Халкъияв мугIалим

 

15 марталда Шамил райадминистрациялъул залалда тIобитIана лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулев Ибрагьим ХIажиевас 80 сон тIубаялъул юбилеялъул хIурматалда гIуцIараб байрам. Юбилярасда баркиялъул рагIаби абизе ирга щоларого рукIана гIадамал. Киназулго аслияб пикрулъун рикIкIине бегьула Гьандихъ росдал школалъул директор МухIамад Гъазалиевас абурал гьал рагIаби: «Ибрагьимил аслияб хасият ккола гIадамасухъ гIенеккизе лъай, гьесул къваригIел тIубай, ритIухълъи ва гIаданлъи, иман буголъи. Кинаб къваригIелалъ гьесухъе аниги, гьеб тIубачIого жеги цониги чи гьесухъа къватIиве вачIинчIин абула. Гьесул буго лъикIаб лъай ва камилаб махщел», — ан.

    ХIажиев Ибрагьим ккола Шамил районалъул машгьурал чагIазул цебесеб кьерда вугев чи. Гьесул улбул ХIажияв ва КIилъилай рукIана гьидерицаго адаб-хIурмат гьабулел, гIамал-тIабигIат берцинал, хIалалаб бетIербахъиялда гIумру тIамурал чагIи. Эмен ХIажияв кколаан диналъе эркенлъи кьурал соназда МачIада росулъа тIоцебе хIеж борхарав чи. Гьезул хасият бессун буго Ибрагьимил чорхолъ. Гьесие хасиятаблъун ккола чи ватIа гьавунгутIи, сабурго бицунеб гIакъилаб калам, лъикIлъи гьабизе хIадурго вукIин, щивасул мурад тIубазе бугеб нигат ва кьураб рагIуе хилиплъунгутIи.

   1960 соналда Буйнакскиялъул педучилище лъугIизабурав Ибрагьим тIамуна гIагараб росдал микьго сонил школалъул байбихьул классалъул учительлъун. 1967 соналда лъугIизабуна ДГПИялъул филологияб факультет. Гьесул лъайги бажариги бихьун, тIамуна гIурус мацIалъул учительлъун, хадув завучлъун.

Гьединго ХIажиевасул чIаголъиги, жавабчилъиги, гIуцIарухъанлъиялъе бугеб гьунарги бихьун, 1968 соналда тIамуна МачIада росдал школалъул директорлъун.

    Школалъул тIуцабго басрияб мина, классазе гIоларел рукъзал, къанагIат гурони дарсазда пайда босизе гьечIел алатал, хасало классазда букIунеб квач… «Хадубккун гьеб ахIвал-хIал хIехьезе бегьуларо, гьаб заманалъул цIияб школа базе ккола», — ян нигат гьабуна ХIажиевас. ГIолохъанав директорасухъа бажарана районалъул нухмалъулезулгун гIаммаб мацI батун. Росдал жамагIаталда ва школалъул коллективалда цебе лъуна суал: «Росулъ гьоркьохъеб школа рагьизе ккола ва, цадахъ лъугьун, нилъеца гьелъие минаги базе ккола», — ян. 1969-1970-абилел соназда басрияб школалъе капиталияб ремонт гьабизе биччараб гIарацги хIалтIизабун, бана цIияб школа. Гьеб кIудияб ишалде бахъинабуна росдал жамагIат ва школалъул коллектив, рухIги хIалги кьун, хIалтIана живго директорги.

ЦIияб школалда дагь-дагьккун гIуцIана материалиябгун техникияб база: гвангъараб классалъул 12 рукъ, цIалул мастерскаял, хIалбихьиялъул кIиго ах ва бахча, спортивияб майдан, кIитIалаяб интернат, къватIиса рачIарал учительзабазе рукъзал, ракьулъ жаниб бараб тир, хIухьлаца мина хинлъизабулеб котельная, лъел ва канализациялъул мухъал, цIулал къайи гьабулеб ва ретIел букъулеб мастерскаял, кабинеталъул къагIидаялда цIали гIуцIараб школа… Гьеб кинабго букIана районалъего цIияб жо, гьединлъидал гьеб бихьизе ва мисал босизе гьенире рачIунаан районалъул школазул директорзаби. 2007 соналда школалъе щвараб Президентасул гранталъул гIарцуца квербакъана хIажатал техникиял алатаздалъун предметазул кабинетал хьезариялъе.

    «Школалда хIалтIи гIуцIиялъе ва цебетIеялъе аслияв чи ккола лъай-махщел камилав учитель ва гъункараб коллектив», — ан абула Ибрагьимица. МачIада росдал школалъул бергьенлъаби ккола ХIажиевас гIуцIараб, куцараб ва нухмалъараб учительзабазул коллективалъул бахIарчияб хIалтIул хIасилал. Дол соназда районалда гIицIго гьезул школалда рагьун букIана Хунзахъ автошколалъул филиал. Автокабинеталда цIалдохъабазда малъулаан машина, ругьун гьарулаан автодромалда машина бачине, школа лъугIун унезе аттестатазда цадахъ кьолаан водителасул удостоверение. 1989 соналда тIоритIарал социалистиял къецазул хIасилазда СССРалъул росабазул гьоркьохъел школазда гьоркьоб тIоцебесеб бакI щвана МачIада росдал школалъе. 1997 соналдаса байбихьун ункъо соналъ тIатIалаго школалъе щвана «Лучшая школа РФ» абураб хIурматияб цIар, ХIажиевасе — «ЛъагIалил директор» абураб цIар.

   1986 соналда республикаялъул школазда гьоркьоб тIобитIараб къецалда МачIада росдал школалъул производственнияб бригадаялъ босана тIоцебесеб бакI. Гьеб бригадаялъул член ГIачалова ПатIиматие кьуна СССРалъул ВДНХялде путевка, гьединго школалъе – ВДНХялъул диплом. Школалъул хIалтIуе къимат кьола предметиял олимпиадабазул хIасилазухъ балагьун. Ахираб щуго соналда жаниб районалъул олимпиадабазда гьеб школалъул цIалдохъабаз ккун буго 197 призалъулаб бакI, гьезда гьоркьоса 67 – тIоцебесеб, республикаялъул олимпиадабазда – анкьго призалъулаб бакI.

Школалъул хIалтIулъ хасаб бакI ккола цIалдохъаби-патриотал куцаялъул тадбираз. Гьеб мурадалда школалъул майданалда гIезабун буго ракIалдещвеялъул ах, гьениб щибаб гъотIода бан буго цо пуланав рагъул гIахьалчиясул цIар тIад хъвараб хъарщи. Парк бакьулъ буго чIегIераб мармаралъул памятник, гьелда цебе – даимаб цIа. Памятникалда цере тIоритIула тарбия кьеялъул гIемерисел тадбирал.

    МачIада росдал школалъул туризмалъулгун гIагараб ракь лъазабиялъул кружок рикIкIунаан районалдаго бищунго лъикIаблъун, рагъулабгун спортивияб хIай «Зарница» — республикаялдаго машгьураблъун. Гьелъие нугIлъи гьабула 2002 соналда Новороссийск шагьаралда тIобитIараб «Победа» абураб ТIолгороссиялъул рагъулабгун спортивияб хIаялда гьеб школалъул командаялъ тIоцебесеб бакI босиялъ. Гьебго соналъул июль-август моцIазда Санкт-Петербургалда тIобитIана ТIолгороссиялъул «Равнение на Победу» абураб гIолилалпатриотазул слет. МачIадисезул командаялъ гьел къецаздаги босана тIоцебесеб бакI. Командаялъе щвана гIемерал дипломал ва къиматал сайгъатал, гьеб бергьенлъиялъухъ республикаялъ школалъе кьуна «Газель» машина.

   ХIажиевас росдае гьарула гIемерал пайдаял ишал, росуцоязе – бажарараб кумек. Гьелъги батила, 35 соналъ тIатIала гьев вищана росдал ва районалъул собраниязул депутатлъун, гьединго Дагъистаналъул учительзабазул съездазул делегатлъун. Гьев ккола «Гьидалъ» жамгIияб гIуцIиялъул председательлъунги.

Машгьурав хъвадарухъан ГIарип Расуловасул «Золотые россыпи гор» абураб тIехьалда хъван буго: «Ибрагьим ХIажиев ккола унго-унгояв халкъияв педагог», — абун. Гьеб ккола халкъалъ Ибрагьимие кьолеб мустахIикъаб къимат.

Районалъул лъай кьеялъул лъикIав гIуцIарухъан хIисабалда, 2009 соналда Ибрагьим тIамуна районалъул лъай кьеялъул управлениялъул начальниклъун. Цоги жоялъул бицинаро, нуцIбузда кверкъелал рукIинчIеб управлениялъул минаялда гьес гьабуна капиталияб ремонт, хисана басрияб къайи-къоно, методкабинетазда чIезаруна компьютерал ва оргтехника.

   Лъалаго цIикIкIана школазул директорзабазул хIалтIул гIадлу ва жавабчилъи. ЦIидасан байбихьана инспектораз школазул хал гьаби ва директорзабазул советалда гьелъул хIасилал гьоркьор лъей. Гьелъ кьолел лъикIал хIасилазул цо мисал бачина: 2009-2010 цIалул соназда районалъул цIалдохъабаз республикаялъул олимиадабазда босана 16 бакI, 2019-2020 соназда абуни, 35-38 призалъулаб бакI.

ХIалтIуде Ибрагьимил бугеб бербалагьиялъул хIакъалъулъ бицуна гьесул кабинеталда столалда тIад ругел гьал рагIабазги: «Педагогическая мудрость в том и состоит, чтобы видеть своего питомца глазами свидетеля».

   Директорас кIудияб кIвар кьолаан умумузул гIадатазда рекъонкколеб рухIияб тарбия лъималазе кьеялде, хасго исламияб рахъалде. Гьес тIадаблъун гьабун букIана цIалдохъабазда иман-ислам малъи. Гьеб малъулаан классалъул сагIтазда, факультативазда ва КТНДялъул дарсазда. КъватIисеб улкаялъул мацI хIисабалда, 2000-2010 соназда 5-11 классазул цIалдохъабазда малъулаан гIараб мацI. Гьединго рухIияб тарбия кьеялъулъ кIудияб бакI ккола гIагараб росдал, районалъул ва Дагъистаналъул машгьурал гIадамазул гIумруялъул хIакъалъулъ лъималазда бициналъ. Гьеб мурадалда, ХIажиевасул жигаралдалъун, 2013 соналда басмаялда бахъана «Шамил районалъул гьайбатал гIадамазул хIакъалъулъ» абураб тIехь. Гьелдаса пайда босула районалъул школазул киналго коллективаз.

   Пачалихъалъги мустахIикъаб къимат кьуна ХIажиевасул ракIбацIцIадаб хIалтIуе. Ибрагьим ккола ДРялъул ва РФялъул мустахIикъав учитель, ЛъагIалил директор, гьединго Россиялъул творческияб педагогикаялъул академиялъул академик, Халкъияв тарбиячи, мустахIикъав тарбиячи. Амма гьесие бищунго къиматаблъун ккола гIадамаз гьабулеб божилъи ва гьезул адаб.

ХIажиевасул буго кIудияб ва цоцалъ рекъараб хъизан. ХIажиевасул чIухIилъун ва рохеллъун ккола лъималазул 12 лъимер. «Лъималазул лъималгун гьоркьоблъиялда вугеб, гьелгун хIалеб, тира-сверулеб мехалда, дида кIочона дунял, рекIелъе рещтIуна талихIалъул асар, къокъго абуни, гьеб ккола унго-унгояб хIалхьи-рахIаталда дун вугеб заман», — ан бицуна Ибрагьимица.

  Гьев вуго диналда тIадчIарав чи, щуго нухалда борхана хIеж. Гьоркьохъеб черхалъул, тирияв, хIалтIи бокьулев, къварилъиялде ккарасе кумекалъе вахъине хIадурав чигун дандчIванщинахъе, дица пикру гьабула: «Гьале дов нилъер заманалъул бахIарчи, А. П. Чеховас абухъе, черхги, рухIги, пикрабиги гьайбатав инсан», — абун. ХIакъикъаталдаги Ибрагьим вуго гIажаибго ракI лъикIав, гIадлу-низам бугев бусурбанчи. «ХIакъикъаталъул» хIалтIухъабазги баркула Ибрагьим ХIажиевасда 80 сон баялъул юбилей. Гьарула гьесие халатаб гIумру ва щулияб сахлъи.

Нури НУРИЕВ