кутакалда намуслъизе бачIунаан. Рачлица яги тIилица рухиялдасаги цIикIкIараб асар гьабулаан гьелъ.

  ГIумруялъ инсул жиндехунго рукIарал тIалабалги рихьулаан нижеда. Масала, дида цониги нухалда эмен вихьичIо гьекъон яги гIадамазе дагIба-рагIи гьабулев. Кидаго къартIалда, вацIцIа-вакъадго вукIунаан.

  Кинабго жо гIуждаги мухIкангоги гьабизе бокьулаан гьесие. Кивениги сапаралъ вахъунев вугони, масала, Переделкиноялде унелъул, нусго нухалъ балагьулаан гьев эбелалъ кинабго хIажатабщинаб къайи цадахъ лъун бугищали, цинги цевеккунго унаан вокзалалде яги аэропорталде, мухIканлъизабизе ккараб жо бугодаяли балагьизе.

  Гьес гьоркьоб течIо цониги какги. Гьелги инсуца ралаан лъиениги зарал, къварилъи кколареб куцалда, сверухъ ругезда лъан-лъачIого. Доб мехалдани гьеб балъгоги гьабулаан (идеология батIияб букIиналъ). Гьединлъидал дида эмен вихьулаан яги хъвадарулев яги какал ралев. ЦIакъ берцинаб хатIги букIана гьесул. Тира-сверизе къватIиве вахъарав чи, цониги пикру ракIалде бачIани, хехлъи гьабун, къалмиде гьеб босизе вачIунаан. Цинги цIидасан тира-сверизеги унаан.

— Гьелгощинал асаразе сюжетал кисадай гьес росулаан?

 — Инсул ракI цIалеб бакIлъун букIана росу ва гьелъул гIадамал. Гьесда ракI-ракIалъ ричIчIулаан гьел. Гьесие кутакалда бокьулаан росуцоязулгун накъиталда вукIине. Гьезги рицунел рукIун ратиларищха гьесие батIи-батIиял лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ.

  ТIокIкIун лъалаан росдал гIумруги. Лъаларел цо-цо жал баян гьарулаан. Гьелъги квербакъулаан инсуца гъодинал асарал хъваялъе. Росулъе-нахъе унелъул, гIезегIан мехалъ мугIрузухъ балагьун чIолаан гьев машинаялъуса къватIивеги вахъун. Гьеб мехалдаги ургъулев вукIун ватиларищха цониги къисаялда гъорлъ лъезе пикруялда тIад. МагIарул тIабигIат гIемер рехсолеб бугелъул асаразулъ.

  КIиабизе бугони, инсухъе рачIунаан гIорхъолъа ун гIемерал кагътал. Почтальоналъ дунги МахIачги гъоркье ахIулаан гьел росизе. Цо нухалда кагътазул хачIги кодоб ккун, дица вацасда абуна, МахIач, рачIа нилъеца гьал кагътал гIодоре разе, инсухъа кида гьал цIалун рахъунелин абун. Амма инсуда гьеб лъайдал, гьесие цIакъ бокьичIо. Жинца щибаб кагътие жаваб кьезе кколин лъазабуна гьес нижеда. Гьедин гьабизеги гьабулаан. Цояз инсухъе хъван бачIунаан дуца кинабалиго тIехьалда хIарп-хIарпккун жидер къисмат бихьизабун бугилан. ГIолилазги хъвалаан, чIахIиязги хъвалаан, гIисиназги хъвалаан. Гьезул щивасе данде жаваб инсуцаги битIулаан. Цо-цоязе тIахьалги ритIулаан.

   Гьединго рукIана инсухъе жидерго къисматалъул бицун хъвадарулелги. Хадурккун гьел лъугьунаан къисабазул сюжеталлъунги. Къойилго ралъдахъе хьвадулаан гьев. ГIезегIан гьудулзаби гьенирги рукIана гьесул. Жидерго ккара-тараб яги цогидазул рагIараб гьезги бицунаан инсуда.

— Гьесие хъвадаризе щиб мехалда бокьулеб букIараб? Цо-цоязде шавкъ къаси сардилъ, цогидазде рогьалилъ щолин бицунелъул.

  — Инсуе кутакалда бокьулаан хасел. Гьединлъидал хъвадаризеги гьев аслияб куцалда хасало хъвадарулаан. Щай гьесие хас гьабун хасел бокьулеб букIарабали лъаларо. Хасало гIемер Переделкиноялде унев вукIиналъгIаги батила. ГIурус ракьалда кутакаб гIазуги бан, хIатталдаса ун берцинаб хаселлъидалха букIунеб.

— Машгьурав хъвадарухъанлъун вахъиналде, районалъул газеталъул редакторлъунги вукIанагури гьев?

  — Гьеб мехалда гьесул корреспондентлъун вукIун вуго МухIамад ГIабдуразакъов. Гьесул лъайги бажариги бихьун, инсуца МахIачхъалаялде хIакимзабазухъе кагъат хъван буго гьев кутакалда цеветIурав вас вугин, хIисабалде босеян. Гьелеха, гьелдаса хадув ГIабдуразакъов МВДялъул министрлъун вахъана. Гьелъухъ инсуе кидаго баркала кьолев вукIунаан МухIамад.

  Гьесдехун гуребги, гьунар бугел киналго гIолохъабаздехун букIунаан инсул гьединаб бербалагьи. ЖахIда-хIусудги букIунароан. Гьелъул гIаксалда, жинхъа бажарараб кумек гьабулаан.

— КIиялго халкъиял (хъвадарухъанги поэтессаги) ругеб хъизан цохIо нужер букIанаха…

   — ГIамалалъул рахъалъ гьел батIиял рукIана. Эбелалъул букIана гьелегьараб цIа гIадаб, хехаб гIамал. Эмен вукIана гIодове виччарав, сабурав. Амма кутакалда данде кколаан гьезул. Дида киданиги бихьичIо гьел цоцалъ къацандулел яги барщун. ГIодове виччараб гIамал букIаниги, инсул букIана жиндирго пикруги рагIиги. Творчествоялъул рахъалъги цоцазе цIакъ кумек букIунаан гьезул. Инсуца жиндирго асарал тIоцере эбелалъе цIалулаан. Гьелъги жинда рекъон рихьичIел бакIал хисизарейин абулаан.

— Хадубккун нужеца махщел тIаса бищулелъул тIадкIалъай букIунаанищ гьезул?

  — Эбел-инсуе бокьун букIана МахIач гуманитарияб рахъалдеги ун, хъвадарухъан вахъине. Гьединлъидал филфакалде цIализеги ана гьев. БагIараб дипломалда лъугIизабуна гьес гьебги Москваялда аспирантураги.

  Дун экономистлъун цIализе лъугьунелъул, инсуца кIудияб дандечIейго гьабичIо. Амма хадув дун искусствоялда, хореографиялда гъорлъе вачIиндал, гьеле гьеб иш дур бугин, гьев кутакалда вохун вукIана. Эбелги разилъана.

   МахIач банкалде хIалтIизе лъугьиндалги рекIее гIечIо инсуе. Гьеб иш нилъер жо гурин, гьелъ нилъ цо къваригIел гьечIеб бакIалде ккезаризе рес бугин абуна гьес вацасда. Гьединлъидал лъикI ккана МахIач, жиндир заманалда банкги тун, басмаханаялде вачIин. Инсуда гьединал жал хIаладаго лъалаан.

Гара-чIвари гьабуна Зульфия ХIАЖИЕВАЛЪ.