ТIанусиса Хуриса ГIалил Шамил

ТIадегIанлъанагIан гьитIинлъарав, гьитIинлъанагIан тIадегIанлъарав — гьеле гьединав вуго гIелмуялда жиндирго хасаб лъалкI толеб бугев гIалимчи

 

Хунздерил тIалъуда ТIануси росу. ГIакъилзабазги, гIалимзабазги, спортсменазги, лъикIал гIадамазги машгьур гьабураб росдал аслияб майданалда аскIоб буго гIадатияб мина. Гьеб буго Шамил ГIалиев жанив гьавураб Хуриса ГIалил мина. Гьениб 75 соналъ цебелъураб цIар гьанже зобалазда буго. Гьелъие кьун буго Россиялъул космонавтикаялъул академиялъул академик Шамил ГIалиевасул цIар. ГIадатияб магIарул росулъ бугеб гIадатиябго минаялъ роржен кьураб гьеб цIваялъе бигьаяб букIинчIо жакъа жиб бугеб тIадегIанлъиялдаги борхалъиялдаги гвангъизе.

Лъимерлъиялъул лъалкIал

ГIемер щола Шамил гIагараб росулъе. Лъимерлъиялъул лъалкIаз талихIалъул мугьру чIвала гьесул ракIалдещвеязда:
— Гьале инсул мина. Гьаниб кIибикIана гьасие тIоцебе кини, гьаниб рагIана гьасда эбелалъул хIасратаб кинидахъ кечI. Гьаниб гъасда бакараб цIадул хIенхIаз къалъизаруна вукIинесев машгьурав гIалимчиясул сухъмахъалги шагьрабиги. Гьанир кIудиял гIуна Хуриса ГIалил микьабго лъимер: щуго васги лъабго ясги.
Гьаб минаялъул гъанситохъ чанги талихIал лахIзатал ратана Шамилида. КIудияб хъизамалъул кIиабилеб лъимер, Шамилида ракIалдецин кколеб букIун батиларо гIадатияв магIаруласул васас тIадегIанал гIелмиял рорха­лъаби мукIур гьаризе ругин. Гьеле гьеб минаялъул гъасда бакараб цIадухъ чанги цадахъ бакIарун батила талихIалъул цIураб хъизан. БотIрол расазда саву ккараб гIужалдаги, гьесда цебеса унеб батиларо инсул минаялъ, кверги ккун, талихIалде данде живго нухарегIараб къо. Киса-кирего — лъимерлъиялъул лъалкIал, талихIалъул лахIзатал.

ГIелмияб борхалъи

Шамил ГIалиевасул хIакъалъулъ рагIичIев магIарулав къанагIатги ватиларо. Щивха гьев кколев? Техникиял гIелмабазул доктор, РСФСРалъу­л гIелмуялъул ва техникаялъул муста­хIикъав хIаракатчи, Келдышил, Циалковскиясул, Барминил меседил медалазул лауреат. Щвана гьесие «ДРялда це­бе гьабураб хъулухъа­­лъу­х­­ъ» абураб орденги. Торпедаялъулаб яргъил хIа­къалъулъ энциклопедия хъварав гIа­лимчи, гIемерал фундаменталиял цIех-рехазул автор. Россиялъу­л гIелму це­бетIезабиялъулъ лъураб кIу­дияб бу­тIаялъухъ гьесие кьуна Петр ТIо­цевесесул орденги.
2009 соналъул анлъабилеб августалда Шамил ГIалиевасул цIар кьуна цо планетаялъеги.
«Дагъдизель» заводалъул генералияв конструктор, РФялъул Пачалихъияб премиялъул лауреат. Гьесул хIурматалда тIоритIула Халкъазда гьоркьосел гIелмиял конференциялги. Масала, 2017 соналъул 9-11 октябралда Санкт-Петербургалда ралъдалгун техникияб университеталда тIобитIана гIалимчиясе сайгъат гьабураб конференция. Гьанжеги гIемер щола Шамил ГIалиев живго цIалараб гьеб университеталде. ДандчIвала студенталгун, цIалула гьезие лекциял, гара-чIварула гьелгун, бицуна гIумруялъул ва талихIалъул хIакъалъулъ. ГIалим­чиясулгун рукIунел гара-чIварияз жидеего гьабулеб асаралъул хIакъалъулъ студентазги преподавателазги хъвала университеталда къватIибе биччалеб газеталда.
Шамил ГIалиевасул лекциязул пайдаялъулги кIваралъулги бицунаго, Денис Корниловас хъвалеб буго гьесул гIакъилаб каламалъул хIакъалъулъ.

Шамил ГIалиевасул
гIумруялъул дарсал

1) Дие бокьун буго щивав чиясда бичIчIизе ва лъазе жинцаго гьабулеб бугеб иш щай къваригIун бугебали. Бокьун буго нужедаги бичIчIизе, гьеб кинабго бичIчIун хадуб, рекIелъ рещтIунеб рохалил асар — дуцаго дуего кьолел суалал ва гьезие дудаго ратулел жавабал.
2) Дуда цо щиб бугониги лъалеб ва дуца гьелъул хIакъалъулъ цогидазеги бицунеб бугони, гьезда гьебги бичIчIулеб бугони, гьелъул магIна ккола гьеб дудаги бичIчIулеб бугин абураб.
3) ГIурус рагIабазул лъабго «в»- вера, воля, выбор. Гьел ккола нилъер рухIияб хIаракатчилъиялъул аслулъун.
4) Ракьалда гIемерал санал ранагIан, дие рокьулел руго лъималги херал чагIиги. Гьанже цIикIкIун хараби рокьула.
5) Инсан киданиги вукIунаро жиндиего бокьараб хIалалда талихIавлъунги жинцаго рикIкIунев гIадав талихI­къа­равлъунги.
6) Кибго, кидаго, бокьараб заманалда кинабго гьабизе лъазе ва бажаризе ккола.
7) ГIелмуялъул тарихалда бищунго кIвар бугеблъун ккола пикраби церетIеялъул тарих. Пикрабазул гIелги заманги букIунаро.
8) Студентазда, аспирантазда, ай гIелмуялда тIадчIаразда киданиги ракIалде ккезе бегьуларо кигIан кIудияб машгьурлъиялъул гIалимчиги жидедаса тIадегIанав вугилан.
9) Щиб жо кколеб талихI? ТалихI ккола киналдего нилъ хIадурго рукIин.
10) ЦIалдохъабигун, студенталгун дандчIвазе унелъул, дун рахIатхун лъугьуна. Сундасан байбихьилебали лъаларого хутIула. РакIчIун нилъеда лъаларел суалазе кинал жавабалха ратилел. Хасго бичIчIулебги гьечIони, щиб нилъее къваригIун бугебали.

ГIалимчиясул рухIияб дунял

Шамилица цIакъ кIудияб адаб гьабула магIарул мацIалъулги, гIадатазулги, гIамалазулги, маданияталъулги, адабияталъулги. РухIдаллъизе бачIуна гьесда магIарулги, гIурусги, дунялалъулги адабияталъул классиказул кучIдул цIалулелъулги цIаларалъул хIакъалъулъ жиндирго пикраби загьир гьарулагоги. Дол рукIана гIурусазул шагIир Евгений Евтушенко гIумруялдаса ватIалъарал къоял. Иргадулаб нухалда гьоболлъухъе щварай дие гьес цIалана Евтушенкол кучIдул, бицана шагIирасул гIумруялъул хIакъалъулъ. Гьеб къоялъ цIалана гьес Расулил, МахIмудил кучIдулги.
Къолохъанлъиялъеги бергьараб махщел буго гIалимчиясул. Гьес къали кьабулелъул, кигIан кьурдизе лъаларесулги къасд ккола горсверулъе кIанцIизе. ГьабсагIаталда къанагIат ратула зурмида рачунел умумузул бакъназда рекъон, кьурдулелъул, хIетIе бахъизе бажарулев чи. Амма Шамил гьел бакъназухъе кьурдулелъул, цебе бачIуна гIагараб ТIануси росулъ лъимерлъуда ва гIолиллъуда дунго уней йикIарал бертаби. ХIункъбузул сипаталда роржунел гIолил ясалги, цIумазул сипаталда — гIолил васалги. Цинги — кьурдизе бугеб кIудияб гIишкъуялъ, яхъине гьайилародайилан, цересел кьеразда гIодой чIарай дунгоги. Гьединал ракIалдещвеяз куркьбал гъола дида, Шамил ГIалиев кьурдул сверуда вихьидал.
ГIамалалъул рахъ босани, гьев вуго цIакъго гIадатияв инсан. Гьелъго батила гьев тIадегIанлъаравги гIадамазе кIодолъаравги.
ТIадегIанлъанагIан гьитIинлъарав, гьитIинлъанагIан тIадегIанлъарав — гьеле гьединав вуго гIелмуялда жиндирго хасаб лъалкI толеб бугев ТIанусиса Хуриса ГIалил Шамил.

Пикраби. Пикраби. Пикраби…

МахIачхъалаялъул аслияб майдан. Шагьаралъул администрациялъул мина. Анлъабилеб тIала. Къаси нахъалъизегIан чирахъ сунаро Шамил ГIалиевасул кабинеталъуб. ГIалимчиясул гьитIинабго «рукъ». Къадада бараб доска. Доскаялда хъвараб бичIчIизе захIматаб хIисаб. Стол цIурал тIахьал. ТIахьаз сверун ккурав гIалимчи…
Гьев хIадурлъулев вуго гьалбадерилгун букIине бугеб иргадулаб дандчIваялде. Гьалбалин абуни, гьесухъе хIалтIуде къойилго гIадин рачIуна. РакIалдещвана Хунзахъ районалъул цIалдохъабазулгун гьесул букIараб дандчIвай ва гьес лъималазе кьураб цо суалги.
— Лъимал, лъида лъалел магIарухъ гIалахалда рижулел тIугьдузда цIарал, — илан гьикъана Шамилица. Жаваб кьезе гьел кватIидал, гьес жинцаго рехсана анцIгониги тIогьол цIар. Гьеле гьединал, гIадатиялин кколел, амма ургъизе тIамулел суалал кьола гьес.
Чуялги цIакъго цIакъ рокьула Шамилие. Гьезул бицунелъул, кIалдибе гьоцIо тIинкIараб хIал букIуна гьесул. Чу — гьеб ккола кутакалда чIухIараб, лъиениги бетIер къулулареб ва хIелулареб хIайван. Гьелъги батила Шамилие гьеб бокьулебги.
Исана 9 маялда Хунзахъ районалда, ГIалагIарт майданалда, КIудияб Бергьенлъиялъул къо кIодо гьабулеб байрамалда чуялги риччана Шамил ГIалиевасул призалъе гIоло. Къецал гIуцIун рукIана АхIмад ХIусеновасул нухмалъиялда гъоркь, районалъул «Хунзахъ» жамгIияталъ.
Шамил ГIалиевас бана 75 сон. ГIемерищ гьеб яги дагьищ? Лъаларо. Амма гьеб лъала гIицIго ТIадегIанасда.
Биччанте гьеб букIине Шамил ГIалиевасул гIелмуялъе кьолеб бугеб гIумруялъул байбихьилъун.
Пикраби, пикраби, пикраби… Гьелин абуни, гIемер руго гIалимчиясул.

Шамай Хъазанбиева