Капиталияб ремонт гьабулеб буго кIинусиде гIагарун школалъе

Республикаялъул пагьму-гьунар бугел лъималазул гIемеррахъазулаб лицей-интернаталда тIобитIана ДРялъул лъайкьеялъул минстр ЯхIя Бучаевасул пресс-конференция.

 

 

Министрас хIасилал гьаруна ГИА-2022-ялъулги риидалил сах гьариялъул кампаниялъулги. Гьединго баян гьаруна республикаялъул школазда капиталияб ремонтал рагIалде рахъинариялда ва цIалул соналде школазда унеб хIадурлъиялда хурхун раккулел суалазе жавабалги.

 

 

ЯхIя Бучаевасул рагIабазда рекъон, лъабго сменаялъул лъайкьеялъул къагIида лъугIизабиялъул мурадалда республикаялда балеб буго 19 школа.

 

 

Капиталияб ремонт гьабиялъул программаялда гIахьаллъана 192 школа (2I0 мина). Жакъа къоялдехун 70 бакIалда цIараб заманалдаса цереккун гьарулел хIалтIаби рагIалде рахъинарун руго, хутIараб 110 мина гIага-шагарго 20-25 августалдехун хIадур букIине буго.

 

 

ГИА-2022-ялъул хIасилал гьарулаго, министрас абуна цересел соназде дандеккун исана ОГЭялда цIикIкIун тIатинарунин гIадлу хвезабурал хIужаби. Гьебги, министрасул рагIабазда рекъон, исана гIадлу-низамалъул иш кьваризабидал ккараб хIасил буго. «ТIадеялъул киса-кибго регионалияб даражаялда ОГЭялда видео-наблюдение гьабизеги ракIалда буго»,- ян бицана Я. Бучаевас.

 

 

Исана республикаялда ЕГЭ кьуразда гьоркьов 31 цIалдохъанас батIи-батIиял предметазул экзаменазда босана 100 балл, гьединго, цебеялде дандеккун, профильнияб математикаялъул экзаменалъул гьоркьохъеб баллги цIикIкIана исана.

 

М. Манапов