Новость на родном

Харахьиса ГIумарил ТIайгиб

Гьоркьохъел гIасрабазда Харахьи росу рикIкIунаан лъай камил гьа- булел бакIазул цояблъун. Гьениса гIадамаз кIудияб квербакъи гьабуна Дагъистаналда исламияб гIелму тIибитIизабиялъе ва лъай кьеялъулъ авар мацI хIалтIизабиялъе. Биценалда рекъон, цебе зама- налда росу букIун буго КъвекIада ва Щулалъуда абурал бакIазда. ГьабсагIаталда Харахьи бугеб бакIалда хьуцI букIун буго. Гьениб бугеб лъим гьекъезе бегьулеб букIун гьечIо. Гьедин «хвараб...

Новость на родном

Школа – рухIияб гьулак

«Аркадий Гайдарил «Горячий камень» абураб хабаралда гIадин, гIумру такрар гьабизе рес кьурабани, батIияб къисмат тIаса бищила- роан дица. Дие квербакъана Аллагьасукьа хIинкъиялъги законалъе ритIухълъиялъги», — ян бицана нижеда, араб гIумруялъулги гьелда жа- нир ккарал хиса-басиязулги хIакъалъулъ гара-чIвари гьабулаго, Казбек районалъул Дилим росулъа Камилгерей Ибрагьимовас. Рокьула дие чIахIиял гIадамазул сабураб накъиталъухъ гIенеккизе, гьезул гIумруялъул дарсазул гъварилъуде...

Новость на родном

Генерал, депутат ва гIадатияв магIарулав

      Россиялъул печаталъул къолъун кколеб 13 январалда «ХIакъикъат» газеталъул коллективгун дандчIвана РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат ГIабдулхIаким ХIажиев.  Гьеб тадбиралда гIахьаллъана 2013 соналдаса байбихьун республикаялъул политикаялда гъорлъ вугев ГIалибег ГIалиевги профессор, филологиял гIелмабазул доктор МухIамад МухIамадовги. «Нилъ рохизе ккола жакъа ГIабдулхIаким ХIажиевги, Сайгидпаша ГIумахановги, Хизри Абакаровги гIадал депутатал Пачалихъияб Думаялда рукIиналдаса. Щайин абуни, гьанжеялдего...

Новость на родном

БекIкIун къачIачIони, къед лъугьунаро

    Авартеатралъул гьаракьгун бакъан дагь-дагьккун рагIизе байбихьана гьал ахирал моцIаз. Буго гьезул рекIелъе лъугьунедухъ кьолеб рекламаги, щибаб спектаклялда зал цIураб халкъги, камун гьечIо хайир бугел сапаралги. ГIадамаз бицунелде кIваркьеялъул рахъги хисулеб буго. Кида букIараб жо, нижер къаламцояз гурони, театралъе критика гьабун гIадамаз рагIи аби, саламатал макъалаби хъвай, гьелде кIваркьей? ГЬУРИ ЧIВАЧIОНИ, ГIУЧI БАГЪАРУЛАРО  ...

Новость на родном

ХIалтIизе ниятгун, гIадамазда божигун

Ахирал соназда гIемер бицунеб коронавирусалъ кинго рахIат толеб гьечIо гIадамазе. ЦIикIкIунеб буго унтаразул къадарги. Гьелде данде гьабулеб рагъулъ бищун кIвар бугеблъун ва пайдаяблъун тохтурзабазгун гIалимзабаз рикIкIунеб буго вакцина гьаби. Гьенирги руго дандчIвалел масъалаби, хIалтIи цебехун унеб буго захIматго. Дагъистаналда жеги хIажатаб къадаралде бахун гьечIо вакцина гьабуразул процент. Амма руго районал гьеб хIалтIи тIадегIанаб даражаялда гьабуралги....

Новость на родном

Вакцинаялдасайищ хIинкъилел яги лъавукълъиялдасайищ?

Пандемия байбихьаралдаса нахъе коронавирусалъул ва гьел- де данде вакцина гьабиялъул хIакъалъулъ социалиял гьиназдасан тIиритIизарулел руго гIадамазул рекIелъе хIинкъи рехизабулел, до- раса-гьаниса рагIарал харбал. Байбихьуда кьучI гьечIел гьединал харбал сабаблъун Дагъистаналда коронавирусалъ унтаразул къадар, цогидал регионазде дандеккун, цIикIкIунги букIана. Амма къой- илго ковидалъ унтулел ва холел гIадамал рихьидал, гьел харбалги лъугIана. Гьанжейин абуни, гьединаз хIаракат бахъулеб...

Новость на родном

Зикрула Ильясов: «Заман щун буго нилъго нилъецаго ц1унизе»

Х1акъикъат газеталъул бет1ерав редакторасул заместитель Зикрула Ильясовас киналго ах1улел руго сахлъи ц1униялъул х1алт1ухъабаз бицунелъухъги г1енеккун, аск1ор ругезе зарал гьеч1еллъун рук1ине, намус бац1ц1адго хьвадизе. -Ц1идасанги х1алуцинехъин буго коронавирусалда сверухъ ах1вал-х1ал, къойидаса-къойиде ц1ик1к1унеб буго унтаразул къадар, раккулел руго  ц1и-ц1иял штаммал. «Омикрон» абулеб штамм республикаялде щун бук1иналъул х1ужаби руго.  Амма, гьедин бугониги, кинавго чи гуро кантIулев вугев вакцина...

Новость на родном

Аллагьин ахIулеб дур рекIел кIутIи…

       ЦIияб соналъул байбихьи пашманаб хабаргун рещтIана магIарухъе. 4 январалда нилъедаса ватIалъана накъшубандияб ва шазалияб тIарикъаталъул устар Инхелоса Мансурил МухIамад-афанди (къ.с). ТIарикъаталъул агьлуялъ цIакъ адабалда, кIудияб рокьигун рехсола- ан гьесул цIар. Аза-азар мурид битIараб нухда тIовитIарав, баркаталъул рукъги ракIги цIурав, щулияб иманалъул, бергьун кIудияб гIелмуялъул вакил Мансурил МухIамад-афанди ахираталъул рокъове анилан рагIидал, гIемерав...

Новость на родном

«Гьидаятги» жакъасей чIужугIаданги

     МахIачхъалаялъул КIудияб мажгиталда цебе рагьараб «Гьидаят» руччабазул гIуцIиялъул нухмалъулей Загьра ИсмагIиловалъул нух­малъиялда гъоркь гIемер тIоритIула гIолохъанал руччабазда гьоркьор исламияб къагIидаялда тарбия кьеялъул хIакъалъулъ бицарал тад­бирал. Гьенибго рагьун буго «Жакъасей чIужугIадан» абураб клубги. Клубалъулъ гIахьалчагIи ккола гьанжего-гьанже рукъалде руссаралги жеги руссинчIелги ясалги, гIолохъанал улбулги, гIумруялъул хIалбихьи щварал руччабиги. Зама-заманалдасан гьел дандеги гьарула Загьраца.  ...

Новость на родном

Камал Салманов: «Жиде-жидер росулъаго иш байбихьичIони, магIарухълъи цебетIоларо»

    НИЖЕР БАЯН: ДГУялъул къватIисел улкабазул мацIазул факультеталда цIалулаго рикIкIадал пача­лихъазде босана Камалица ишан. АнцIила хадуб соналъ лъадарана чияр ракьалда цIиябщинаб лъазе бугеб гьесул гъира-шавкъ. Риидалил заманаялъ пихъил тIагIамги боси­зе, эбел-инсуе ахил хIалтIабазе кумекги гьа­бизе санайил росулъеги вачIунаан гьев. ЧIагояв, кивго рекъарав, жив вуссан­щинаб свери берцин гьабулев, баракатав вукIуна цо-цо чи. Гьединавлъун вихьу­лев вукIана...