Новость на родном

Заманалда сахгьабичIони…

НугIаздаса цIуниялъе цIодорлъи гьабизе тIадаб буго щивав чиясда   Ихдал ва риидал нилъеца гIемерисеб заман тIабигIаталда тIамулелъул, кIочене бегьуларо гьеб заманалда нугIазул хIаракатчилъи цIикIкIунеблъиги ва гьездаса инсанасе хIинкъи букIунеблъиги. ДРялъул Роспотребнадзоралъул баяназда рекъон, нугIалъ хIанчIиялъул хIакъалъулъ хъвай-хъвагIай гьабуразул къадар исана лъабнусго чиясде бахун буго. Тохтурзабаз абулеб буго нугIалъ хIанчIунилан бицине гIураб унти букIунарила, амма хIинкъи...

Новость на родном

ГIамал

Рамазаналъул чодронир Москваялда ругел дагъистаниял кIалбиччазелъун данделъун рукIана мажгиталда Гьеб дандеруссиналъул мурадлъунги букIана «Аварагзаби ва гьезул гIамалал» абураб темаялда тIасан хабар бицин. Тадбир рагьана Къуръаналъул аятал цIалиялдалъун, Москваялда йигей Дагъис­таналъул вакил Изумруд МухIудиновалъ абуна данделъаразде киназдего салам битIун бачIун бугин Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевасгиян. Гьенирго рихьизаруна Сулейман аварагасул гIумруялъул ва рамазан моцIалъул хиралъиялъул...

Новость на родном

ЕГЭ-2018

Лъимал хIинкъизарулеб «хIапуч»   Экзаменал халатрахъине руго кIиабилеб июлалде щвезегIан Лъимал хIинкъизарулеб «хIапуч»Экзаменал халатрахъине руго кIиабилеб июлалде щвезегIан Дагъистаналда гIурус мацIалъул ЕГЭ кьуна 12 азаралда 668 выпускникас. Исана ЕГЭ тIобитIулеб куцалъухъ халгьабизе республикаялде вачIун вуго Москваялдаса 120 чи. Гьел гьанире рачIиналъул мурадги буго нилъер лъималаз экзаменал ракIбацIцIадго кьолел ругищали халгьаби. БитIараб буго. Экзаменал тIоритIизе ккола...

Новость на родном

Метер магIарул мацI хвезе батани…

МацIалдаго цадахъ миллатги тIагIуна   Миллияб мацIалда нацIцин баладай? ГIемераб ахIи-хIур гьабуна «РФялъул Лъайкьеялъул хIакъалъулъ» абулеб федералияб законалда хиса-басиял гьариялъул проекталъ. Гьелъул нижеца газеталъул гьурмаздасан гIемер бицана. Гьале гьанже гьеб законопроект гьоркьоб лъей нахъе тIамуна ва гьелда тIад жеги хIалтIизе кколин лъазабуна. Амма кинаб хIукму гьабизе бугеб Пачалихъияб Думаялда цIидасан гьелде тIадруссиндал? Кинаб букIине бугеб...

Новость на родном

Гьалмагъасул хIакъалъулъ рагIи

Рукъалдасаги цебе кколаан гьес школа   Наслабаз мисал босизе мустахIикъаб ирс нахъе тана Ибрагьимхалилица Шамил районалъул ТIидиб росдал школалде щванщинахъе битIахъе рухIдаллъизе бачIуна. Киса-кибго бугеб рацIцIа-ракъалъиялъги, гьимун гурони кIалъаларел учительзабазгун цIалдохъабазги рекIее гьабула лъикIаб асар. Гьаб нухалда гьениве щведал, доб цебе гIадаб чIаголъи гьечIолъи бихьулеб букIана. Гьелъи­е гIиллаги букIана 50 соналъ росдал школалъе нухмалъи гьабурав...

Новость на родном

ЗахIмалъабазухъ балагьичIого

Цере гIадинал квалквалал гьечIо гьанже   Цебе мугIрузул районазде газетал ва журналал жиндир заманалда щунгутIиялъул масъала букIана. Ахирал соназда, абизе бегьула, гьеб рахъ роцIанин, подписчиказухъе газетал щола гьел къватIире риччарал къояздаго.Машинаялдаги лъун, росабалъе поч щвезабула МухIамадкамилов Гъа­зимухIамадицаги. Хасго, хасало гIазу бараб мехалъ, БежтIаса Кидиро, Мокъокъ ругел почалъул отделениязде хьвадулаго, Гьинухъ габурлъиялдаса вахине захIмалъи букIунаанилан бицуна...

Новость на родном

Искусствоялъул гIадамал

АхIмадил бакъназул нур свине гьечIо   ЦIурмилов АхIмад. МагIарул музыкалияб маданияталда хасаб хатIги лъалкIги тарав бакъназул устар АхIмад гьавуна Гъуниб районалъул Шулани росулъ 1908 соналъул 19 июналда. Гьесул эмен ГIабдулхIамидил кIудияб къадру-къимат букIана гьудул-гьалмагълъиялдаги росуцояздаги гьоркьоб. Халатал хасалил сардаз гьел гIемер данделъулаан ЦIурмиловазул рокъор. МагIарул кечI-бакъанги кьурди-хъатги — гьеб кинабго рагIулаан ва бихьулаан гьитIинав АхIмадида....

Новость на родном

Миллаталъул хазина

МацIазе гъураб къор   ЛъикI гьечIо жакъа миллатазул ахIвал-хIал. Дунял хехаб къагIидаялда цебе унеб буго. Гьелда цадахъ унаго халкъазул жидерго хаслъаби дагь-дагьккун лъугIулел руго. БичIчIизе захIматаб «къуваталъ» цIакъ хIаракат бахъулеб буго нилъ киналго цоцазда релълъарал, миллиял хаслъаби гъорлъ гьечIел, «жидерго гьумер гьечIел» лъугьине. Бищун пашманаб жо – гьеб «къуват» бергьунеб букIин. Гьелде тIадеги, нилъер улкаялда...

Новость на родном

МагIарулал гIодоблъиялда

Басриял свералабазул цIиял масъалаби…   ЦIияб Лак районалъул ункъо росулъ гIумру гьабула микьазаргогIанасев магIаруласги Дагъистан ва Чачан республикабазул гIорхъода бугеб ЦIияб Лак района­лъул анцIго росулъа ункъоялда (Тухчар, ЦIияб МелъелтIа, Гамиях, ЦIияб Чуртах) гIумру гьабун вуго микьазаргогIанасев магIарулавги. ЦIияб МелъелтIа росулъ киналго магIарулал руго. ХутIараб лъабго росулъ гIумру гьабула лъабго миллаталъул гIадамаз (магIарулал, тумал, чачанал), администрациял...

Новость на родном

Байрам

Лъимал релъулел руго   МахIач­хъалая­лда тIоритIана байрамалъе сайгъат гьарурал тадбирал Гьелъие байбихьи лъуна хъизамазул парадалъ ва гьеб байбихьана шагьаралъул аслияб майданалдаса ГIурус театралде цере щвезегIан. Лъималазда ва гьезул улбузда байрам баркана «Халкъияб фронт» гIуцIиялъул председатель Жамбулат МухIамадовас. Цинги байбихьана МахIачхъала шагьаралъул музыкалиял ва искусствабазул школазул цIалдохъабазул концерт. Концерталъухъ халгьабун йигей дида ракIалдещвана цо гьадинаб хIужаги....