«Газпром Газораспределение Махачкала» гIуцIиялъ хитIаб гьабулеб буго бухIараб газалъухъ жиндир заманалда гIарац кьезе хIаракат бахъеян.
«КъваригIараб жо босизе тукаде ин ва гьединго рекIадухъ гIарац кьей гIадаб жо буго нужеца газалъухъ гIарац кьейги. Щибаб моцIрол анцIабилеб къоялдаса кватIизе течIого кьезе ккола», — ян абулеб буго гьезул хитIабалда.
Жиндир заманалда ялъуни кIиго моцIидаса цIикIкIун заманалъ газалъухъ гIарац кьечIого тун батани, жидер ихтияр бугин гьев чи газалдаса махIрум гьавизеян абулеб буго гьез. Мисалалъе, руго цо-цо цIакъго чанкIкIарал гIадамалги, чанго моцIалъ кьечIого тун, 100 000 гъурщил налъи хадуб бугелги.