Настял къисматалда — мугIрузул улка

                                                  

                               

 ГурхIел-рахIмуялъул нухаздасан

Унго-унголъунги, кидагоялдасаги цIикIкIун, жакъа къоялъ нилъее къваригIун буго гурхIелин цIар бугеб хасият. Дагъистаниязул гьеб гIасрабазго букIана. Гьеле гьеб хасияталъ цIунун хутIун батила нилъер халкъазул цолъиги. Цогидал халкъазе нилъ рокьиги – гьебги нилъер цогидаздехун бугеб бербалагьиялъулъ батила.

Гьанирго ракIалде щвана ХIамзатил Расулил рагIаби:

             — Огь! Чанги гIамал буго магIарул гIадамазул,

               ГIаламалъ гьеб босани, гIалам бечелъилаан,- абураб.

Дагъистаналъул аслияб бечелъилъун дица рикIкIуна гьелъул гIадамал. Гьез ккунги буго жакъа нилъер цолъи-вацлъиги, гIадан хиралъиги, гьудуллъги, берцинлъиги. Гьеле гьединазул цоялъулгун лъай-хъвай ккана дир.

Гьей ккола Буйнакск районалъул ЧIикIаб росулъа МахIачхъалаялда гIумру гьабун йигей Умасалимат Мусаева. Гьей хIалтIулей йиго МахIачхъалаялъул Киров районалъул администрациялда опекаялъул ва попечительствоялъул отделалъул нухмалъулейлъун.

                             

 

 Дагъистаналда гьоболлъухъ

ГьабсагIаталда Россиялда хIалтIулеб гьабулеб буго, «Здравствуй, Россия» абураб проект. Гьелъул программаялда рекъон, Донецкалъул «Сувенир» кьурдул ансамблялъул гIахьалчагIи-лъимал рачIун рукIана Дагъистаналде.

Гьел щвана Хунзахъе. Гьезда гьениб цIакъго берцинаб дандчIвайги гьабуна. Анкьидасан лъимал жидедаго аскIор гIумру гьабизе рачана тахшагьарлда гIумру гьабун ругел хъизамаз. Ва 15 сон барай Настя Берестюкида дандчIвана хIалимай, гурхIел-рахIмуялъул цIураб ракIалъул чIужугIадан – Умасалимат Мусаева.

ГIемераб къварилъиялдаса хадуб Настя ккана маргьабазул дунялалде. Гьеб маргьа гьелъие сайгъат гьабуна Умасалиматица. Гьеб гьайбатаб къисаялъул хIакъалъулъ рагIидал, телефоналдасан бухьен ккуна гьей хIикматай магIарулалъулгун:

— БитIараб бицани, дида гьеб цо кIудияб гьунарлъун рикIкIунаро. Гьедин гьабуна ва гьабизеги букIана Дагъистаналдаса бокьараб хъизамалъ. Гьелъулъ буго нилъер къуватги.

Москваялдаса ва Санкт-Петербургалдаса васасулги ясалъулги хъизамалги рукIана рачIун. Гьелъул щибго квалквал ккечIо я нижее, я Настяйие.

ТIоцебесеб иргаялда, гьелъие бокьана мажгиталде щвезе. Цадахъ шалалги росун рачIун ругоан гьелъ. Гьелъие цIакъ кIудияб асар гьабуна мажгиталъ. Жиндие цебегоги бокьун букIанила Дагъистаналде щвезеги ва гьениб мажгиталде инегиян абуна гьелъ. Парчиялде гIунтIунги киналдаго гIажаиблъана гьей. Дицаги гьениб бугеб руччабазул отделалъул хIалтIухъабазги кинабго бичIчIизабуна Настяда. Какичури гьечIого, Къуръаналда квер хъвазе лъикIаб гьечIин абидалги, гьей хIикмалъана. Гьейгун цадахъ щвана Сулахъалъул къварилъиялдеги, «Главрыба» хIухьбахъиялъул зонаялдеги, Дилималдеги ва цоги-цогидал бакIаздеги.

Гьединго щвана ниж тахшагьаралъул музеязде, гIолохъанал художниказул выставкабазде.

Жегиги лъимерлъиялъул махI лъугIичеб гьелъул къисматалда рагъалъ лъурал ругънал цIилъун рачIунаан банкетазул залаздасан, ресторанал-кафеяздасан риччалел салютазул гьаркьал рагIидал.

— Вай,- иланги абун, тIуркIун ячIунаан гьей, дагьабнигицин ахIи-хIур рагIарабго.

Жинда ватIаналда бугеб ахIвал-хIал ракIалде щванинги абун, къварилъахъдулаан гьей. Дицаги хIаракат бахъулаан гьелда гьеб тема кIоченабизе.

Настя пана гьаюна Дагъистаналъул тIабигIаталъги тIабигIат берцинал дагъистаниязги.

Дагъистаналде цIализе ячIине бокьун букIиналъул пикруги загьир гьабуна гьелъ.

Нижехъа цадахъ хIадурулаан квенги, хасго миллияб квен гьабизе гъира букIунаан гьелъул – батIи-батIиял цIурачадал, куракул карщ, магIарул хинкIал. ЦIакъго гъира букIана гьелъие гьел хинкIал гьаризе лъазе. Лъана гьелда гьебги. Дир лъималазул лъималазулгун цIакъ дандеккана гьелъул гIамал-хасиятги.

Дунялалъулго киналго гIадамазда бичIчIулеб баркалайилан абулеб рагIиги гьелъул магIнаги лъазабуна Настяца. Анкьида жаний дие яслъун лъугьана Донецкалдаса украинай Настя Берестюк.

                                

 

Къо-мех лъикI, Дагъистан

Дагъистаналдаса тIадюссун инегицин бокьун букIинчIо гьелъие. Нижер хъизанги ругьунлъун букIана гьелда. Цоцазе гIагараллъун хутIизе руго ниж гьанжеялдаса. Рокъое щваниланги кIалъана гьейги гьелъул эбелги. БитIун бицани, дир ракIщун буго Настяде, — ян бицана Умасалиматица.

Бихьулищха, къварилъиялда аскIобго эхетун бугеб гурхIел- рахIмуялъги гIагар гьарулел рукIун ругеб куц гIадамал.

Дагъистаналда бараб кIиго анкьалъ гьелъие гьабун тун бугеб асаралъул Умаслиматица бицинадал, рохалилаб магIу бучIана дир.

— Салам, Дагъистан! Къо-мех лъикI, Дагъистан — гьал рагIабазул магIна гьуинлъун толеб куц Ума Гъайирбековна гIадал гIадамазул кодоб.

Гьарзалъаги гьединал гIадамал жиндир рухIияб гIамал-хасияталъе дунялалъго бетIер къулулеб Дагъистаналъе.

                                                                      

Шамай Хъазанбиева