Дир чоца, кIиябго накуги сукIун, Сурмияб хIорил лъелъ кIутIби ччун руго

 

Кавказ! Балагье мун, дир Дагъистаналъ

Огъохъатиниб лъун зодой борхараб,

 Дур пикруялъулги чIухIиялъулги

 ЧIагояб матIудахъ! Бакъ щолеб буго!

   Гьедин хъвана магIарулазул гьунар тIокIав шагIир ГIумархIажи Шахтамановас «ГIандадерил хIор» абураб жиндирго кочIолъ. Гьеле гьеб «чIагояб матIуялъухъе», гIандадерил хIорихъе, «ГIандадерил буртина» абураб фольклорияб фестивалалде ракIарун рукIана 30-31 июлалда гIемерал магIарулалги чачаналги.

ГIандадерил ясал, салам нужеде,

Нужеца самулеб квасгIан хIеренаб,

 Гьеб гIадинаб хъахIаб, гьебгIан тIадагьаб,

Гьеб гIадаб недегьаб, гьебгIан мутIигIаб.

 

ЧIегIераб буртина бартул кьолода

 Кьварараб гьороца парпазе гьабун,

 ЦIудул куркьби гIадин бихьана дида,

Пирилъун воржунев бахIарчиясда.

 

ЦIар арав багьадур гуллид восидал,

ЧIегIераб буртина, биги тIад бетун,

Бесдаллъун хутIараб лъимер гIадинан,

 Гьесда тIаде къулун бихьана дида.

 

ЧIегIераб буртина мугIрул вехьасул

 Риидал рагIадлъун, хасало печлъун,

Релъедал ургулъун, къад халичалъун,

КъваригIиндал рукълъун лъугьун бихьана.

 

ГIандадерил ясал, салам нужеде,

 Нужеца бугIараб буртина гIадаб,

Гьеб гIадаб къвакIараб, гьебгIан щулияб,

Гьоркьой цIад унареб, цIа хъатIулареб!

— илан хъвана халкъияй шагIир Фазу ГIалиевалъги. Гьеб кечI цIалани, бичIчIула буртинадул магIна лъаларезда гьелъул пайдаги, берцинлъиги, квегIенлъиги.

   «Гьаб фестивалалъул мурад буго мадугьалзабазул гьудуллъиялъул ва вацлъиялъул бухьен щулалъизаби, цоцазул адабият, маданият, гIадатгIамал бихьизаби, гьеб цIуни, гIолеб гIелалда гьелъул берцинлъи бичIчIизаби, гьелде рокьи бижизаби. Умумузул аби буго, халкъ букIунила гьеб халкъалъул мацIги, цIарги, маданиятги, тарихги нахъе цIунун бугебгIан мехалъин абураб. Нилъецаги гьабизе ккола нилъеда кIванщинаб гьеб рухIияб бечелъи, нилъехъе нилъер умумуз кьураб гIадин, гIун бачIунеб гIелалъухъе щвезабизе», — йилан абуна Болъихъ районалъул бетIер Руслан ХIамзатовас.

Гьединабго пикру загьир гьабуна ва гьадинал тадбирал кIванагIан гIемер тIоритIизе кколин, кумекалъе живги хIадурав вугин абуна Дагъистаналъул спорталъул министр Сажид Сажидовас.

ГIахьвахъ районалъул бетIер МухIамад МуртазгIалиевасги, гьадинги тагийила нилъ, гьалдасаги лъикIги тагийилан, баркана гIахьаллъаразда гьеб берцинаб байрам.

Чачаназул абун, нилъер абун, магIнаял кIалъаял гьаризе рахъаралги камичIо. ПалхIасил, гьеб тадбиралдасан бичIчIана мадугьалзабиги нилъги вацал-яцал рукIин.

   Болъихъ районалъул бетIерас ва гьалбадерица щибаб росдал свериялде аскIореги ун, квентIехалъеги, къайи-свериялъеги, цIа-рагIалъеги, гIуцIа-кIутIиялъеги, гьеб берцинлъиги тIагIамги нилъее хIадурарал ва цебе лъурал гIадамазеги кIудияб къимат кьуна. Болъихъ районалъулги цогидал магIарул районазулги къогоялдасаги цIикIкIун майданал рукIана гьенир гIуцIун. Щибалъул букIана цоялдаса цояб тIагIамаб ва гьарзаяб, некIсияб цIа-рагIалдалъун къачIараб, сурпа-тIутI. Миллияб ратIлица берцин гьарурал горсвериязда, бакI-бакIалъан рагIулеб букIана ун- го-унгояб зурма-къолол къва-къвайги, пандрида ахIулеб унго-унгояб магIарул кочIол гьаракьги. Гьеб ахIвал-хIалалъ гIадамазул ракIазе гуребги, мегIер-гIалахалъеги, гъветI-хералъеги, хIинчIкъедалъеги, хIориниб ччугIиегицин асар гьабулеб бугилан кколеб букIана. Чан гьудул-гьалмагъха гьенив дандчIварав, чан цIияб гьудуллъи гьениб ккараб? Гьедин цолъун хутIаги киналго Кавка- залъулго халкъал кидаго. Амма, гIун бачIунеб гIелалъул тарбиялъул рахъ дагьаб загIиплъун букIин бихьулеб бугин гьадинал тадбираздай- илан, жидерго рази гьечIолъи ва гьеб рахъалде кIвар кьезе кколеблъи загьир гьабулелги камичIо.

   Фестивалалъул концерталъулаб бутIа рагьана «Болъихъ» абураб фольклориябгун хореографи- ялъул ансамблялъ ва районалъул культураялъ- ул управлениялъул хIалтIухъабаз. Дагъистан ва Чачан республикабазул 200-гIан махщел тIокIал артистал, батIи-батIиял фольклориял ва хореографиял коллективал, кочIохъаби, кьурдухъаби рахъана цере. «БухIараб бакъул къоялъ ХIеренго балеб цIадакь…» ралагьарал гIажаиблъизаруна Гиннессил тIохьоде росарал чанго рекордазул бетIергьан, жиндир къуваталъ риццатал маххул магIазул ва чIоразул дагIнил лълъар гIадал кьур-кьурарал жал гьарулев, бакIал гираби квасул къандалъаби гIадин, цабзаз ккун гьаваялде рехулев магIарулазул чIухIи ГIумар ХIанапиевас. КочIохъабаз ва кьурдухъабаз жидер гьунаралдалъун хIайран гьабун букIана гIалам.

   Болъихъ районалъул администрациялъги, гьитIинал кьун, кIудиял кьун, буртина кодобе кьечIого цониги чи виччачIо сценаялдаса нахъе. ТIаде районалъул культураялъул управлениялъ, кубокалгун цадахъ, рамкабазда жанирги лъун, баркалаялъул кагъталги кьуна.

Ахиралдаги, накIкIал рачIун, цIад чваххун, цIорораб гьури бахъун, хъамуна машинаби жидежидер рокъоре. ТIаде-хариялъулги лъикI рихьизе хъвагиян, хьулазул кверал росун, кьуна цоцазе салам.

   Гьанжеги ГIумархIажие кьелин рагIи:

…ТIинде тIерхьун ана моцIги цIвабиги,

ЦIаруцIун гарбалгун гIунсби рещтIана.

Дир чоца, кIиябго накуги сукIун,

Сурмияб хIорил лъелъ кIутIби ччун руго.

 

Баху МУХIИДИНОВА