Зайнаб Мусаева: «Ислам лъазабизе гIинкъазе къварилъи гьечIо»

 

   Щивав бусурбанчиясда тIадаб буго жидерго лъималазда исламалъул рукнаби малъизе. Амма ахIулеб какил гьаракьги рагIуларел, хирияб Къуръан цIалулезухъ гIенеккизе ресги гьечIел гIадамаз кинха диналъул тIагIамги босилеб, исламалъул рукнабиги тIуралел? Щибго рагIуларел яги гIинда бакIал лъималазда кин бичIчIизабилеб парзазул магIна? Гьел суалазе жавабал цIехолаго, жиндирго васасеги, гIинда бакIал ва тIубанго гIинкъал аза-азар бусурбабазеги исламалъул рукнабиги диналъул гьайбатлъиги бичIчIизе кумек гьабуна сурдопедагог Зайнаб Му- саевалъ.

2018 соналда ДРялъул муфтияталъ гIуцIараб гIинкъазе диниябгун дунявияб лъай кьолеб «Жизнь без ограничений» абураб централъул нухмалъулейлъун кколей Зайнаб Мусаевалъулгун гьадинаб гара-чIвари гьабуна нижеца.

 

— Зайнаб, дуца нухмалъи гьабу- леб централда кинаб лъай кьолеб? Кинал шартIал ругел гьанир?

  — ГIинда бакIал лъимал цIакъ нечарал, гIадамазда цере рахъине хIинкъарал рукIуна. Гьезие хасал школазда лъай кьуниги, гIумру гьабиялъе хIажатаб лъай щоларо. Щивав бусурбанчиясда тIадаб буго как базеги, исламалъул цогидал рукнаби тIуразеги. Гьеб кинабго малъизе эбел-инсухъа бажарулеб гьечIо, ай гьезда лъималги, лъималазда гьелги ричIчIунгутIиялъ. Гьебги хIисабалде босун, нижеца гьединал лъималазда малъула исламалъул рукнаби, бусурбанчиясда тIадал жал.

    Централда цIализарула чIорого, ай муфтияталъ хьихьун буго гьеб. «Инсан» фондалъ кьола кванил нигIматалги. Киналго шартIалги чIезарун руго гьез. ГIицIго къватIиса ахIун рачIарал учительзабазе кьезе ккола эбел-инсуца гIарац, гьебги бищун гIодобегIанаб къадаралда.

   ГIинда бакIал гIадамал жамагIаталда гьоркьор ращадаллъун гьаризе, гьезухъа бажарулеб жо гIадамазда бихьизабизе хIаракат бахъула нижеца. Цояб рахъ гьечIониги, цогидаб рахъ цебетIураб букIуна гьезул. РагIулеб гьечIониги, ракI цIодораб букIуна, гьезда ракIалда жо лъикI чIола. Гьезул къуватаб рахъги балагьун, дунялалде ва лъаялде гьезул гъира базабула нижеца.

 

  Вас унти сабаблъун

 

   Зайнаб ккола Казбек районалъул Хубар росулъа. Жеги лъагIел бачIев вас АхIмадида щибго рагIулеб гьечIин тохтурзабаз бициндал, гIумру чIаралъубго хутIанин кколаан Зайнабида. Тохлъукьего ккараб захIматаб унтудаса хадуб гIинкълъун буго лъимер. Киндай васасе кумек гьабилаян йикIарай эбелалъул ракI гIодобе биччазабуна лъикIал гIадамазул гIакъилаб каламалъ. ЛъикIабги квешабги кинабго Аллагьасул хIукму букIиналде кантIизаюна Зайнаб.

  Динияб лъай щварай гIадан сурдопедагоглъун яхъине, гьеб рахъ гъваридго лъазабиялде кIвар кьезеги васасул баракаталдалъун лъугьанин бицана Зайнабица.

 

— Вас кIудияв гIунагIан, гьев школалде унеб ригьалде ваханагIан ракI хIалакунеб букIунаан гьесда дунял бичIчIизабизе бокьун, киндай кумек гьабилаян абун. Как базе малъизе гъира букIунаан. Кин гьеб малъилебали лъаларого чарахун букIунаан. Квер битIун хIажатаб жо бихьизабун гурони, нижеда лъаларо- ан васгун «кIалъазе», гьесда щибго бичIчIизабизе.

   Гьеб заманалда дун хIалтIулей йикIана «Рисалат» тукада. Цо рузман къоялъ гьенире рачIун рихьана лъабго гIинкъав чи. Квераз ишараби гьарулел гьел рихьидал, интерес ккана. Унго, гьез как киндай бала, гьезда как базе лъицадай малъанаян абураб пикруялъ рахIат толеб букIинчIо. РакIалде ккана гьел гIадамазулгун лъай-хъвай гьабизе. Тукаде рачIиндал гьезул цояс кагътидаги хъван бичIчIизабуна исламияб календарь босизе бокьун букIин. Гьебги кьуна дица гьесухъе ва диего рахIат толел рукIинчIел суалалги хъвана гьесулго кагътида. Дирги вугин нужго гIадин мацI лъаларев василанги бицана. Васасда как базе ва цIализе малъизе бокьун бугин, нужеца гьеб кин лъазабураб, лъица малъарабилан цIехана.

   Гьес жаваб кьуна исламияб рахъги бичIчIулел, гьебги малъулел сурдопереводчикал нилъер гьечIин. Живги цевего Нальчикалда цIалун вукIанин, гIурус мацIалда хъвазеги, хъвараб бичIчIизеги гьениб малъун букIанин, амма какил рагIаби жинцаго лъазарунин бицана гьес. Жиндир лъадиги лъай бугей гIадан йигин, гьелъги кумек гьабунин бичIчIизабуна.

    Лъадулгун лъай-хъвай гьабизе гьоболлъухъ ячIайин, гьелъ кумек гьабилин дуеянги абун, рукъалъул адресги кьуна гьес. Васги вачун дун гьезухъе гьоболлъухъ щвана. Гьесул чIужуялдаги щибго жо рагIулеб гьечIоан. 12 сон бараб мехалда унтун хадуй гIинкълъун йигоан гьейги. Гьелъ малъулаан дунги васги цоцазда ричIчIизе цо-цо ишараби гьаризе.

— Дур васасул кинаб къисмат ккараб?

    — Васасе чIужуги ячана, кватIичIого гьезие тIоцебесеб лъимерги гьабизе буго. АлхIамдулиллагь, разиги йиго. Дир васас хъалиян цIаларо, мехтулел жал гьекъоларо, мекъаб гIамал гьабуларо. Какги бала, кIалги ккола. ЧIужуялъул адаб-хъатирги гьабула. Богогьанлъун хIалтIизе бокьун буго гьесие. Васасе динияб тарбия щвеялдаса цIакъ йохарайги йиго. ГьитIинав вас колледжалда цIалулев вуго, хIалтIулъ дие кумекги гьабула гьес.

 

ГIинкълъи – гIакълу мукъсанлъи гуро

 

   — Зайнаб, щибго рагIулеб гьечIо­ ниги, дурго васасда бусурбанчиясда тIадал жал малъизе хIаракат бахъун буго дуца. Чиярал, хасго бицараб жо бичIчIизе захIматал лъималазе лъай кьеялъул жавабчилъи тIаде босизе хIинкъичIищ?

— Муфтияталъул лъай кьеялъул отделалда хIалтIулаго, гIинда бакIазда, гIинкъазда как базе, исламалъул рукнаби малъулаан дица. МаслихIат гьабизе ккараб бакIалда таржамачилъи гьабулаан. ГIинкъазул жамагIаталда лекциял цIалулаан.

    2016 соналда гIинкъазда гьоркьоб республикаялда тIоцебесеб мав- лид тIобитIизе ракIалде ккана дида. Цо-цояз абулаан гьеб кин букIунеб жоян. Диейин абуни бокьун букIана гIинкъал гIадамазе ислам лъазаби- ялъулъ, гьелде рокьи куцаялъулъ киналгIаги гIорхъаби гьечIеблъи бихьизабизе. Гьенир гIахьаллъана гIинда бакIалги, гьезул эбел-эмен- ги, цогидалги. Къуръан цIали хутIизегIан, тадбиралда гьабунщинаб жо ишарабазул мацIалде буссинабу- на. ГIинкъаз ишарабазул мацIалда театралиял сценкаби рихьизарулаан, гьеб киназдаго бичIчIуледухъ рагIун бицунаан цогидаз. Нашидалги ахIана гьенир. Гъира бугони, бокьараб жо бажарулеблъи бихьана.

   Нижер централда цIалдолезда гьоркьор къецалги тIоритIула. «ЛъикIал тIабигIатазул ах» тIехьалда тIасан тIобитIараб къецал- даги гIахьаллъана нижер ясал. Ап- паратги гIинда ххун рукIуна гьел. КIалъазеги бажарула гьезухъа. Да- гьабго хисараб бугоха кIалъай, гье- дин букIаниги гIадамазда бичIчIулеб къагIидаялъ бицуна.

   Нилъецаго чIезарулел руго гьезие гIорхъаби. Нужехъа бажаруларин, нужеда бичIчIуларин абун, эбел-инсуцаги сверухълъиялъги абулеб бугони, гьединал лъималазул ботIролъ кинал пикрабиха рижилел? Нилъеда гьелги ричIчIани, гьезда нилъги ричIчIани, гIадатиял гIадамаздаса расги батIалъи гьечIо гьезул.

 

— Гьеб центр рагьизе лъида ва кин ракIалде ккараб?

 

    — Гьеб букIана нилъер муфтиясул пикруги тIадкъайги. Республикаялда гIинкъазда ислам малъулеб бакI чарагьечIого хIажат букIана. Гьеб бичIчIун бугоан АхIмад-афандиясда. Гьелъие хIажатал шартIалги чIезаруна муфтияталъ.

    11 соналъ цебе дирго васасда как-кIал малъизе гIоло къеркьолей йикIаго, ракIалдаго гьечIеб иш ккана гIумруялъулъ. Гьеб заманалда муфти АхIмад-афанди гIахьаллъараб данделъиялда борхун буго республикаялда ислам малъулел сурдопедагогал гьечIолъиялъул суал. Цинги гьес хIукму гьабуна динияб лъай бугев чи ишарабазул мацI лъазабизе цIализе витIизе. Киданиги ракIалде кколароан гьеб иш дида тIадкъалин абун. Цо къоялъ росас абуна мун Динияб идараялде ахIулей йигин. Гьение щведал бицана, Санкт-Петербургалде, сурдологиялъул курсазде цIализе йитIизе къваригIун бугин абун. Дир лъимерги гIинкъаб бугелъул, гьесие лъай кьезе къеркьолей дунги йихьун, дуца гIадин ракIунтун гьеб цогидаз гьабуларин бичIчIизабуна гьез дида. Гьениб цIалун хадуб муфтия- талъул лъай кьеялъул отделалда хIалтIана ва цинги цIияб рагьараб централда директорлъунги тIамуна.

   Ясал цIализарулеб гьаб мина, дин цебетIезабиялъе кумек гьабун кьун букIун буго Пачалихъияб Думая­ лъул депутат Ризван Къурбановас.

 

 

Лъай тIалаб гьабун вачIарав нахъ чIваларо

 

 

— Кинаб ригьалъул гIадамал нужеца централда цIализарулел? Чан чи цIалулев вугев ва чан жеги къабул гьавизе рес бугеб?

  — Нижер гьанир цIалулел руго 22 яс ва 19 вас. Ясазул центр батIаго буго, Добролюбова къватIалъул, 16-абилеб (Е) минаялда. Васазе, ГIахъущиясул къватIалъул кIиабилеб линиялда буго центр гIуцIун. Гьаб кIиябго соналда жаниб как базеги, какие чуризеги малъана нижеца гIага-шагарго кIинусгогIанасев гIинда бакIав ва гIинкъав чиясда.

  ГIинкъазда ва гIинда бакIазда гьоркьоб дин босаралги гIемерал руго. Ейск шагьаралдаса цIализе вачIарав васас, Нальчикалдаса, Астраханалдаса гьанире цIализе рачIарал ясаз босана ислам. Гьединго гIинда бакIазда гьоркьор хъизамал гIуцIизеги кумек гьабула нижеца. Гьединал лъималазул эбел-эмен кумек гьарун рачIуна, цо багъилай яс ятани, дуда лъалелъул, йихьизаеян абун. Дица гьел рихьизарула, хадуб нужецаго бокьараб гьабеянги абун. Гьаниб нижер кумекалдалъун щугогIаги хъизамги гIуцIана. Лъималги берцинаб гIумруги буго гьезул.

10 сон тIубаралдаса нахъе, цIализе вачIарав бокьараб ригьалъул чи, рес букIун, къабул гьавичIого толаро. ГьабсагIаталда лъабго класс цIун буго ясазул рахъалда. Щибаб курсалда анкьго чи вуго цIалулев. ГIадатиял школазда гIадин 15-20 чи цо классалда гIодор рукIине бегьуларелъул, щибаб лъимадуе кIвар кьезе заман гIезе ккола. Жакъа ясазул рахъалде 15 цIалдохъан къабул гьайизе рес буго. Васазул рахъалде 20 чи жеги тIадеги къабул гьавизе рес буго. Эбел-эмен хадур рачIинегIан хIухьбахъи гьабизе рукъги буго гьезие.

   Бокьилаан исламиял рукнаби лъазаризе бокьарал гIинкъал ва гIинда бакIал гIадамал, ригьалъухъ балагьун чIечIого, нижехъе рачIине.

— Исламияб дин малъиялдаго цадахъ, махщел щолеб лъай кьезе рес бугищ?

   — Нижеца централда рагьун буго бихьиназе – ювелирияб иш малъи, руччабазе – рукъарухъанлъи. Жидее щвараб махщалида рекъон, хIалтIи балагьизе рес букIине буго гьезие. Исламияб темаялда дарсал кьолел сурдопедагогал гьечIо. Нижерго гьанив хIалтIизе хIадур гьавулев вуго ахирисеб курсалда цIалулев вас. ЦохIо дир къуват ва заман гIолеб гьечIо цин ясазе, хадуб васазе дарсал кьезе хьвадун. ЦIали лъугIидал гьев хIалтIуде восизеги вуго. Гьединазда цIикIкIун ричIчIула жидерго гIадаб къварилъи бугел цIалдохъаби. Хадубккун центр цебетIунагIан, лъималги цIикIкIанагIан, гьединал лъай бугел студентал хIадуризе ракIалда буго дарсал кьезе. Гьединго тарбиячIужулъун гьанийго хIалтIулей тезе, гьанийго цIалулей ясги хIадурулей йиго. Исана ГПКялде (педагогияб колледж) заочно цIализеги лъугьана нижер гьанир цIалулел рукIарал цIалдохъаби.

— ХIалтIулъ бищун захIматаб рахъ…

    — Бищунго кIудияб захIмалъи буго эбел-инсуда жидерго лъимал ричIчIунгутIи, гьезул мацI лъангутIи. ГIемерисеб мехалда гьединал лъималазул эбел-эмен рачIуна дихъе, яс абизе кканиги, васасе лъади ячине кканиги. Школалда цIалулелъул, анкьазги интернаталда рукIуна гьезул лъимал. ГIодоркъоязда гурони гьел рокъоре рачIунаро. Гьединлъидал, цо-цо эбел-инсуда бичIчIуларо гьединал лъимал гIезарулаго букIине кколеб жавабчилъи. Гьединал лъимал, школаги лъугIун, рокъор чIезе ва гьезул захIмалъаби тIуразе ккараб мехалда риххун лъугьуна эбелэмен. Яс гьаризе чагIи рачIун ругин, гьелъ бицараб дидаги бичIчIулеб гьечIин, гьанже къваригIун ругин сурдопереводчикалин абун рачIуна гьел. Нижецаги бажарараб кумек гьабула.

— Лъималгун кIалъазе ишарабазул мацI малъеян рачIунищ нужехъе гьезул эбел-эмен?

   — Малъеян абун аскIоре рачIунел гIемер рукIуна, амма цIали рагIалде бахъинабуларо. ГIайибги кинха гьабилеб, гьел магIишат гьабулел рукIунелъул, регIуларелъул.

     Нилъер гIумрудулъ тIоцебесеб бакIалда рукIине ккола лъимал, хасго гьединал, ай нилъер цIобалде ккарал. Нилъерго лъимадул жавабчилъи цогидазде тIаде бегизабизе бегьуларо. Дидаги кIвелаан цIализе витIун васгун, нужеца малъейилан чIезе. Дица тIаса бищана дирго лъимада лъикIаб малъизеги, квешалдаса цIунизеги кколеб къагIида.

ПатIимат СУЛТIАНМУХIАМАДОВА