БакIалъулаб нухмалъиялъулъ цо-цо цIилъаби

 

 

Халкъалъ гIемер бицунеб букIараб «Халкъияб нухмалъиялъул цогояб низамалда бакIалъулаб, жидецаго жидерго хIакимлъиялъул ва цогидалги ишал тIуразарулеб къагIидаялъул нухмалъиялъул гIаммал масъалабазул (принципазул) хIакъалъулъ» абураб Федералияб закон тIоцебесеб цIалиялда къабул гьабуна Дагъистаналдаги.  Россиялъул цо-цо субъектаздайин абуни гьеб законалда хурхун бакIалда гьаризе кколел законалги къабул гьарун руго. Гьединлъидал нилъедаги цебечIараб масъала буго, нилъерго хаслъабиги хIисабалде росун, гьединаб, бакIалда рекъараб, гIадамазе данде кколеб закон кIиабилеб цIалиялдаги къабул гьабизе

   Россиялъул киназего гIаммаб гьеб законалъул аслияб масъала буго росдал муниципалитеталдасан байбихьун, Россиялъул президентасде щвезегIан нухмалъиялъул гIуцIи цоцазе квалквал гьечIеб букIинаби, ай цо хъизамалда кIиго бетIергьанчи вукIунгутIизе.

    Законалъул гIадамазе рекIее гIоларел, гьел разилъуларел бакIазул цояб букIана республикаялъул киналниги росабалъ хIалтIулел муниципалиял хIалтIухъаби хIалтIи гьечIого хутIизе ругилан абураб жоялъ бижизабураб. ХIакъикъаталдайин абуни, иш гьедин гьечIо. Рехсараб законалъул 14-абилеб статьяялъул кIиабилеб пункталда хъвалеб буго «БакIалъулаб нухмалъиялъул идараялда, ай муниципалияб гIуцIиялда гьелъул представительнияб орган, гьеб гIуцIиялъул бетIер ва бакIалъулаб администрация букIине ккей тIадаб буго», – ян.  Гьенир хIалтIулел гIадамал хIалтIудаса эркен гьаризе бихьизабун гьечIо, хIалтIи бажаруларев, жиндир хъулухъалъул къимат гьабуларев, гьабулеб ишалдехун хашаб бербалагьи бугел чагIи хутIун. Щайгурелъул муниципалияб хIалтIул хIалбихьи бугел жавабиял гIадамал жакъа республикаялъе цIакъго хIажат руго. Гьединлъидал гьаниб гьел хIинкъизе ккараб хIал гьечIо.

 

Старостайищха ялъуни

бегавулищ?

 

   Рехсараб законалда цоги цIияб жо буго муниципалиял гIуцIабазда гIамм гьабун абуни «староста» абураб хъулухъ бакки. Федералияб законалъ бихьизабулеб буго гьединаб цIар гьеб хъулухъалде данде кколареб батани, республикаялъ жиндирго хIалбихьиялде, тарихалде, гIадамазул гIадат-гIамалалде данде кколеб, нужеего бокьараб цогидаб цIар тейилан. Нилъеда лъала, 1813 соналда гьабураб Гюлистана­лъул ракълилаб КъотIи-къаялъул хIасилалда Дагъистан Россияллъул къайимлъиялде ккун хадуб, нилъер букIана имам Шамилица гIуцIараб Имаматалда бакIалъулаб нух­малъи гьабиялъул нилъерго жамгIияталъулаб къагIида. Ракь бикьун букIана наиблъиязде (наибство), хадуб — участкабазде, гьенирго рукIана росдал нухмалъиялги. Гьединаб хIал букIана I929 соналде щвезегIан. Дол соназда росдал жамагIат букIана бакIалъулаб нухмалъиялъул аслулъун. ЛъагIалида жаниб цо нухалда ахIулаан жамагIаталъул данделъи, жиб жамагIаталъул бищунго тIадегIанаб гIуцIи кколеб. ЖамагIаталъ тIасияб соналъ ахIизе бугеб данделъиялде щвезегIан росдал гIумруялъул иш билълъанхъизабизе бищулаан ЧIахIиязул совет. Гьеб советалде жиб-жиб тухумалъ жидерго рахъалдасан рихьизарулаан 40-45 соналдаса гIодоре сонал гьечIел вакилзаби. Гьеб ЧIахIиязул советалъ лъагIелалъ росдае нухмалъи гьабизе вищулаан бегавул. БатIи-батIиял миллатазул гьев чиясда лъураб цIарги букIана батIи-батIияб.  Мисалалъе, магIарулазул «бегавул» вукIун ватани, даргияз гьесда абулаан «шилла хулати», лезгияз – «аксакал»; табасараназ – «кевха» ва гь.ц.

   Жакъа Федералияб законалъ гьесда (гьеб хъулухъалде тIамулев чиясда) нилъерго цIар лъеян абулеб бугелъул, хIажат буго нилъ, Дагъистаналъул киналго миллатазулгун дандбан, цо пикруялде рачIине, щайгурелъул «староста» нилъер  республикаялъе рекъон кколеб гIадаб цIар гьечIин кколелъул.

 

Кинал росабалъ ва лъица

тIамилев бегавул?

 

  Нилъеда лъан букIине ккола, гьединав бегавул вукIине вуго жинда жаниб муниципалияб гIуцIи гьечIеб гьитIинаб росулъ. Кинаб цIар лъуниги, гьеб хъулухъалъул гIадамазул Дагъистаналъе буго цIикIкIараб кIвар, щайгурелъул нилъер республикаялда кинабниги 1605 росу бугеб батани, жинда жаниб муниципалияб гIуцIи гьечIел гьитIинал росабазул къадар бахуна 894-ялде. Гьеб буго кIудияб къадар. Гьел росабалъ гIумру гьабиги, гIадамазе рукIине кколел шартIал чIезариги, гIадлу-низам букIинабиги гьеб хъулухъалде тIамурав чиясдаги бараб бугелъул. Цебе заманалда гьеб хъулухъалде чи старшина, бегавул росдал жамагIаталъул собраниялъ, ялъуни ЧIахIиязул советалъ вищулев вукIун ватани, цIияб законалда рекъон гьев тIамиялъулги кIудияб батIалъиго кколеб гьечIо. Щайгурелъул гьанже гьев тIамизе вуго муниципалитеталъул депутатазул гIуцIиялъ (представительнияб орган), росдал жамагIаталъул собраниялъул хIукмуялда рекъон, гьез вихьизавурав чи. Гьединлъидал гьабсагIаталда бугеб къагIидаялде дандеккун, гьеб буго гIадамазул, ай жамагIаталъул пикру гIадахъ босун гьабулеб иш.

   Законалда рекъон жинда тIадаб иш гьев бегавулас гьабизе ккола мухь гьечIого, жамгIияб хIалтIи хIисабалда. Гьебги захIматаб суал буго. РакIалде ккола, Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутатаз гьеб суалалде кIварги буссинабун, жидер гIарцул рахъалдасан рес бугел муниципалиял гIуцIабаздагIаги гьесие харж бихьизабизе бегьулилан абураб пикру законалда хъвани, хIалтIи лъикIго цебехун инаанилан.

   Советияб заманалде щвезегIан нилъер росабалъ рукIарал бегавулзабазеги гIарцудалъун мухь кьолеб букIинчIониги, гьесие тIад къараб хъулухъ гьабиялъухъ кьолаан «натуроплата», гIиял бетIер, бецизе харибакI, бекьизе тIадеги хур яги цогидаб.

    ГIаммаб куцалда абуни, цIияб законалъул гIемерал рахъал руго цебе букIаралдаса лъикIал, халкъалъе пайдаялъе хIалтIизе ругел. Гьезул цояб ккола, мисалалъе, хIукуматалъулаб ва мунципалияб гIуцIиялда гьоркьоб гьабулеб къотIи-къаялъул кьучIалда росабалъ ва шагьаразда гьарулел хиса-басиязе тIадеги гIарац биччазе тIаде босулеб буго пачалихъиял идарабаз. Жакъасеб, кинабго лъикIабщинаб гIумруялде бахъинабизе бакIалъул нухмалъулезул гIарац гIолареб заманалда гьеб ккола кIудияб квербакъи ва гIарцулаб кумек.

   Зикрула Ильясов