Метер магIарул мацI хвезе батани…

 

РикIкIадал сапаразда ракI гъолареб мехалда,

Мех-мехалъ дун дидаго кIалъала магIарулалъ 

РекIел ургъел чучула, чияр бакI кIочон тола,

Чанги лъелго сверарал сухъмахъал цере чIола…

 

 

М. ХI.

        

 

Ахираб заманалда гIемер бицунеб буго магIарул мацI цIунизе хIажат букIиналъул, рокъоб гьеб бицунел хъизанал, хасго шагьаралда гIумру гьабулел магIарулазда гъорлъ, къо бахъанагIан дагьлъулел рукIиналъул ва цо-цо школалъул нухмалъулел рахьдал мацIалъе кьурал сагIтал тIаса къунцIизе лъугьиналъул. ХIакъикъаталдаги, пикру гьабураб мехалъ, аза-азар соназ нилъер миллат-халкъ цIунараб нилъер хирияб болмацI жакъа нилъеца цIуниялде ккун буго.

   

 

Нилъ гIурус мацIалда данде чIарал чагIи гуро. Гьеб буго нилъер пачалихъалъул мацI, гьеб лъачIого нилъее чара гьечIо. Цо миллаталъ гIумру гьабулел цогидал республикабазда данде ккун, советияб заманалдаго Дагъистаналда гIурус мацI лъаялъул иш кидаго борхатаб даражаялда букIана. Щайгурелъул гIемер миллатал ругеб республикаялда нилъ цоцазда гIурус мацIалда кIалъала. Амма нилъерго рахьдал мацI кIочон тезе бегьилищ?

 

 

Цебе кидаго абулаан шагьаралда гIурал магIарул лъималазда рахьдал мацI лъалеб гьечIилан, гIемерисел гIадамаз лъимал ри-ридал росабалъе ритIун рачIунаан магIарул мацI лъазабизе. Гьанже абуни, магIарухъ гьарурал, гьенир гIурал лъимал школалде рачIунел руго магIарул мацIалъул цо рагIиги лъачIого. Гьеб лъил гIайибха кколеб, лъица гьел лъималазда рахьдал мацI малъизе кколеб? Эбел-инсуца гурищ? Лъицаха гьел эбел-инсуе рокъоб лъималазда рахьдал мацIалъ кIалъазе гьукъун бугеб? Гьеб буго нилъеца метерисеб къоялъул пикру гьабунгутIи ва наслабазул букIиниселъул нилъее ургъел гьечIолъи. Ургъел гьечIолъиялъ чIвалел руго нилъ. Абулеб буго шагьаралдаса росабалъе риидал рахьдал мацI лъазабизе ритIарал лъимал, кIудабазда гIурус мацIги малъун, тIадруссун рачIунел ругилан. Киназго гIайиб мультфильмазде рехула, гьездаса лъалеб бугин мацIилан абула.  

      

 

Рахьдал мацI буго ниж рижарав Аллагьас нилъее кьураб кIудияб нигIмат, умумуз нилъее тараб бечедаб хазина ва нилъер халкъалъул къин гьечIеб ицц. Нилъер магIарул халкъалъул тарих лъазе ва бичIчIизе рес гьечIо нилъерго рахьдал мацI лъачIого. Киргизазул машгьурав хъвадарухъан, дипломат Чингиз Айтматовас абун буго: «Щибаб халкъалъул хвелгьечIолъи гьелъул мацIалъулъ буго», — ян. МагIарул мацI лъаларев чи киданиги унго-унгояв магIарулавлъун вахъунаро. Щай абуни, магIарул мацIалъул рагIабалъ бессун букIуна магIарул чиясул чорхол гIамал, рахьдал мацIалъул рагьукъал гьаркьаз гурони рагьулареб хасаб дунял букIуна магIарул чиясул. Нилъер щивав чи жиндирго гъасда лъималаздаги гьезул лъималаздаги магIарул мацIалда кIалъалев гьечIони, гьезда киданиги магIарул мацI лъазе гьечIо. Дида кинго бичIчIуларо цониги батIияб миллаталъул чи гьоркьов гьечIеб магIарулазул жамагIат магIарул мацIги тун батIияб мацIалда кIалъаялъул магIна щибали. ГIалимзабаз чIезабун буго анкьго сон базегIан рахъизе лъачIел хIарпал букIине кколеб куцалъ рахъизе чиясда киданиги лъазе рес гьечIилан. ГIемер мацIал лъанагIан лъимал пикру цебе тIурал, сундаго хадур гъурал ва бетIер хIалтIулел лъугьунилан хъвалеб буго мацIалъул гIалимзабаз.

      

 

Школазда рахьдал мацIалъул дарсал кьеялъул рахъалъ абуни, гIемераб жо бараб буго школалъул директорасда. Анкьида жаниб цо кIиго сагIаталде рачине бегьилищ рахьдал мацIгин адабияталъул дарсал? МагIарул мацIалъул мугIалимзабаз ва гьезул цолъиялъ жакъасеб къоялъ кIудияб хIалтIи гьабулеб буго школазда магIарул мацIалъул ва нилъер адабияталъул дарсал цIуниялъе. Гьез санайил батIи-батIияб магIарул районазда тIоритIула магIарул мацIалъул мугIалимзабазул ва нилъерго мацIги цIарги хириял магIарулазул байрамал. Дагьаб цебегIан азаргоялдаса цIикIкIун чияс гIахьаллъи гьабураб гьединаб данделъи гьабун букIана ГIешдерил рохьоб. Россиялда ругел халкъазул рахьдал мацI малъиялъул рахъалъ тIоритIарал конкурсазда анлъго нухалъ тIоцебесеб бакI ккуна нилъер магIарул мацIалъул мугIалимзабаз. ЦохIо магIарул мацIалъул мугIалимзабазде рехун рахьдал мацI цIуниялъул ишги тун, хутIарал киналго нахъегIан къан чIезе бегьилищ? ГIурусазул машгьурав хъвадарухъан К. Паустовскияс абуна буго: «Жиндирго рахьдал мацIалде рокьи гьечIев чиясе унго-унгояб куцалъ гIураб ракь бокьизе рес гьечIо», — ян.

      

 

Жакъасеб къоялъ нилъер гIемераб жо бараб буго районалъул бутIрузда. Мисалалъе босани, Сулейман Стальскиясул цIаралда бугеб районалъул бетIерлъун вукIаго Нариман ГIабдулмутIалибовас ахираб щуго соналда жаниб хасаб стипендия чIезабун букIана университеталда лезги мацIалъул мугIалимзаби рахъине цIалулел студентазе. Районалъул бюджеталдаса гьел студентазе стипендия кьезе Нариманида батулеб рес, цониги магIарул районалъул бетIерасда щай батулареб? Гьале жакъа вице-премьерлъун вуго Нариман. Законалда данде кколареб жо гьес гьабун букIарабани, гьев хIукуматалъул кIудияб хIалтIуде тIамилароан. Жакъа магIарул районазда ва росабалъ гьарулел данделъаби щай гьаризе бегьуларел нилъерго рахьдал мацIалда?

        

 

Нилъее заман щун буго Дагъистаналъул цогидал миллатаздаса мисал босизе. Мисалалъе, МахIачхъалаялда тумазул буго лъабго-ункъгониги, жаниб жидерго ретIел-тIехги бараб, жидерго кванил богалги гьарулеб, жидерго мацIалда кечI-бакъанги биччалеб этнокафе, магIарулазул цониги гьечIо. Гьединго тумазул рес бугел чагIаз щибаб риидал гIуцIула жидерго районазда этнолагерал. Гьезги мадар гьабулеб буго жидерго мацIги цIарги лъазабизе.

        

 

Нилъее чара гьечIого хIажат руго магIарул мацIалда кIалъалел этносадикал, этнолагерал гIуцIизе ва цIалдохъабазе магIарул мацI лъазабулел тIахьал рахъизе. Щивав ресалда вугев магIарул чияс цо-цо мультфильм магIарул мацIалда гьабизе тIаде босулебани, гьебги кIудияб кумеклъун букIинаан. Гьединго бегьилаан нилъеца магIарул мацI цIуниялъул хасаб фонд гIуцIизеги. Жакъа нилъеца нилъер магIишат-яшавалдеги хъулухъ-ишалдеги кьолеб кIваралъул анцIго бутIа гьабун цо бутIагIаги рахьдал мацI цIуниялде кьолеб букIарабани, нилъер иш гIемерго лъикI букIинаан. Гьадин рахьдал мацIалъул кIварги гьабичIого нилъ чIолел ругони, гIага-шагарго 40-50 соналдаса нилъер халкъалъул бечедаб тарих, кIалзул гьунаралъул фольклор, кицаби ва абиял ва гьединго Инхоса ГIалихIажиясул, ЦIадаса ХIамзатил, МахIмудил, Расул ХIамзатовасул ва цогидалги кIудиял шагIирзабазул асарал цIалулев, цIалун бичIчIулев чи ракьалда хутIиялда щаклъизе бачIунеб буго.

      

 

Нилъер умумузул аби буго бекьараб гурони, лъилъуларилан. Жакъа рахьдал мацI цIуниялъе жеги кина-кинал тадбирал гьарун лъикIали нилъ ургъичIони, метер кватIун букIине буго. Жакъасеб къоялъ гIумру гьабулеб цIикIкIараб гIелалда бараб буго кинабго. Гьез тIадчIей гьабун лъималги лъималазул лъималги рахьдал мацI лъазабизеги, гьеб бицинеги тIамулел ругони, нилъер мацI цIунун хутIизе буго. ГьабичIони, нилъ рортизе рес бугеб кIкIал цIакъго гъваридаб буго. ГIадада гурелъул нилъер дунялалдаго машгьурав халкъияв шагIир Расул ХIамзатовас хъвараб:

 

 

Метер магIарул мацI хвезе батани,

Хваги дун жакъаго жаниб ракI кьвагьун», — абун.

          

 

МагIарул районазул казиятал малъичIого, нилъер рахьдал мацIалда рахъула «ХIакъикъат» казият, «Гьудуллъи», «Лачен» ва «МагIарулай» журналал. Нилъеда гьоркьов чан чиясха гьел хъван ругел? Нилъецаго цIуничIого щив вачIине вугев нилъер рахьдал мацI цIунизе? Бищунго ракI унтулеб жо буго магIарул мацIалда хъвадарулел, гьеб рахьдал мацIалда тIад хIалтIизе хIукуматалъ гIарацги кьун тарал чагIицин жидерго лъималазда чияр мацIалъ кIалъалел рагIидал.

        

 

Дагъистаналъул Миннацалъул малъиялда гъоркь Дагъистаналъул пачалихъалъулаб университеталда цебе гIуцIун буго Дагъистаналъул рахьдал мацIал лъазариялъул центр. Гьез аслияб кIвар кьолеб буго къадар дагьал миллатазул (малочисленный) ва хъвай-хъвагIай гьечIел (бесписьменный) мацIазде. Дун гьел мацIал кIваричIин абулев чи гуро, нилъее киналго мацIал цIунизе къваригIун руго. Гьеб буго нилъер унго-унгояб бечелъи. Амма миллионалдаса цIикIкIун чи вугеб магIарулазул мацI кIолареб цIунизе, 5-I0 азарго чияс бицунеб мацI цIунун бажариладай?

       

 

 Жакъа Башкортостаналъул халкъияб Курултаялъ ва ДУМАялъул депутат Эльмира Аиткуловалъ Россиялъул Пачалихъалъул Думаялде бачIун буго Россиялъул школалъул цIалдохъабазе рахьдал мацIазда ГИА ва ЕГЭ кьезе изну кьолеб законалъул проект. Гьез хъвалеб буго цохIо рахьдал мацIги адабиятги гурони гьечIин школалда малъулел предметазда гьоркьор ГИА ва ЕГЭ кьезе цIалдохъабазе изну гьечIел предметал. Коми Республикаялъул Пачалихъалъул Советалъ ва Татарстаналъул нухмалъулез гьеб законалъул проекталъул рахъ кколеб буго. Хьул буго нилъер Дагъистаналдаса Пачалихъаялъул Думаялда ругел депутатазги гьеб законалъул проект къабул гьабиялъулъ жигараб гIахьаллъи гьабилилан. Гьеб законалда рекъон миллиял республикабазе рес щвезе буго пачалихъалъулал этно-культураялъулал лъималазул ахал ва школал рагьизе.

        

 

Аллагьас щивав магIаруласе тавпикъги гIакълуги кьеги жиндирго гъастIа умумуз аманатлъун тараб рахьдал мацI бицинеги ва лъималаздаги гьезул лъималаздаги гьеб малъизеги. Гьаб макъала лъугIизабизе бокьун буго церегIанго соназ хъвараб дирго кочIол рагIабаздалъун:

 

 

Жакъа мацI кIочон тани,

Метер цIар кIочон толин,

ЦIуне, цIуне, наслаби,

ЦIар рагIараб авар мацI…..

 

 

МухIамад ХIамзаев

 

Дагъистаналъул халкъияв шагIир