15 марталда Шамил райадминистрациялъул залалда тIобитIана лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулев Ибрагьим ХIажиевас 80 сон тIубаялъул юбилеялъул хIурматалда гIуцIараб байрам. Юбилярасда баркиялъул рагIаби абизе ирга щоларого рукIана гIадамал. Киназулго аслияб пикрулъун рикIкIине бегьула Гьандихъ росдал школалъул директор МухIамад Гъазалиевас абурал гьал рагIаби: «Ибрагьимил аслияб хасият ккола гIадамасухъ гIенеккизе лъай, гьесул къваригIел тIубай, ритIухълъи ва гIаданлъи,...

