Новость на родном

Бищун ковид тIибитIаразда гъорлъ Дагъистанги

  25 октябралде ругел баяназда рекъон, ахираб кIиго анкьида жаниб СКФОялда коронавирусалъ унтун вуго тIадеги 17 азарго чи (6,3 процент). Унтул хъвай-хъвагIай гьабуразул гIаммаб къадар ккола 284 азарго чи. Бищун гIемер унтизе байбихьун руго Cтаврополь краялда, Дагъистаналда, Кабардино-Балкариялда. Гьедин бицана 26 октябралда тIобитIараб СКФОялъул субъектазул бутIрузул данделъиялда.   Оперштабаздаса харбал     Гьеб округалда Россиялъул...

Новость на родном

Шамилил цIаралъулцин нилъей бугеб баракат

    Турциялда ругел миллатцоязухъ дагъистанияз бараб гьоболлъиялъул байбихьи, «РакI соролеб асаргун» абураб цIаралда гъоркь, цебесеб номералда бахъун букIана. Анкараялъул паркалда Шамилил бюст лъолеб къоялъ хIакъикъаталдаги бихьана имамасул къимат гьениб хIукуматалъул даражаялда гьабулеб букIин. Жидер улкаялда Шамилил цIар цIакъ гIемер васазе кьолинги абуна гьеб тадбиралда кIалъалаго Энвер Демирица. Дагъистаналъулги Турциялъулги гимн кIодо гьабун эхетаразул мухъилъ...

Новость на родном

ХIамзат имамги къадизабиги

      Республикаялъул магIарул газеталъул редакторасул заместительлъун хIалтIулев вукIарав журналист ва хъвадарухъан Хунзахъ районалъул Сивухъ росулъа мунагьал чураяв ТIагьиров МухIамадица миллияб тарихалъулги тарихалда лъалкI тарал машгьурал магIарулазулги хIакъалъулъ гIезегIан асарал хъвана. Гьев вукIана миллатги хирияв, миллатчилъиги рихарав, гIагараб халкъалъухъги ракьалъухъги рокьи ккарав чи. Гьанжеялдаса 25 соналъ цебе ТIагьировас къватIибе биччан букIана «НурмухIамадил МухIамадил биценал» абураб...

Новость на родном

Лъорониб лъун кьегIер хинлъизабурав

  Мусаласул АхIмад ракIалде щведал рачIарал пикраби   «ГIи баркат бугеб боцIи буго, дир вас, алжаналъул боцIийилан абула гьезда. Гьанги гьезул, квасги гьезул, хIанги гьезул. ГIи рехун тоге дуца, мун гьелдаса пашманлъиларо». Муса МухIамадовасул машгьураб «Къисас» абураб романалда херав вехь Дарбишица Салимиде аманат гьабун абурал рагIаби гIемерал ракIалде щола гIумрудул нухда.    Вехьасул гIумру дие...

Новость на родном

РакI соролеб асаргун

     Октябрь моцIалъул 7-17 къояз Дагъистаналдаса кIудияб къокъаялъ гьоболлъи бана Турциялда ругел миллатцоязухъ. Анкараялда тIобитIулеб, Дагъистаналъул ва Турциялъул тарихалъулгун маданияталъул хIакъалъулъ бицунеб симпозиумалда гIахьаллъи гьабизе ахIун рукIана Дагъистаналдаса хIукуматалъул вакилзаби, Халкъияб Собраниялъул депутатал, культураялъул церехъаби, тарихчагIи, машгьурал спортсменал, журналистал ва жамгIиял хIаракатчагIи.      Сапаралъул хIакъалъулъ гIатIидго бициналде, байбихьуда баян кьела тадбиралъул ва гьеб...

Новость на родном

Араб батуларо…

       Ихдал хур бекьизеги, хаслихъе бачIин бакIаризеги кколеблъи лъидаго лъала. МагIишат гьабизе кколелъулха. МагIишатияб рахъалдаго цадахъ щивав чиясе хIажалъула «рухIияб квенги». Гьебин абуни жакъа мукъсанлъун унеб буго, нилъер хьвада-чIвадиялдаги гIамал-хасияталдаги тIад хIур бетизабулеб заман букIиналда бан. Амма заман гьадинаб бугинги абун, гьелде гIайибги рехун нилъ чIани, кинаб нухдедай ккела гIун бачIунеб гIел, нилъер...

Новость на родном

МагIарухълъи цIунизе бокьун батани

  «МагIарухълъи цIунизе кколин ахIи балелги рукIун, цо-цо тIадчагIаз магIарухълъиялдехун тIаса-масагояб бербалагьи гьабиялъул магIна щиб?» — абун гьикъулеб букIана ГъазимухIамадица, заводалда жаниб нижее экскурсия гьабулаго. Сезоналъул лъабго-ункъо моцIида жаниб консервазул 3 млн шартIияб банка къазе кIолеб къуваталда букIараб Харахьи завод ккола гьеб. 12 соналъ чIун хутIиялъги, гьелде щвезегIан пачалихъалъул квер тIаса иналъги, тIатIала ккезе байбихьараб...

Новость на родном

Дагъистаналдаги QR-код

    Итни къоялъ ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIана коронавирусалде данде къеркьолеб оперативияб штабалъул данделъи. Роспотребнадзоралъул ДРялда бугеб управлениялъул нухмалъулев Николай Павловас лъикIаблъун бихьизабуна цо-цо идарабазда QR-кодал хIалтIизаризе ккелин абун. Гьесго абуна 65-ялдаса тIаде сонал рарал, вакцина гьабичIел хIалтIулел чагIи дистанциялъулаб къагIидаялде рачине, гьединго маскаби раялда хадуб халкквезеги ккелин абун. Данделъиялъул ахиралда Сергей...

Новость на родном

27-ялде бахана Маршруткаялъул такси хираго чIана тахшагьаралда

    Газеталъул араб номералда хъван букIана МахIачхъалаялда нахъеги рекIадухъ босулеб багьа хира гьабизе бугин абураб хабар тIибитIун букIиналъул хIакъалъулъ. Тахшагьаралъул мэриялъ гьеб баян тасдикъ гьабун букIинчIо. Амма 18 октябралда, «Астория», СТС, «Сктранс» ва «Трансфлот» транспорталъул ункъо компаниялъ МахIачхъалаялъул администрациялде кагъат битIана, жидеца багьа бахинабулеб бугин абун. Гьанже маршруткаялда рекIаралъухъ кьезе ккола 27 гъурущ. Цебе...

Новость на родном

Хабаровскиялдаса бизнес-тургун — Дагъистаналде

  ьал къоязда Хабаровск краялдаса туроператоразул анцIгониги къокъаялъул вакилзабаз хIухьбахъи гьабуна нилъер республикаялда – Дербенталда, Дагъогниялда, Хунзахъ, Сулахъ къварилъухъ, ЧIикIаб хIорихъ, Гъуниб районалда. Гьелъие квербакъи гьабуна гьеб краялда вугев ДРялъул официалияв вакил Бейдулагь ГIисаевас, республикаялъул Миллияб политикаялъулгун диниял ишазул, гьединго Туризмалъулгун халкъиял махщелазул рахъалъ гIуцIараб министерствабаз. Гьедин бицана 19 октябралда «Дагъистан» РИАялда тIобитIараб пресс-конференциялда. Гьелда...