Маккал
Азбаралъул бакьулъ вахъунги чIун, рукъалъул маккал роржине риччалев вукIана Самад. Гьенивго туманкI бацIцIунев вукIана кIудада ПатахIги.
Берцинго куркьбалги хьвагIезарун, гьаваялда сверабиги рахъулаго, роржунел рукIана маккал. Росдада тIад тIавап гьабулаго, гьел зодире рикIкIалъанагIан гIисинал жал хутIулаан. Цинги, куркьбалги дандекъан, гIодоре рортун рачIунаан, зобалазул хъахIилаб хIоринир чверделел ругел гIадин. Рукъзабазул тIохазда тIад хъвалалде, нахъеги гьаваялде унаан.
Киналго маккалги роржине риччан, кIудадада аскIове вачIана Самад.
— КIудада, дир хъахIаб миккиялъ цоги хоно гьабуна, — ян абуна гьес разиго.
— ЛъикI, дир вас, цIакъго лъикIаб тайпаялъул микки буго доб, — ан абуна кIудадацаги.
ХIакъикъаталдаги бищунго лъикIаб тайпаялъул, тIубанго хъахIаб кьералъул миккиялъул бицунеб букIана гьез.
«Гьадаб кIиябго ханилги тIанчIи рахъани, анлъго хъахIаб микки гIола дир, — ан пикру гьабулеб букIана Самадица, жакъа хоно гьабураб миккиялда хадувги валагьун. – Додинал хъахIал маккал къанагIатги рукIунаро».
Цогидал макказдаго цадахъ берда бихьулареб борхалъуде бахунеб букIана хъахIаб миккиги. Цойидасан макказул тIелалдасаги батIалъун, жегиги эхеде боржине лъугьана гьеб.
КIудадаги Самадги лъикIалан мехалъ хутIана гьаваялда гьайбатго боржанхъилеб бугеб хъахIаб миккиялда хадур ралагьун.
Цо заманалдасан макказул тIелалда гьоркьоб цо кинабалиго рихха-хочи лъугьана. Гьури гIадин роржун рачIунел рукIана гьел. Щибдай ккарабилан рукIана кIудадаги васги. Щобда нахъасан боржун бачIунеб хъарчигъа речIчIун букIун буго макказул тIелалда гъорлъ.
Маккал тIурун рорчIидал, хъахIаб миккиялде чан гьабизе лъугьана гьеб. Гьелдаса борчIизе хIаракат бахъулеб бугоан миккиялъги. Гьебгун басандулеб бугеб кинигин, дагь-дагьккун гIагарлъулеб букIана хъарчигъа. Цинги цо параялда жаниб миккиялда тIад речIчIана гьеб.
— КIудада! КIудада! – ян гьаракь гьабуна Самадица. Амма кIудада жиндаго аскIов ватичIо гьесда. Ццидалъ заралги хьвагIулаго, ахIделев вукIана Самад хъарчигъаялде. ГьебсагIат туманкI кьвагьулеб гьаракь бахъана. Миккиги хъарчигъаги – кIиябго цадахъ бортун бачIана Рукъият-кIодол азбаралде. ПиригIан хехго векерана гьениве Самад.
Хъарчигъаялда аскIоб гIодоб ккун бугоан хъахIаб микки. Кваркьи лъукъун бугоан гьелъул. Хъарчигъа багъарулебцин букIинчIо. Рокьукъго хъарчигъаялъухъги валагьун, бигьагьабун кодобе босана Самадица микки.
ГIабдул Ражабов