Бидул тIадецуй цIикIкIиналде данде

250 махIачхъалаялъулас халгьабуна  жидерго бидул тIадецуялъул 

 

250 махIачхъалаялъулас халгьабуна
жидерго бидул тIадецуялъул

Гьеб халгьаби дандеккезабун букIана тIолгодунялалъул бидул тIадецуй цIикIкIиналде данде къеркьеялъул къоялде. Республикаялъул медицинаялъу­л профилактикаялъул ва «Сахлъи» центразул, шагьаралъул №3 поликлиникаялъул специалистаз гIадамазда бичIчIизабулеб букIана бидул тIадецуй рукIалиде бачIинабиялъе гьаризе кколел дарабазул.
— Зама-заманалдасан халгьабизе лъикIаб буго бидул тIадецуялъул. БетIер унтулеб гьечIиланги абун, квер хьвагIун гьеб тезе бегьуларо. Киназулго гуро бетIер унтулеб бидул тIадецуй цIикIкIиндал. Дагьа-макъаб хIалалда гурони бетIер унтулеб гьечIониги, бидул тIадецуй цIикIкIун букIине бегьула. Гьеб цIикIкIараб бугони, зарал ккола беразе, ургьисалабазе, рекIее ва гIадалнахуе. Гьелдалъун ккезе бегьула инсультги, — ян бицана медиказ.
Гьединго медицинаялъул идарабазда тIобитIизе буго рагьарал нуцIбузул къо, гIуцIун буго «Сахлъиялъул школа». Гьениб унтаразда малъула жидерго бидул тIадецуялъул халгьабизе.

Къокъго

ДГТУялда цебе бугеб гIел­­ми­ябгун цIех-рехалъул институталда къватIибе би­ччан буго массажалъул кумекалдалъун горбогьод сахгьабизе хIалтIизабулеб алат.
Мугъ, габур, гъуждул унти — гьеб буго мугъзагьод унтиялъул, ялъуни букIине кколелдаса цIикIкIараб цIайи чорхол букIиналъул гIа­ламат. Унти халатбахъунеб бугони, рес буго горбогьод унтизеги. Гьединлъидал лъикIаб буго массаж гьабизе. Гьелъ сахгьабула ботIрол ва цогидалги бакIазул унти.

* * *
Республикаялъул клиникияб больницаялда унтарасе гьабуна цIакъ захIматаб операция. Унтарасул гIадалнахуда бижун батараб жо нахъе босана. Тохтур-нейрохирург Шамил Садикъовас бицухъе, гьединал операциял цере Москваялда гурони гьарулел рукIинчIо. Гьеб ккола Дагъистаналъул хирургаз жидецаго тIоцебе гьабураб операция.
Больницаялъул бетIерав тохтур МухIамад ИмангIалиевас бицана гьединал операциял гьаризе больницаялда киналго шартIалги махщел тIадегIанал тохтурзабиги ругилан.