«Дагъистаналъул чIужугIадан» журналалъул редакциялда жеги хутIун буго советияб заман ракIалде щвезабулеб ракIа-рахари. Къадалгун чIабар басралъун кьерукълъаниги, цо батIиябго хинлъи ракIалъе кьолеб ахIвал-хIалги букIуна гьениб. Бищунго асар гьабула кабинетазда сокIкIарал басриял журналал регулелъул. Исанасеб февралалъ гIасру сверана Дагъистаналда руччабазул журнал биччазе байбихьаралдаса. 1922 соналъул тIоцебесеб февралалда «Дагиздат» басмаханаялъ гIурус мацIалда бахъана «Красная горянка»...

