620 млн гъурущ бикъиялда щаклъи буго

 

   Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул ДРялда бугеб Управлениялъул хIалтIухъабаз ккун вуго социалияб рахъалъ халкъ хьезабиялъул рахъалъ гIуцIарал центразул вакилзаби.

   Сакъаталги хералги гIадамазе пачалихъалъ биччараб 620 миллионал- дасаги цIикIкIараб гъурущ гьез жидеего тIокI гьабиялда щаклъи буго цIех-рехчагIазул.

   Гьелги ккола захIматалъулгун социалияб рахъалъ халкъ цIуниялъул мурадалда гIуцIараб ДРялъул министерствоялъул цо хъулухъчи, гьединго МахIачхъалаялда, Дербенталда, Казбек, Хьаргаби, ЧIарада, Гъизилюрт, Лак районазда ругел центразул хIалтIухъаби.

   Гьеб гIарац бикъун батун буго 2017-2018 соназда.

   ЦIех-рехчагIаз гьеб хIужа тIатинабун буго захIматалъулгун социалияб рахъалъ халкъ цIуниялъул ДРялъул министрлъун вукIарав Расул Ибрагьимовасда хурхун гIуцIараб уголовнияб делоялъул цIех-рех гьабулаго.

ЦIиял харбал данде гьаруна Зульфия ХIАЖИЕВАЛЪ.