Редакциялде кагъат

Инвалидлъи гьабизе бегьулищ?

 

Цояз бегьулин, цогидаз бегьуларин абулелъул,
бокьилаан мухIканлъи лъазе

ХIурматияб редакция, дун ккола 40-йилъе рахарав чи. БицинегIанасеб унтиги дир чорхолъ гьечIо, кIола бокьарав хIалтIи гьабизеги. Амма цоккураб хIалтIи гьечIолъиялъ гIемераб гIакъуба бихьула, магIишат гьабулаго, хъизан-лъимал хьихьизе кколелъул, рес кканщинахъе Россиялъул цогидал регионазде уна бакIал раялда хIалтIизе. Гьенисаги кидаго гуро нухбитIун тIадвуссунев: цо соналъ лъикI ккани, хадуселъ чIового вуссуна. Гьединлъидал дие бокьун буго, ришватги кьун, инвалидлъи гьабизе. Гьеб бугелъулха щибаб моцIалъ, дагьаб бугониги, рокъобе гIарац бачIунеб нух. Законалда рекъон гьеб иш гьабизе дир ихтияр гьечIолъи лъала, амма, законалъ ихтияр кьоларинги абун, гьединал жал гьаричIого нилъ тIураларо. Кин бугониги, лъазе бокьилаан, сахав чияс инвалидлъиги гьабун, хIукумат махсараде кквеялда шаргIалъ щиб абулебали. Гьеб бегьуларин абулелги руго, амма изну кьолелги дандчIвана. Бокьилаан мухIканлъи лъазе. ГIайиб гьабуге, цIар хъвачIого толеб буго.

Гьадинабго суалалъе жаваб кьолаго, Унсоколо районалъул имамасул заместитель ХIабиб ГIисаевас хъвалеб буго: «Аллагьас инсан вижана ва гьесде амруги гьабуна Жиндие лагълъи гьабейин, хIалалаб ризкъиги кванан. ХIакъаб жо, азарго нухалъ какичуриялда квен гьабуниги, хъубаб жо бацIцIалъуларо. Гьединабго хъубаб жо буго бикъун, риба гьабун, ришват кьун, яги гьереси бицун щвараб боцIи. Цо-цояз абула, гьеб гIарцул бетIергьаби купруялда ругин ва пенсия-инвалидлъиги гьабула, гьезда тIад налог лъолеб бугинги абун. ТIоцебесеб иргаялда, балагьеха налог лъица лъида тIад лъолеб бугебали? Хадубги, налог лъезе ккани, нилъер ватIан ДарулхIарбийищ (имамас рагъ лъазабураб) яги Даруссаламищ (ракълилаб) кколеб? Жиндие къваригIараб мехалъ, рагъ лъазабун, къваригIинчIеб мехалъ, рекъел гьабун, гьединищ гъазаватал гьарулел рукIарал исламалъул церехъабаз? Дунялалъулго гIалимзабазул хIукму буго Дагъистан ракълилаб бакI бугин абураб. Гьелде тIадеги, капурзабазул боцIи, гьересиги бицун, гьезухъа босизе бегьунгутIиялъе ва гьезулгун лъикIаб гьоркьоблъи гьабизе ккеялде Бичасул аварагас рихьизарурал мисалалги гIезегIан руго.
Цо нухалда, Бичасул Авараг Мадинаялъул базаралдасан унаго, бичулеб ролъулъ квер къазабула гьес ва ролъ жаниса биччун батула. Гьаб щибилан цIехедал, вичарухъанас абула, цIадги бан, биччанилан абун. Биччараб рахъ тIаде щайха гьабичIебин абула Аварагас ва тIадеги жубала, гIадамал гуккулев нилъер чи гурин. Базар буго бусурбабиги капурзабиги рачIунеб бакI. Амма гьениб Аварагас абичIо бусурбаби гуккугейин, капурзаби гуккейин. Гьединго гьересиял документалги гьарун боцIи тIалаб гьабулев чи махIрумлъула кIудияб ажру-кириялдасаги. Исламалда рекъон, хъизан-лъималазе напакъа балагьизе вахъарав чиясе букIунелъулха кIудияб кири.
Цо нухалда Бичасул Авараг асхIаб­за­бигун цадахъ унев вукIун вуго Ма­динаялъул къватIахъан. Заманал­дасан гьезда вихьула кIудияб къар­къалаялъул гIолохъанчи ва гьеб ме­халда асхIабзабаз абула гъазава­талде вачине гIадав чи вихьулин гьа­давилан. Гьеб рагIарав Аварагас абула гьедин абугейин. Гьев жиндирго хъизан-лъималазе квен балагьизе, эбел-инсул мурад тIубазе, жиндиего ризкъи тIалаб гьабун къватIиве вахъун ватани, гьев Алллагьасул нухда вугев чи вугин. Гьеле гьединаб кириги нахъчIван, нилъеца нилъеего бокьун босулеб буго гIакъуба-гIазаб. Бусурманчиясда лъазе ккола Аварагас бицараб хIадисги: «ТIадегIанав Аллагьас нужеда гьоркьор тIабигIатал рикьун руго ризкъи бикьун бугебго гIадин. ТIадегIанав Аллагьас дунял кьола Жин­дие вокьарасеги вокьичIесеги, дин кьола гIицIго Жиндие вокьарасе. Дир напс кодоб бугев, АллагьасхIаги, ла­гъас ислам къабул гьабуларо гьесул ракIги черхги мукIурлъизегIан, иман­ги лъоларо, гьесул мадугьал гьес гуккиялдасаги зулмуялдасаги бо­жаравлъун вукIинегIан. Ла­гъас хIа­рамалдалъун тIалаб гьабураб бо­цIи гьес напакъаде кьуни, гьелда ба­ракат лъоларо, садакъаде кьуни, гьеб садакъа къабулги гьабуларо. Гьес гьеб нахъе цIуниялдалъун гьев жу­жахIалде цIикIкIун гIагарги гьавизе вуго. ТIадегIанав Аллагьас квешлъи квешлъиялдалъун, хъублъи хъублъиялдалъун бацIцIунаро, кин­ниги лъикIлъиялдалъун квешлъи ба­цIцIуна» (АхIмад).