Чорокал квераздаса бахунеб унти

Гепатит

 

Дунялалда тIад санайил гепатиталъ унтула нус-нус миллион чи
ва тIул унтиялъул хIасилалда хола 1,4 млн чи

Жакъа гепатиталъ республикаялда гIадамал унтиялъул бугеб хIалалъул ва гьелдаса цIунизе кколеб къагIидаялъул бицун нижеца гара-чIвари гьабуна республикаялъул рахунел унтабазул централъул отделениялъул заведующая, ДРялъул мустахIикъай тохтур Мухлисат ГьитIиновалъулгун.

Унтул хIакъикъат

2017 соналда республикаялда хъвай-хъвагIай гьабун буго вирусазул гепатиталъ унтарав 4805 чиясул. Гьезда гьоркьоса В гепатиталъ унтун вуго 1991 чи, С гепатиталъ – 2583 чи, В+Д гепатиталъ – 111 чи ва В+С гепатиталъ – 200 чи. 2018 соналъул тIоцебесеб бащдаб лъагIалил сияхIалда вуго вирусазул гепатиталъ унтарав 4850 чи. Гепатиталъул церрозалъ ва рак унтиялдалъун ахирал соназда республикаялда гIезагIан чагIиги хвана.

Кин бахине бегьулеб?

А тайпаялъул гепатит рикIкIуна бищунго бигьаяблъун ва хехго сахгьабизе кIолеблъун. Гьеб бахуна лъикIго белъа-бежизе гьабичIеб кванидаса, хъубаб лъедаса ва чорокал квераздаса. В ва С тайпаялъул гепатит бахуна бидулъан. Гьединго гепатит бахуна эбелалдаса лъимадеги. Вакцина гьабизе байбихьилалде гIемерисел лъимал гепатиталъ унтулаан.

Щиб гьабулеб бугеб?

Гепатит бахиналда хIинкъи бугел бакIазда ДРялъул СахлъицIуниялъул министерствоялъул бихьизабиялда рекъон гьабула вакцинация. В гепатиталде данде вакцинация гьаби уна рахунел унтабаздаса гIадамал цIуниялъул миллияб календаралда гьоркьобе. Гьелда рекъон, гьабураб лъимадуе 24 сагIтил болжалалда жаниб, щибаб моцIидаса ва щибаб анлъго моцIи-моцIидаса вакцинация гьабизе ккола. Нилъеего цIодорлъи гьабизелъун, 55 сон базегIан кинавго чияс вакцинация гьабизе ккола. Гьеб гьабула чIобого, гIумру гьабун вугеб бакIалда бугеб поликлиникаялда.

Гепатиталдаса цIунулеб къагIида

А гепатиталдаса цIуниялъе чара гьечIого тIуразаризе ккола гьал гIадатиял тадбирал: щивав чияс цIунизе ккола рацIцIалъи, ай кваналелдеги хIажатханаялдаса хадубги кверал чурила, гьекъела бацIцIадаб лъим, кванала лъикIго релъа-режарал нигIматал.

Сундуе хIинкъи букIунеб?

А гепатит даимаблъун лъугьунаро. Даимлъиялде сверараб В ва С гепатитазул циррозалъ ва ракалъ тIул унтиялда хIинкъи букIуна. В гепатит даимлъиялде сверарал чагIазул 20 проценталъу­л ва С гепатит даимлъиялде сверарал чагIазул 5-20 проценталъул тIул циррозалъ унтула. Вирусазул гепатитаз тIулада рак унтиги ккезабула.
Даимлъараб вирусалъул гепатит бугел чагIазда кваранаб сологIучIалда гъоркь бугеб бакIалда лъалеб унти букIунаро, тIогьилаб унти тIатунаро. ЦIакъго «щулалъичIого» инсанасда гьеб унти лъаларо, гьеб тIатиялъул гIаламаталги щивав чиясул батIи-батIиял рукIуна. Гьединлъидал, щивав чиясда заман батизе ккола тохтурасухъе ине ва хал-шал гьабизе.
Вирусологаз жакъа къоялде тIатинабун буго гепатитазул вирусазул ичIго тайпа: A, B, C, D, E, F, G, TTV, SEN-V. С гепатиталдаса цIуниялъе вакцина ургъун гьечIо, амма гьеб сахгьабизе кIолин абула.

Гепатиталъул хIакъалъулъ
анлъго хIужа

1. Гепатиталъул тIоцересел гIаламатал гриппалъул гIадал рукIуна. Унти байбихьидал черхалъул чIаголъи хола, квачала, рищалаби унтула. Заманалдаса кваниде гъира гьечIолъи, тIом букари, ракI багъари, чехь кIодолъи, гIакълу-пикру свери ва цIайиялъул хисиккей гIадал гIаламатал раккула.
2. Цо-цо чагIазул чорхолъе ккараб С гепатит (15-25 проценталъул) сах гьабичIониги, анлъго-ичIго моцIидасан жибго уна. Экспертаз абулеб буго, гьеб бугин интерлейкин 28B абулеб ген чорхолъ букIиналъ цо-цо чагIазул талихIилан.
3. Сах гьабичIого тани, С гепатиталъ инсанасул тIул хвезабула.
4. Гепатит сахгьабиялъе цIиял дараби ургъун руго, амма гьел цIакъго багьаял руго. Америкаялъул аптеказда буго С гепатит сах гьабулеб софосбувир абулеб дару. Гьелъ вирус чIвала, иммуннияб системаялъе зарал гьабуларо. Гьелъул цо таблеткаялъул багьа 1000 долларалде бахуна.
5. Лъимаде йигей гIадан хвеялда хIинкъи бугеблъун рикIкIуна Е гепатит.
6. Сахлъанинги абун, гепатиталъ унтун вукIарав чи сабуралда чIезе бегьуларо. Анлъго моцIида жаниб цо нухалъгIаги тохтурасухъе ине ккола.
Нури Нуриев

Халкъияб медицина
Занжабил (имбирь)

Халкъияб медицина
Занжабил (имбирь)

Нилъеца гIемер хIалтIизаби­чIо­ниги, квани­лъе гьарулел нигI­матазул бищун пай­даяблъун ри­кIкIуна занжабил (имбирь). Гьелъул пайда гIемерисезда лъаларо, нилъеца гьеб гIемер хIалтIизабуларого букIиналъ. Амма гьелъул пайдаби лъалел рукIана лъабазаргогIан соналъ цере. ТIоцебе гьеб бекьулеб букIана Индиялъул шималияб рахъалда. Гьанжейин абуни гIезегIанго пачалихъазда гIезабула. Гьелъул хIакъалъулъ Къуръаналдаги рехсей гьабун буго: «Гьениб гьезие цIарагIалдаса гьекъезе кьола, жиндилъе жубараб жоги занжабил бугеб» (сура «Аль-Инсан», аят 18).
Ибну Синаца бицун буго имбиралъул кьибилалъ инсанасул лугбузе асар гьабулин. Ахираб заманалда гIалимзабаз гьарурал гIелмиял цIех-рехазда рекъо­н, чIезабун буго занжабилалъ кванирукъалъу­л, бакь-чехьалъул, гьуърузул хIалтIи кутакалда лъикIлъизабулеб букIин. Гьелъ кумек гьабула гIетI чвахизабизе, гьури-муч къватIибе инабизе, ахту лъугIизабизе, лагIиялде дандеги чIола. Риххел щвараб мехалъ гьеб къотIизабизеги хIалтIизабула.
Щибаб къоялъ дагьа-дагьаб кваналеб бугони, чорхое хинлъи кьола, къуват бачIинабула, кванде гъира бахъинабула ва би хинлъизабула. Хасго пайдаяб буго квачараб, ай хасалил заманалда хIалтIизабизе.
Гьебгун цадахъ гьекъараб чаялъ свак чучизабула, хIал дагьлъараб, тату хвараб мехалъ къуват бачIинабула, нерваби гIодориччазарула, свак инабула. Гьелъ бидулъ холестерин цIикIкIине биччаларо. Занжабилалъул хъалалъ квербакъула кIващ бачIинабизеги. ХIайизалда йигей чIужугIаданалъул унтаби сах гьарула, щекI букIкIунев чиясул гьебги инабула. Кумек гьабула паралич, гIубил унти бугел чагIазе, цунтрул къватIире рачIинаризе.
Гьуърул унтарал чагIазе, тIомол унти ва сунде бугониги аллергия бугезе кутакалда кумек гьабула, гьединго квербакъула гIадалнахул бидул хIалтIи лъикIлъизабиялъеги. Гьединго пагьмуги цIикIкIинабула. Херлъиялде данде къеркьолел нигIматазулги бищунго лъикIаб буго гьеб.
БотIрол унти бугев чияс гьитIинаб гъудалъул бащдаб цIураб занжабил хинаб лъелъеги бан, паста гIадаб жо лъугьинегIан багъарун, надалда, магIазукъалазул лъоразда лъуни, мадар гьабила. ЦIикIкIун унти бугеб рахъалда тIад дагьаб цIикIкIун чIван, дагьаб мехалъги тун бацIцIина. Гьеб тIадчIвараб бакI бухIизабулеб бугони, хIинкъизе ккараб жо гьечIо, гьелъ черхалъе зарал гьабуларо.
КIудияб бакьалъул унти (геморрой) бугев чияс гьеб сах гьабизе, чайдул гъуд цIураб аллоэялде тIаде цо къунтI (буцIцI) цIураб хъурараб занжабилги бан, къойида жаниб кIиго нухалъ гьекъела. Гьедин такрар гьабила мадар лъугьинегIан.
Тукабазда ричулел кремаз яги мазаз сах гьабулелдаса нахъе кколаро мугъзал унти сах гьабизе занжабилалъул гьабураб компресс. Гьеб хIадур гьабулеб къагIида: кIиго гьитIинаб гъуд хъурараб занжабил, гьебго гъуд куркумаялъул, бащдаб гъуд «чили» перецалъулги жубан хинаб лъелъ багъарила. Хинги гьабун, бацIцIадаб квасквасул ххамиде тIадеги чIван, унтараб бакIалда лъела ва бортуларедухъ щула гьабила. Гьелъго гьод унтаразеги кумек гьабула, амма хинаб лъелъ гуреб, бухIараб хурдузул нахулъ жубала. Гьеб кунжуталъул ялъуни горчичнияб нахулъ багъарани, тIадеги лъикIаб букIуна.
Ччорбал унтаразе занжабилалъул ваннаби гьаризеги лъикIаб буго. КIиго-лъабго гъуд цIураб хъурараб занжабил цо литр лъелъеги бан, анцIго минуталъ гьализабила. Хадуб гьелъул бахъараб лъамалъи ваннаялъубе тIела. Гьединаб ваннаялъур чвердани, ччорбазул унти сах гьабула.