Халкъияблъун лъугьараб нухалъе цIакъ хIажат буго халкъалъул квербакъи 1985 соналда Г. ХIайбулаевасул нухмалъиялда гъоркь гIуцIараб «ГIумруялъул нух» абураб гIуцIиялъ байбихьана МахIачхъала – Болъихъ нухлул Генуб – ЧIиркъатIа бутIа къачIазе. МагIарул анлъго районалда гIумру гьабун ругел гIадамазул рохалие гIорхъи букIинчIо, 2006 соналъул 6 сентябралда гьеб нух къачIан бахъиндал, 100 километралдасаги цIикIкIун манзилалъ къокълъана нух. Гьединго...

