Грипп тIагIун гьечIо

Цо-цо мехалда ракIалде ккола коронавирус баккаралдаса гриппа­ лъул вирус тIубангодай тIагIарабилан абун. Ахираб заманалда корона- вирусалъул гуреб, гриппалъул хIакъалъулъ бицунеб яги унтун ругин абулебго рагIуларелъулха. Коронавирус баккаралдаса цогидал унтаби щай кIочон тарал? Щибаб соналъул ихдал ва хасалихъе тIибитIулеб букIараб грипп кибе араб? Роспотребнадзоралъул нухмалъулей Анна Поповалъ «АиФ» газе- талъе кьураб баяналда хъвалеб буго:

— ТIаде щвараб гриппалъул эпи- демиялъулаб сезоналъул руго жин- дирго хаслъаби, гьединлъидал гIалимзабаз, специалистаз, диргун ишцояз лъикIаблъун бихьизабулеб буго гриппалде данде улкаялъулго халкъалъе прививка гьабизе. Щибаб соналда рахунел унтаба- зул сезоназул заманалда тIоритIулел гриппалъул эпидемияз дунялалъул- го гIадамазул 5-10 процент унтула. ВОЗалъул баяназда рекъон, грипп унтудаса санайил 650 000 чи хола. 2021-2022 соназул хаслихъегун хасалил заманалда грипп, ОРВИ унтаби рахиналъул рахъалъ хIинкъи цIикIкIараб буго. Гъоркьиса гьадинаб заманалда грипп унти бахиналъул хIужаби гIемер рукIинчIо. Гьелъие гIиллаги буго доб мехалда гIемерисезе вакцинация гьабун букIин ва унтудаса цIуниялъул масъалаби тIуран рукIин. Масала, гIадамаз маскаби ралел рукIана, дезинфекция гьабулаан, цоцазда аскIоре къачIого, манзил цIунулаан. Исана грипп унтул тIоцересел хIужаби август моцIалдаго тIатана. Гриппалъул чанго багъари сен- тябрь моцIалдаго къотIинабуна. Гьеб кIиябго моцIида жаниб «Век- тор» ГНЦ ВБялъул лабораториялъ РФялъул 18 субъекталда А(Н3N2) гриппалъул 100 лъугьа-бахъин тIатинабуна. Грипп кидаго де- кабрь-январь моцIазда багъарулаан. Ахираб 10 соналда жаниб исана тIоцебесеб нухалда буго гьадигIан хехго гриппалъ унтаразул къадар цIикIкIунеб. А гриппалъул вирусалъул кIиго штамм хисун буго. ВОЗалъул баяназда рекъон, гриппалъул вакцинабазул штаммазулъги хиса-басиял гьарун руго. Цереккун гьединал штаммал дандчIвалароан, гьедин- лъидал гьелде данде гIадамазул им- мунитетги гьечIо. Лъабабизе бугони, гриппалъ ун- тиялда хIинкъи бугел, иммунитет загIипал гIадамазул къокъабазде тIаде жеги цоги къокъаги бачIун буго. ЦIех-рехазул баяназда рекъон, грипп бахиналда хIинкъи буго коро- навирусалъ унтаразеги. COVID-19 унтаразул иммунитет гриппалде данде къеркьезе ккани, гIумруялда хIинкъараб хIал лъугьине рес буго. Кинха гьебгун къеркьелел? Гьеб ахIвал-хIалги цебечIун, нижеца хIукму гьабуна, гьаб сезоналда улкаялъул халкъалъул 60 проценталъе гриппалде данде ва унтиялда хIинкъи бугезда гьоркьоса 75 проценталъе прививкаби гьаризе. Гриппалъул вирус тIибитIизе байбихьилалде, нилъго ва гIагарлъи цIуниялъе вакцина гьабиялъе бищунго санагIатаб ва лъикIаб заман буго сентябрь-ноябрь моцIал. Лабораториял цIех-рехазда рекъон, гьаб заманалда тIиритIулел руго гриппалъулал гурел (этиологии) унтабиги, парагриппалъул вирус, аденовирус ва цогидалги сезоналъул ОРВИял. ГIемерисез цIехола, гриппалъулги коронавирусалъулги вакцинация кин гьабизе кколебин абун. Цояб унтуде данде вакцинация гьабун моцI араб мехалда гурони цогидаб гьабизе бегьуларо. Россиялда гриппалде данде чIобого гьабула гIемерал соназ хIалбихьараб, нилъерго вакцина. Исана нилъер гIадамазе квадрива- лентная вакцинаги щвезе рес буго. Гьелъ гриппалъул вирусалъул ункъо батIияб тайпаялдаса цIунула. Ахираб лъабго анкьида жаниб ОРВИялъул, гриппалъул эпидемия тIибитIун буго РФялъул 62 субъекталда. Гьединаб ахIвал-хIал ноябралъул ахиралда яги декабралъул байбихьуда гурони букIунароан. Гьаваялдаса рахунел унтабаздаса цIуниялъе маскаби разе, гIадамал ругеб бакIалде рахъинчIого чIезе ва дезинфекция гьабизе ккола.

П. СУЛТIАНМУХIАМАДОВА

11 октябралда гьарурал цIех-рехазул баяназда рекъон, Россиялда гриппалде данде прививкаби гьаруна 25,66 миллион чиясе (улкаялъулго гIадамазда гьоркьоса 17,6 процент), гьезда гьоркьоб 6 миллион лъимадуеги.