ГIодориччан чIезе заман гьечIо

ДРялъул росдал магIишаталъул министерствоялъ Кочубеялда данделъи тIобитIана

 

Исанаги гарцIазул зарал ккезехъин буго Дагъистаналъул росдал магIишаталъе. Арал соназда дандеккун, исана гьезул къадар цIикIкIине бугилан абулеб буго тIабигIаталда хадуб халкколез. Гьединлъидал, нилъер республикаялъул Калмыкиялъулгун ва Ставрополалъулгун гIорхъабаз­да гьезул тIинчI баккарабго, Росдал магIишаталъул ва квана-гьекъолел жалазул министерствоялъул хIалтIухъабаз жигар бахъулеб буго гьелде данде гьаризе кколел тадбирал тIуразаризе.
Гьелда бан, 20 маялда росдал магIишаталъул ва квана-гьекъолел жалазул министр ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас хехаб данделъи ахIана Кочубей поселокалда. ГIодобкъо букIиналъухъ балагьичIого, гьенир гIахьаллъарал магIишатазул нухмалъулезул, фермеразул, киналниги специалистазул баяналъухъги гIинтIамун, хIукму ккана щибаб районалда гIуцIизе гьеб ишалда хурхун хIалтIи гьабулел штабал.
Цогидал районаздаса цIикIкIараб хIинкъи буго Нугъай районалъул магIишатазда. Гьединлъидал гьеб райо­налъул администрациялъул за­мес­титель Х. Саитовас тIадчIей гьабуна жамгIияб ва хасаб магIишатазда жакъа къоялде щвезегIан гьа­рулел ругел хIалуцарал хIалтIабазда. Гьеб районалъул 40 азаргоялде бахараб гектаралда гарцIица тIинчI биччан буго, амма 600 гаялда гурони гьелде данде дару гьабун гьечIо. КватIичIого гьелъ боржине байбихьула ва тIощел хвезабула.
Гьединго гIуцIараб къагIидаялда хIалтIи гьабулеб бугилан баянал кьуна ГIахъуша, Кули, Рутул районазул вакилзабазги фермеразги.
Данделъиялда пикру буссинабуна тIаде бачIунеб гьеб гарцIил ба­лагьал­де данде гьабулеб хIалтIи, Дагъистан Республикаялъул «Ракьул кодексалъул» 19-абилеб статьяялда рекъон, тIоцебесеб иргаялда ракь хIалтIизабулезул, ракьалъул бертIергьабазул жавабчилъиялде кколеб­лъиялде. Росдал магIишаталъул ва квана-гьекъолел жалазул министерствоялъ гьеб ишалъе гьабизе ккола гьелда рекъараб нухмалъи.
Гьаниб рехсечIого гIоларо гьел гьарулел тадбиразулъ районазул нухмалъулезул жавабчилъиялъул хIакъалъулъги. КигIан кIвар цIикIкIараб, хIалуцараб заман бугониги, хъутабазда жидерго магIишатаз­де гIицIго ГIахъуша районалъул бетIер гурони щун ватичIо. Хъутабазда жакъа лъолеб буго могьолал культурабазул бачIиналъе, хасалоялде рагIи-хер гIураб къадаралда хадур гьабиялъе кьучI. Амма гьел суалаздехун районазул бутIрузул бербалагьи гIей гьечIеб букIин бихьулеб буго.
ГI. ГIабдулмуслимовас хехаб къагIидаялда загьру речIчIулел ГАРД машинабазул къадар цIикIкIинабизе ресал ратана ва хIажалъани гьеб мурадалда самолетал хIалтIизариялъе амру гьабуна. Химиялъул загьру речIчIун, къачIазе кколеб ракьалъул къадар нилъер республикаялда буго 200 азарго гектаралде гIагарун. Гьеб хIалтIуда хадуб чIезабун буго щулияб хъаравуллъиги. Гьединлъидал гIодориччан чIезе заман гьечIилан лъазабуна министрас.
З. Илясов