ТIабигIаталъ кьураб бечелъи

ЧIахI-хералъул ва рухIчIаголъабазул къадаралъул гьарзалъиялъул рахъалъ

Кавказалдаго бищун бечедаб бакI ккола Дагъистан

Россиялъул къанагIатабги регион­цин гьечIин абизе бегьула Дагъистан гIадаб чIахI-хералдалъун ва рухI­чIаголъабаздалъун бечедаб, тIа­би­гIаталъул гьава-бакъ рекъараб бакI. Са­мур гIоралъул ахада — субтропика­лъул рохьал, республикаялъул северияб рахъалда — салул авлахъал, рорхатал мугIрул, даим гIаздаца рацарал цIорол тIогьал — гьарзаго кьун буго БетIергьанас тIабигIаталъул суратал. Гьеб бечелъиялдаса битIун пайда босиялда хадуб хъаравуллъи гьабулеб, гьеб цIунулеб идара ккола Россиялъул чанахъабазул ва ччугIихъабазул ассоциациялда гьоркьобе унеб республикаялъул хIалбихьиялъул чанахъабазулгун ччугIихъабазул (ООРХ) «Дагестанское» магIишат. Гьелъул председатель Завурбег ВахIидовасулгун буго нижер жакъа­себ гара-чIвари.
— Кида гIуцIараб Дагъистаналда чанахъабазул ва ччугIихъабазул цолъи? КигIанасеб къадар ракьул нужер бербалагьиялда бугеб?
— Чанахъаби Р. Сайпуевасдасан ва З. Танаевасдасан мухIкан гьабуна гIуцIия­лъул тарих. Гьездаги гьелъул бицун букIун буго гIемерал соназ республикаялъул чанахъабазул гIуцIиялъул председательлъун вукIарав Хъара Хъараевас. 1943 соналъул октябрь моцIалда, тIадбан рагъ унеб заманалда, квана-гьекъолеб жоялъул рахъалъ расги лъикIаб хIалалда букIинчIеб Дагъистаналъул халкъалда кверчIваялъул мурадалда, чанго чанахъанас хIукму гьабула, Алмалоялъул хIоразда аскIоб маххул нухлул вагонги лъун, чанахъанлъи ва ччугIихъанлъи гьабизе. МахIачхъалаялъул маххул нухазул депоялдаса жидецаго данде гIарацги рехун босараб гьеб вагон, чуязда нахъаги бан, цIала Алмалоялде. Гьениб ккураб ччугIа, щвараб чан бикьулаан сверухъ ругел росабазул гIадамазе, битIулаан МахIачхъалаялдеги. Хадуб гьеб вагон лъураб бакIалда гьабуна чанахъабазул база ва гьениб гьабсагIаталда буго Алмалоялъул чанахъабазул магIишат. Гьеб тарих, 1943 соналъул октябрь моцI рикIкIуна республикаялда чанахъабазул ва ччугIихъабазул идара гIуцIараб мехлъун. Исана октябралда кIодо гьабизе буго нижер цолъи гIуцIаралдаса 75 сон тIубаялъул юбилей.
2014 соналде щвезегIан нижер бербалагьиялда букIана 1023 га ракьул ва гьениб гIуцIун букIана чанахъабазул 37 магIишатги. 2014 соналъул 17 июналда гьабураб Дагъистаналъул хIукуматалъул № 277 хIукмуялда рекъон, нижеда хадуб щула гьабуна 716,5 га ракьул. Чанахъанлъиялъул цо-цо магIишаталги цолъизарун, гьениб гIуцIана чанахъанлъиялъул ва ччугIихъанлъиялъул 29 магIишат.
— ГIага-шагарго лъалищ чан батIи­яб чIахI-хер, рухIчIаголъи Дагъистаналъул ракьалда бугебали?
— АнцI-анцI соназ зоологиялъулги биологиялъулги гIалимзабаз, нижер ида­раялъул хIалтIухъабаз гьарурал цIех-рехаз мухIканго чIезабун буго рес­публикаялъул ракьалда бугеб флорая­лъул (чIахI-хералъул), фаунаялъул (рухI­чIаголъабазул) къадар. Гьелъул гьар­залъиялъул рахъалъ Кавказалдаго Да­гъистан буго бищун бечедаб бакIлъун. Ни­лъер гьаниб бижула 4500 тайпа чIахI-хе­ралъул, 89 батIияб тайпа рахь кьун тIан­чIи хьихьулел рухIчIаголъабазул, гIал­хул хIайваназул, кIикъого батIияб тай­па борхьазул ва цогидалги хъуршун хьвадулел рухIчIаголъабазул, кIи­къоялда анцIазарго батIи-батIияб хIутI-хъумур. Лъаразда, гIоразда, хIоразда, ралъдалъ буго 123 тайпа ччугIбузул, лъабнусго ба­тIияб тайпа хIанчIазул.
— Чан чанахъан ва ччугIихъан вугев нужер хIисабалда?
— Кодоб билет бугев кIиазарго чи вуго. Нижер хIисабалда гьечIел, цIо­гьохъе чан гьабулел, ччугIа кколел жеги гIемер руго. Гьединазда абула браконьералин. Гьукъараб заманалда, бегьулареб бакIалда чан гьабулезда хадуб хъаравуллъи кквезе нижер гIуцIиялда вуго ункъого егер. Щибаб соналъ, гьор­­кьохъеб хIисабалда, нусгоялдаса цIикIкIун хIужа тIатинабула цIогьохъе тIабигIаталъул бечелъи хвезабулезул. ЛъикIал хIасилал кьола республикаялъул ТIабигIиял сурсатазул министерствоялъул инспекторалги гIахьал гьарун тIоритIулел рейдаз. Мисалалъе, гьедин тIобитIараб цо рейдалда ккуна браконьеразул кIиго къокъа. Гьединго тIатинабуна Бабаюрт районалда къаси-къаси чанаре рахъунел браконьералги. Чан гьабиялъе бихьизабураб заман буго сентябрь моцIалдаса февралалъул авалалде щвезегIан, гьелдаса хадуб гьукъараб буго, щай абуни, февралалдаса хадуб чундузул тIинчI бахъиялъул сезон байбихьула.
— Чан чи вугев нужер штаталда, гье­зие гIарац киса кьолеб?
— Нижер штаталда вуго нусиялда анцIго чи. Дагъистаналъул чанахъаба­зул ва ччугIихъабазул цолъи ккола коммерциялъул гуреб, жамгIияб цолъи. Пачалихъалъул бюджеталдаса нижее гIарац кьоларо. ХIалтIухъабазе гIарац кьола член-хIакъалдаса бачIараб ва чан гьабизе лицензия кьун щвараб гIарцудаса.
— Чан гьабиялъе лицензия лъица кьолеб, гьеб тIалаб гьабун батIиял регионаздаса, къватIисел пачалихъаз­даса чанахъаби рачIунищ?
— Лицензия кьола МахIачхъалаялда Магидовасул къотIноб №76 минаялъуб бугеб бетIераб идараялъ, нижер гIуцIиялда гъорлъ ругел егераз ва чанахъанлъиялъулъ магIишатаз. Гье­лъухъ щвараб гIарац уна чанахъанлъиялъул ва ччугIихъанлъиялъул магIишатазда биотехникиял хIалтIаби гьариялъе, хъа­равуллъиялъул шар­тIал лъикIлъизариялъе, цо бутIа хIалтIухъабазе мухьалъе.
Чан гьабиялъе лицензия тIалаб гьабун нижехъе рачIуна Северияб Кавказалъул республикабаздаса гурелги, Россиялъул централиял регионаздаса ва къватIисел пачалихъаздасаги чанахъаби. Гьезулгун къотIи-къаялги гьарун гIуцIула коммерциялъулал турал. КъотIи-къаялда бихьизабураб чаниде гурого кьвагьизе ихтияр гьезул букIунаро. Гьедин рачIарал чанахъабазда цадахъ кидаго нижер егерги вукIуна.
— Кинал чанахъанлъиялъул магIи­шатал ругел лъикI хIалтIи гIуцIарал?
— Абизе бегьула киналго ругин тIадаб иш намус бацIцIадго тIубалел чагIийилан. Гьедин букIиналъин Россиялъул Чанахъанлъиялъулгун ччугIа кквеялъул союзалъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда ругел гIуцIабазда гьоркьоб ахираб анлъго соналда жаниб нижер гIуцIи тIоцебесеб бакIалда бугеб. Хасгьабун абуни, тIоцебе цIар рехсела Тарумовкаялъул чанахъанлъиялъул магIишат ва гьелъул нухмалъулев Олег Реутовасул. Гьев вуго жиндирго магIишаталда лъикI хIалтIи гIуцIарав гIуцIарухъан гуревги, чанахъанлъиялъул гьабзазул хIалбихьи бугев экспертги, таксидермистги (цIоко-къехь къачIалев ва чундузул чиякIаби гьарулев чи). Мисалияб чанахъанлъиялъул магIишат буго Гъизляралъул Ачиколалъул чанахъанлъиялъул магIишатги. Гьениб буго чанахъанлъиялъул ва ччугIа кквеялъул кIиго база. Гьелъие нухмалъи гьабула Владимир Лысовас.
Казбекалъул чанахъанлъиялъул ма­гIи­ша­талъул нухмалъулевлъун чанго соналъ хIалтIулев вуго Дада Эмее­в. Буйнакска­лъул чанахъанлъиялъул ма­гIи­ша­талъул нухмалъулев МухIамад Му­хIамадов вуго жиндирго ишалъе ри­тIухъав, гIагараб ракьалде рокьи бугев чи.
— Кинаб бухьен бугеб нужер республикаялъул ТIабигIат цIуниялъул министерствоялъулгун?
— Нижеца хIалтIи гьабула дандбан, цадахъ рекъон. Амма кIиязулго руго жиде-жидеда рухьинарурал тIалабал ва ракьал. Нижеца хIалтIи гьабула нижер балагьиялда гъоркь бугеб 716 гектаралда, министерствоялъ — республикаялъул пачалихъияб фондалъул ракьалда.

Гара чIвари гьабуна
Пайзула Пайзулаевас.