Новость на родном

Кавказалда ахIвал-хIал

Эрмениялъул «рикьи»   Россиялъул Федерациялъеги Дагъистаналъеги дарслъун хутIила Ахираб лъабго анкьалъ Эрмениялда букIана хIалуцараб хIал. Гьелъ рахIатхвезабуна Кремлялъулги.Лъиданиги лъаларев ва вузалда цIалунги вахъинчIев журналист Никол Пашинянихъа бажарана гIаламго къватIибе бахъинабун. Пашинян ккола Эрмениялъул парламенталъул «Выход» абураб фракциялъул цевехъанги. Николил нухмалъиялда гъоркь Эриваналъулги республикаялъул цогидал шагьаразулги къватIазда лъабабго анкьалъ унел рукIана нухмалъиялде дандечIарал митингал. Гьез тIалаб...

Новость на родном

КечI бижиялъе гIилла

Марк Бернесил ахирисеб асар   Къункърабазул читIиралда гьоркьоб мустахIикъаб бакI ккуна Расулицаги, Яницаги, Маркицаги, Наумицаги Северияб Осетиялъул Дзуарикау росулъа Газдановазул хъизамалда вукIана анкьго вас. Цояв чIвана 1941 соналда, фашистаздаса Москва цIунулаго. Жеги кIигоял чIвана 1942 соналда Севастополалъе гIоло ккарал рагъазулъ. Лъабабилеб нухалдаги чIегIераб хабаргун кагъат бачIараб мехалда, хвана гьезул эбел. Хадусев лъабгояв хвана Новороссийскалда, Киевалда,...

Новость на родном

Щивго кIочон гьечIо…

ЧIохъа ГIабдулажид   ГIумруялъ гIезегIан кIвекIаниги, жакъаги лъикIаб жаналда вуго ветеран Гьеб букIинчIо нижер тIоцебесеб дандчIвай. Щибаб нухалъ Гъаза­лиев ГIабдулажидида мисалалъе бачине батулаан цебехун рагIичIеб, амма хадубккун тIад пикраби гьаризе тIамулеб лъугьа-бахъин. Цин гьес нилъ рачуна пачаясулаб Россиялде, цинги рикIкIадаб 1937 соналъул ракI гъанцIизабулел лахIзатазде. Гьел соназ ГIабдулажидил эмен, мунагьал чураяв ГIиса, кулакги гьавун, чIван...

Новость на родном

Заид ХIажиевас 120 сон тIубаялде

Досул кучIдул кидаго нилъгун руго   Заидил тIоцересел кучIдул магIарулазухъе щвана 1920-абилел соназдаго. Гьесул кучIдузул тIоцебесеб мажмугIин абуни басмаялда бахъана 1931 соналда.Заид ХIажиев гьавуна 1898 соналда Хунзахъ росулъ. Гьесда лъана гIумруялъул кьогIлъиги, граждан рагъазул цIадул бухIиги, советияб заманалда гIадамазе жидерго кочIодалъун, журналистасулаб бегIераб къалмидалъун хIасратго хъулухъ гьабиялъул рохелги.Заидил тIоцересел асаразул хиси гьечIеб темалъун букIана гIумруялъулъ,...

Новость на родном

Нилъер бахIарзал

ЧIегIерав ГIумар   «Бихьанщинабги рагIанщинабги гIадамазе гьурщулев вугони, дун мацIихъан ккола», — ян абулаан имамасул чапарас Шамил имамасул нухмалъиялда гъоркь Дагъистаналъул ва Чачаналъул халкъаз эркенлъиялъе ва жалго жидедаго чIеялъе гIоло гьабураб рагъулъ имамасул аслияб ярагълъун букIана муридзабазул бахIарчилъи ва гIорхъи гьечIеб к­ъвакIи. Щибаб магIарул росулъ рукIана гье­лъие мисалиял бахIарзал. Гьединазул цоявги вукIана лебалав бахIарчи, КIаратIаса...

Новость на родном

ХIажи-Мурад ГIарацхан ва гьесул рагъулаб къисмат

Конвоялда хъулухъги гIемерго лъикI унеб букIана   «РакIалде ккола ЦIияб заманалда Россиялда тIад багъарараб цониги рагъ букIинчIин, гьаб «империалистияб» гIадин, халкъазул пикруялъулъ инжитаблъунги бугьтанал лъураблъунги лъугьараб. Цониги рагъ ккечIо гьединаб гъваридаб вакуумалде. Цониги рагъ хутIичIо гьеб гIадин ирсилазул пикруялъулъа хъвагIараблъун. «Империалистиялда» тIасан гъобсагIатго хIучч цIана инкъилабалъ. Гьеб сверана «граждан рагъалде» ва букIинего букIинчIеблъун лъугьана». Лев...

Новость на родном

Щивго кIочон гьечIо…

Кулакасул василан цIар щвечIого хутIана «…Кьалда бахIарчилъи бихьизабурав, Парзуласул тухум «тохаб» батана…» ЦерегIанго къоязда редакциялде ячIарай ГIахьвахъ районалъул КIаратIа росулъа Халилова Зулбикаца бицана «ХIакъикъаталъул» «Рихьизе рокьула лъикIал гIадамал» абураб рубрикаялда бахъараб «Бице дур кIудадал -рагъул гIахьалчиясул хIакъалъулъ» абураб макъалаялъ цоги нухалда ракIалдещвезавунила КIудияб ВатIанияб рагъда чIварав эмен Парзулав. «Совет Союзалъул БахIарчиясул цIар кьезе вихьизавун вукIарав...

Новость на родном

БахIарзазул цIарал цIунила рекIелъ

Сергей Меликовас шапакъатал кьуна   2017 соналъул 17 июналда Табасаран районалъул Ерси росдада гIагарлъухъ хасаб операция тIобитIулаго, къадаралде щвана Росгвардиялъул Дагъистаналда бугеб управлениялъул ОМОНалъул хIалтIухъаби. Гьезул гIагарал чагIазухъе шапакъатал кьуна РФялъул Миллияб гвардиялъул федералияб хъулухъалъул директор – РФялъул Миллияб гвардиялъул бетIерав командующий, генерал-полковник Сергей Меликовас.Гьеб тадбиралда гIахьаллъана ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевги.«Нилъедаса ратIалъулел руго...

Новость на родном

Шагьаралъул школазда — рахьдал мацIал

Анищазул ва кочIол куркьбазда Дагъистаналъул мацIазул фестивалалда 25 апрель. МахIачхъалаялъул № 58 школалде (Семендер поселок) гIагарлъулаго, рагIулеб букIана магIарул зурмил гьаракьги къолол накуги. Гьелдаго цадахъ — пандрида рачунел бакъналги Дагъистаналъул цогидал мацIазда ахIулел кучIдулги. Гьениб тIобитIулеб букIана Дагъистаналда 27 апрелалдаса 6 маялде щвезегIан букIине бугеб спорталъул кIудияб байрам — эркенаб гугариялъул ра­хъалъ Европаялъул чемпионаталъе сайгъат...

Новость на родном

Бергьенлъиялъ 73 сон тIубаялде

Исана сонги ани, «зобги роцIун хутIани»… Гъуниб районалъул Сугъралъа фронталде ана 300-ялде гIагарун чи. ТIадвуссана 140-яв ВатIан цIунизе ана тIолабго улкаялъул гIолилалги хералги. ВатIан цIунизе лъабго-ункъо чи арабги хъизам букIана Сугъралъги. Рагъ байбихьилелдего советияб армиялда вукIана дир инсул вац Хазам Исупил ГIали. Гьес хъулухъ гьа­булеб букIана Литваялда. Гьесул кагътал жеги нахъе цIунун руго, амма гьесул...