Новость на родном

ТIанусиса Хуриса ГIалил Шамил

ТIадегIанлъанагIан гьитIинлъарав, гьитIинлъанагIан тIадегIанлъарав — гьеле гьединав вуго гIелмуялда жиндирго хасаб лъалкI толеб бугев гIалимчи   Хунздерил тIалъуда ТIануси росу. ГIакъилзабазги, гIалимзабазги, спортсменазги, лъикIал гIадамазги машгьур гьабураб росдал аслияб майданалда аскIоб буго гIадатияб мина. Гьеб буго Шамил ГIалиев жанив гьавураб Хуриса ГIалил мина. Гьениб 75 соналъ цебелъураб цIар гьанже зобалазда буго. Гьелъие кьун буго Россиялъул...

Новость на родном

Рихьизе рокьула лъикIал гIадамал

«Хехаб кумек» хехго щола   ЖамгIияб транспорталда хIалтIулев кутакалда сабур бугев чи вукIине ккола МахIачхъалаялъул пассажиразул автотранспорталъул №2 предприятиялъул директор Юсуп Сулеймановас бицана автобусалъул шоферзабилъун гаражалда хIалтIулев вугила лъабго вац: ГIалиасхIаб, Зайирбег ва АхIмадрасул МухIумаевал. Гьел ругила лъайги махщелги бугел, хьвада-чIвадиги берцинал, абухъего, унго-унгоял магIарулал. Коллективалъги кутакалда адаб гьабула гьезул, АхIмадрасулида тIокIцIарцин лъун бугила «хехаб...

Новость на родном

Хабар

Маккал   Азбаралъул бакьулъ вахъунги чIун, рукъалъул маккал роржине риччалев вукIана Самад. Гьенивго туманкI бацIцIунев вукIана кIудада ПатахIги. Берцинго куркьбалги хьвагIе­за­рун, гьаваялда сверабиги рахъу­лаго, роржунел рукIана маккал. Росдада тIад тIавап гьабулаго, гьел зодире рикIкIалъанагIан гIисинал жал хутIулаан. Цинги, куркьбалги дандекъан, гIодоре рортун рачIунаан, зобалазул хъахIилаб хIоринир чверделел ругел гIадин. Рукъзабазул тIохазда тIад хъвалалде, нахъеги гьаваялде...

Новость на родном

Музыкалияб конкурсалда — дагъистанияй

Финалалде йорчIарай Элвираца кечI ахIана Валерияда цадахъ     НТВ каналалъ тIобитIулеб «Ты супер» абураб музыкалияб конкурсалда гIахьаллъулей йикIана МахIачхъалаялдаса 13 сон барай Элвира ЯхIяеваги. 82 гIахьалчиясда гьоркьоса Элвираеги рес щвана конкурсалъул финалалда гIахьаллъизе. Гьелъие щвана ункъабилеб бакI. ГьитIинаб къоялдаса нахъе гьелъ гIумру гьабулеб буго ункъгIалалда цадахъ. Гьелда бихьана Элвирал бугеб пагьму ва гьелъ яс...

Новость на родном

Зурмихъан

Зурма музеялда лъезе гIедегIизе бегьиларо   нилъер умумузе, заманаялъниги жидерго язихълъи кIоченабизе кумек гьабулаан батIи-батIиял сухIматазда зурма-къолоцаги, пандрида ахIулел кучIдузги, чагъанаялда рачунел бакъназги. Зурмайин абуни букIана аслияб алатлъун. Зурми-хъанги вукIана щибаб росулъ гьечIого гIоларев гьунарчи. Гьидерица жакъаги хIурматалда ракIалдещвезарула зурмихъаби: ТIидиса Дубухазул МухIамад, МачIадаса КIумело, ГьентIаса Мухуласул МухIамад (Мухуло). Масала, Мухуло вукIана ЦIоралдаги цIар рагIарав...

Новость на родном

Редакциялде кагъат

Инвалидлъи гьабизе бегьулищ?   Цояз бегьулин, цогидаз бегьуларин абулелъул, бокьилаан мухIканлъи лъазе ХIурматияб редакция, дун ккола 40-йилъе рахарав чи. БицинегIанасеб унтиги дир чорхолъ гьечIо, кIола бокьарав хIалтIи гьабизеги. Амма цоккураб хIалтIи гьечIолъиялъ гIемераб гIакъуба бихьула, магIишат гьабулаго, хъизан-лъимал хьихьизе кколелъул, рес кканщинахъе Россиялъул цогидал регионазде уна бакIал раялда хIалтIизе. Гьенисаги кидаго гуро нухбитIун тIадвуссунев: цо...

Новость на родном

Халкъазда гьоркьосеб экономикияб форум

Лъаялда ва махщалида бараб   Аслияб куцалда бицана тIадегIанал технологиял хIалтIизариялъул, демографиялъул, экологиялъул, финансазул, инвестициязул хIакъалъулъ Дагъистаналъул бе­тIе­расул ишал тIуралев Владимир Васильевги гIахьаллъана Петербургалда тIо­битIараб Халкъазда гьоркьосеб экономикияб форумалъу­л Россия­лъу­л президент Владимир Путиницаги гIахьаллъи гьабураб пленарнияб данделъиялда. Исана форумалъул аслияб темалъун букIана «Божилъиялъул экономика гIуцIи» абураб. Гьенир тIоритIана дунялалъулго экономика цебетIеялъе ругел ресазул, шартIазул ва...

Новость на родном

Календарь

Июнь моцI   Сабантуй. Кутнал къоТатаразулги башкиразулги миллияб байрам — хурул хIалтIабазул цоябги лъугIун, цогидаб байбихьи. Байрамалъулал тадбирал халатрахъуна моцIалъ. Цин байрам тIобитIула росабалъ, колхозазда, хадуб — райцентразда. Ахиралда тIобитIула шагьаразда. * * *Халкъазда гьоркьосеб лъимал цIуниялъул къоТIоцебесеб июналда гьеб байрам тIобитIизе хIукму гьабуна 1925 соналда Женеваялда букIараб тIолгодунялалъул конференциялда.* * *ГIурус мацIалъул къо6 июналда...

Новость на родном

Жакъасеб къоялъул хIакъикъат

Миллаталда кьаву рекIунеб буго   МацIазул къаданиб зани щай чIвалеб?! РекIел чIвабзаз рачунел талихIкъосарал бакънал Зама-заманалдаса магIарухъе щолелъул, ракIалде кколаан лъидайин кIолеб нилъехъа гьаб берцинлъи бахъизейилан. Амма гьеб къуват букIун буго нилъехъ­го, дагъистаниязухъ. Миллаталги мацIалги гIемерлъиялъ берцин гьабун букIана Дагъистан, хIатта Россиягицин кIудияб букIана мацIазул бечелъиялъ. МацIал батIиял, амма хьулалги анищалги цо ругел гIадамаз гIажаибаб...

Новость на родном

Кагътица сапаралде ахIана

Масъалаби гIемераб, ресал дагьаб хIалтIи   Нухде чабахги базе, къед цIигьабизе сали-цементги биччазе рагIи кьуна нухазул участкаялъул нухмалъулес Гъуниб районалде сапар бухьиналъе гIилла ккана Сугъралъ-Бухтиб нухда хIалтIи гьабулеб гьечIин, хасго Бухтиб росулъе гIагарлъулеб бакIалда бугеб нух квешаб хIалалда бугин ва районалъул нухазул участкаялъул нухмалъи­ялде хъварал кагътазулги гьарурал хитIабазулги хIасил кколеб гьечIин абун редакциялде кагътал рачIин....