Бузнаса нух – умумузул гуч

Халкъияблъун лъугьараб нухалъе цIакъ хIажат буго халкъалъул квербакъи

 

1985 соналда Г. ХIайбулаевасул нухмалъиялда гъоркь гIуцIараб «ГIумруялъул нух» абураб гIуцIиялъ байбихьана МахIачхъала – Болъихъ нухлул Генуб – ЧIиркъатIа бутIа къачIазе.
МагIарул анлъго районалда гIумру гьабун ругел гIадамазул рохалие гIорхъи букIинчIо, 2006 соналъул 6 сентябралда гьеб нух къачIан бахъиндал, 100 километралдасаги цIикIкIун манзилалъ къокълъана нух. Гьединго нилъеда лъала кин умумуз, техникаги гьечIого, лъундуз, булдуз, гузбуз, гьецIокъалъ гьеб нух гьабун букIарабали. Нухлул цо-цо бутIабазда кьоял ралелъулги гьез хIалтIизарулаан, масала, рельсал. Нилъер республикаялда гьединал мисалал гIемер руго. Машинадул нухдаги «балкон» гьабизе хIалтIизарулаан рельсал. Гьединал къачIарал нухал ратула ЧIараде ва Гъуниб районаз­де унаго. Дол нухал жеги хунги гьечIо, гьенир рарал кьоялги щулаго руго. Гьединабго ахIвал-хIал буго араб гIасруялъул 20-30-абилел соназ умумуз гьабураб Бузнаса нухлулги. Гьеб нухлул кIудияб гуреб бутIа хутIун буго хвечIого.
Масала, 1927 соналда Унсоколо районалъул Генуб росулъа Бартиханов МухIамадица бараб кьо жеги хьвадизе бегьулеб хIалалда буго.
ЗахIматал шартIазда Сулахъ гIурул рагIалдасан гьабураб «ГIумруялъул нух» букIана мугIрузулабги гIодоблъиялъулабги Дагъистан цолъизабулеб цого-цо бугеб бухьенлъун.
ЧIахIияб гIелалъул гIадамазул биценазда рекъон, Москваялъул вакилзабигун гьеб нухдасан ана ГIабдурахIман Данияловги.
КIиго оцги бан, гьоко бачун бажарунгутIи­ялъ, цояб оцол бакIалда гIадамал рукIунел рукIун руго, нухлул цо-цо бакIаздасан унелъул. Гьеб нух унаан ГIандигIурул рагIалдасан, Сулахъ гIурул кваранаб рагIаллъиялдасан, хадуб – Хъарани, ИшкIарти росабазул рагIалдасан Темирхан-Шура (Буйнакск) шагьаралде щвезегIан.
Нух гьабизе бакIги тIасабищун букIун буго свералаби гьечIеб, бищунго къокъаб, гьава-бакъалъул бокьарал шартIазде дандекколеб гIадаб.
МагIарулал лъелгоги гьаказдаги хьвадулаан гьеб нухдасан даран-базаралъеги. Амма гIумруялъулго хIалбихьилъун лъугьараб нух хадусел саназги жакъаги хутIун буго кIвар кьечIеблъун, жакъа къоялъги цIигьабун къачIалеб бугониги.
ХIамзатил Расулица абун букIана, нилъеца аралда таманча речIчIани, бачIунелъ гIарада речIчIизе бугилан. Гьелъухъего, бичIчIизе кIолеб гьечIо щай инженераздаги нухал гьарулел цогидал специалистаздаги, гендерил кьуруги борлъун, нус-нус миллиардалги хвезарун, нух бахъизе ракIалде ккарабали. Бегьилаангури гьеб нух, гIатIидги гьабун, гьанжесел шартIаз­де дандекколедухъ къачIазе. ГIарацги дагьаб харж гьабизе ккелаан, хехгоги лъугIилаан нух къачIан. Нухлул тIасагъоркье балагьараб свериги букIинароан, тоннелалдаса Генубе щвезегIан бугеб гIадаб.
Хасало санагIалъи букIунаро харил цIурал машинаби хьвадиялъе. Зама-заманалдасан гьенисан нухги къан, Лавашасанги хьвадизе ккола, 100 километралдасаги цIикIкIун нух тIадеги тун.
2014 соналда мугIрузул районазда гIумру гьа­бун ругел гIадамаз бакIарараб гIарцул кумекалдалъун байбихьана 30 км халалъиялъул, 12 метр гIеблъиялъул Бузнаса нух къачIазе нухал гьариялъул специалист МухIамад-Камил Дибировасул нухмалъиялда гъоркь. Цо нух бахъун тезе ракIалдаги гьечIо. Нухлулазе базе буго мажгитги. Амма мугIрузул 17 районалъул гIадамазул гIумру лъикIлъизабизеян планал рахъулеб ругеб республикаялъул хIукуматалъул цо кепкилгIаги кумек щвечIо нух бахъизе гьабулеб хIалтIуе.
Жакъа къоялде гьабураб нухлул халалъи буго 17 км, гIеблъи — 12 метр. Нухлул халгьабизе рачIунезул къадар цIикIкIунеб буго, хасго гьеб нухдасан жидерго районазде унезул.
Нижги щвана гьенире исана. Нижеда гьенир ратана Генуса, ХъахIабросулъа ва цогидалги бакIаздаса гIадамал. Нух бихьизе рачIарал кинал­го цIакъ рази хутIана гьабулеб бугеб хIалтIудаса. Амма нух бахъун лъугIизабизе гIолеб гьечIо гIарац. Нух гьабиялъул иш щун буго бищунго захIматабин абизе бегьулеб бакIалде. 4 км манзилалъул халалъи бугеб нух къачIалелъул, рорлъизе, гIанлъизе, кьвагьизе кколел руго кьураби. КIудияб хьул буго гIадамазда нижер рекIел ахIиги гьариги рагIилин. Гьеб мехалда, лъагIалил ахиралда, чабахги бан, нух гьабун лъугIизабизе кIвезе букIана.
Нухал рахъиялъе кумек гьаби буго цIакъго кири кIудияб хIалтIи. Кумек гьабизе бокьараз бухьен кквезе бегьула МухIамад-Камил Дибировасулгун. Гьеле гьесул телефоналъул номерал: 8-988-778-21-18, 8-918-595-29-76.

НурмухIамад АсхIабов,
ГIали ХIабибов