Федералияб бюджеталъул «чвантинире» раккизе ккечIо
ДРялъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министр Уммупазил ГIумаровалъул нухмалъиялда гъоркь тIобитIараб данделъиялда гьоркьоб лъун букIана республикаялъул школазе автобусал росиялъул суал.
— ГьабсагIаталда школазда хадуб буго 575 автобус. Гьезда гьоркьоса 323 автобус басралъун буго. Гьединлъидал ракIалда буго гьаб гIагараб заманалда жаниб школазе 449 автобус босизе, басралъарал цIияздалъун хисизе, — ян бицана гьелъ.
ТIоцебесеб нух буго республикаялъ жиндирго гIарцухъ автобусал росулел ругелдаса. ГьанжелъизегIан гьел росизе гIарац биччалаан федералияб бюджеталдаса.