Газеталъул щибаб номералда гIадин нижеца бицунеб буго республикаялда кванил нигIматазул багьаби хIатталдаса ун хиралъулел рукIиналъул хIакъалъулъ. БицинчIого тIубалеб хIал гьечIелъулха. Чакар-конфет, нису-нах, хъапустIан ламадур, хIатта чедгицин — кинабго жо буго хиралъун. РаччлитIа буцараб чадил багьа жакъа буго 80 гъурущ. Рахьдал цо литрадул багьа нусго гъурщидаса тIаде ана. Чакарги хиралъун буго. Семечкадул нахул цо...

