РакъугарцIазул иргадулаб гьужум Жакъа къоялде республикаялда ракъугарцIаз «ккун» буго росдал магIишатазул ракьалъул 100 азаргоялдаса цIикIкIун га «Россельхозцентр» ФГБУялъул аслияб хIалтIи ккола республикаялъул росдал магIишаталъул ракьал заралиял рухIчIаголъабаздаса ва унтабаздаса цIуни, чIахI-хералъе, гIезарулел нигIматазе букIине бегьулеб зарал цебеккунго тIатинаби, гьелъул бугеб хIинкъиялъул цIех-рех гьаби. ЦIех-рехазул ва анализазул хIасилги гьабун, тIатинабураб хIакъикъияб баян битIула республикаялъул хIукуматалде, Росдал магIишаталъул...

