Кагътица сапаралде ахIана

Масъалаби гIемераб, ресал дагьаб хIалтIи

 

Нухде чабахги базе, къед цIигьабизе сали-цементги биччазе рагIи кьуна
нухазул участкаялъул нухмалъулес

Гъуниб районалде сапар бухьиналъе гIилла ккана Сугъралъ-Бухтиб нухда хIалтIи гьабулеб гьечIин, хасго Бухтиб росулъе гIагарлъулеб бакIалда бугеб нух квешаб хIалалда бугин ва районалъул нухазул участкаялъул нухмалъи­ялде хъварал кагътазулги гьарурал хитIабазулги хIасил кколеб гьечIин абун редакциялде кагътал рачIин. Тахшагьаралдацин, хасго гьелда сверухъ ругел поселоказда нухазул бугеб хIал нилъеда цебе буго. МугIрузул районазда ахирал соназда гIезегIан цIиял нухал гьаруна, къачIана, хъил тIуна, амма жеги гIемерал росабалъе ругел нухал лъикIаб хIалалда ругин абизе бакI гьечIо. Гьебги хIисабалде босун, цоги районазда ругел нухалги рихьидал, Гъуниб районалда гьел цIакъго хварал, къадарал ругин абизеги кинго кIоларо.

Гъуниб-Сугъралъ-Бухтиб

АнцIгогIанасеб соналъ цебе хIалтIизе биччана Гъуниб-Сугъралъ (20 км) цIияб, хъил тIураб нух. Гьеб дагь-дагьккун чIунтизе байбихьана ва гьабсагIаталда (хасго хасало) гьеб расги лъикIаб хIалалда гьечIо. Сугъралъ-Шамгъуда-Бухтиб нух (8-9 км) хъил тIураб гьечIо, амма Шамгъуда росулъе щвезегIан гьеб буго гIемер къварилъи гьечIеб, мугIрузул шартIазда рекъон, гIодоб тIамураб, парахатаб. Шамгъудаса унеб гьеб Гъумекибехун бугеб свериялде щвезегIан хIакъикъаталдаги буго къваридаб, захIматаб, кин гьенисан хасало машинаби хьвадулелин ккараб. Гьеб свериялдаса Бухтибе щвезегIан бугеб 2 километралъул, эхедераялъ унеб, гъоркьиса къачIан лъугIараб, жинда сверухъ гIемераб дагIба-рагIи бугеб нух, щаялиго нижее ва нижер машинаялъе захIмалъичIо. ТIоцере ниж щвараб росдал администрациялъул хIалтIухъабазда лъалевго ватичIо Бухтиса редакциялде битIун бачIараб цо кагътил автор Юнусов Юнус МухIамадович. Абуна гьединав чи Бухтиб росулъ гьечIин. ГьечIев чи валагьизе нижги лъугьинчIо. Амма гьеб ва гьебго мисалалъул кагътазда рехсарал хIужабазул, росдал гIумруялъул хIакъалъулъ бицун гара- чIвари гьабуна бегавул ГIумарасхIаб Гъазиловасулгун.

Бегавул вищизе кIоларого…

— Чан чияс гIумру гьабулеб бугеб Бухтиб, кинал социалиял объектал росулъ ругел?
— ГьабсагIаталда росулъ буго 78 цIараки, хъвай-хъвагIай гьабурав 330 чи. ГIумру гьабун вуго 200-гIанасев чи. Гьоркьохъеб школалда цIалулев вуго 86 цIалдохъан, ясли-ахалда буго 35 лъимер. Росулъ буго: клуб, библиотека, ФАП, почалъул отделение, кIиго тукен, цо мажгит, гьанже цоги балебги буго.
— Киналха ругел росдал аслиял, жамагIаталда церечIарал масъалаби?
— ЦIакъго захIматаб масъала буго ракьазул. Мадугьалихъ росабалъ киналго ракьал руго росабазул администрациязухъ, амма нижер гIаммаб ракь (кIиазаргогIанасеб гектар) буго районалъул администрациялъухъ. Росулъ гIемер руго минаби разе бокьарал, гьелъие планал хIажатал гIадамал, амма магIишатиял ракьал администрациялъул балансалде росичIого, дида кIоларо гьел кьезе, гьечIо гьединаб ихтияр. Росдал администрациялъул ихтияралда гьечIо росдал ракь, гьеб хIал хисизабизе республикаялъул кадастралъулаб палаталде документалги кьун руго, амма лъабго лъагIел свераниги, гьеб суал цебехун унарого буго. Цере гIемер рукIана лъел масъалаби, кьиндал хутIулаан гьебги гьечIого. Нижеца 300-гIанасеб метралъул манзилалда хисана рогIрал, цо-цо бакIазда гьел къачIана. Кьиндал дагьлъун гурони, цониги нухалъ хутIичIо лъим гьечIого. 3-3.5 км гIанасеб манзилалъ цIияб лъим бачине тIаде босун буго цо гIолохъанчияс, гьебги бачани, лъел суал тIабанго лъугIула. Токалъул бицани, кьиндал гIоларо гьелъул къуват, гьури бахъанщинахъе, сунаан. Нижеца байбихьана токалъул хIубал хисизе. Хисана къогоялдасаги цIикIкIун хIуби, исанаги хисизе буго жеги 20. Гьелда цадахъ къачIазе руго росулъ жанир нухалги.
— РачIаха нухазул бицинин…
— Гъумекибехун нух бикьулеб свериялдаса байбихьулеб гьеб буго кинавго чиясул бадиб къараб нух. Цебе гьеб букIана къваридаб, гIазу-цIад бани, кутакаб хIарщги багъарулеб, киданиги машинаги бахунареб, нухин абизе ресго гьечIеб. Аслияб куцалда экстремизмалъул, яргъид гIуцIарал рохьазде иналъул рахъалъ хIалуцараб ахIвал-хIал бугин рикIкIунеб анлъго росдал бутIрулги ахIун, Рамазан ГIабдулатIиповас гIахьаллъиги гьабун, 2015 соналда Гъуниб тIобитIун букIана кIудияб данделъи. ГIабдулатIиповас гьениб абуна бугеб хIал парахалъиялде буссинабиялъе жиндир рахъалдасан гьабизе хIажатаб кумек бихьизабейин. Бухтиб росдал рахъалдасан дица борхана нухазул суал, гьарана нухлул гьагъаб бутIа къачIазе кумек гьабейин. Гьебго соналда байбихьараб хIалтIиги 2017 соналъул хаслихъе лъугIана. ГIемерго гIатIид гьабуна нух, бана чабах. Амма гьелъул лъугIел ккана гьадинаб: росулъа вакилзабиги ахIун, къотIи-къаялги гьарун, официалияб къагIидаялда нижехъе кьечIо нух, кибго гьечIо дир гъолбас. Нижер гьаниб гIемер дагIба-рагIи ккола нух гьабиялъе биччараб гIарац (4 млн гъуруш) росдал администрациялъул счеталдеги бачIун, нухазде гуреб цоги мурадазе гIоло хIалтIизабун бугин абун рижулел харбазда сверухъ. Нижер счеталде бачIунаро гьединаб гIарцул цо капек. Нухазул заказчикас («Дагъавтодор») гьеб кьола хIалтIи тIаде босараб подрядчикасухъе (Гъуниб нухазул учас­ток, ДЭП №11). Гьабураб нухда сверухъ гIезегIан хутIана ниж рази гьечIел бакIал, гьаричIел хIалтIаби. Дица гьел загьир гьарураб заманалда, нухазул участкаялъул начальник Шамил Ибрагьимовас абуна проекталда рекъон жинца кинабго хIалтIиги тIубанин, гьелъие биччараб гIарацги лъугIанин. ТIад араб гIарцуда рекъон гьаричIо нухал, разе кколел бакIазда рачIо къадал, тIаса гIодобе хIари бачIунеб бакIалда лъезе кколаан рогIрал. ХIатIгун цадахъ бараб чабахги бана тIеренго, гьебги дагь- дагьккун унеб буго чурун, гьелда тIасан хьвадулел машинабиги хущтIизе байбихьана. Гьенибе чара гьечIого базе ккола 20 КамАЗниги чабхил. Кьун букIана рагIи базе, жеги гьебги бачIо. Шамгъуда росулъа Гъумекибе унеб нухде щвезегIан бугеб нух буго цIакъго квешаб, машина хьвадизе хIинкъараб хIалалда. Гьениб бугеб цо захIматаб свери битIизабизеги кьун букIана рагIи, гьебги гьабичIо жеги. КъваригIун букIана ракьанал рахъизе экскаватор- погрузчик, лъабго моцI буго гьеб битIун бачIунарого. Дица хъварал кагъталги руго, Сугъралъ-Бухтиб нух гъоркьиса хаслихъего къачIан лъугIизабизе ресал ралагьизе районалъул бетIерасул тIадкъайги буго, амма гьабилин, тIубалин Шамилица рагIи кьун гурони, хIасил гьечIого буго. Кин бугониги, хьул буго районалъул нухазул участкаялъ кквелин кьураб рагIи, рагIалде бахъинабилин тIаде босараб хIалтIи. Буго цоги рахъги. Гъоркьиса хасало лъугIана дир хIалтIул болжал. Гьелдаса нахъе ниж руго росдал бетIер вищизе кIоларого (гьев вищула росдал депутатаз), дагIба-рагIиялда, жамагIаталъул пикру цойиде бачIунарого. Росдал жанисел масъалабазги рищиязул суалазги квалквал гурони кинаб квербакъиха гьабилеб нухазулги цогидал ишазулги масъалаби тIураялъе…

ТIаса-масаго бараб къед

Ниж дандчIвана цоги гIарзаялъул бетIергьан ХIамзат Нуровгун. Росу рагIалда бугеб гьесул минаялда аскIобе бачIуна гьаниб гIемер рехсараб машинадул нух. ХIамзатица гIарзаялда хъван букIана ва жакъа нижедаги бицана нух гьабиялъулъ, гьеб къачIаялъулъ гьесда рихьулел гIунгутIабазул хIакъалъулъ. Гьелда цадахъго гьес абулеб буго минаялда аскIоб гIатIид гьабураб нух кквеялъе бараб къед цIакъ тIаса-масаго, кьучIцин лъечIого, лъималаз гIадин бан бугин. Гьелда тIад хвезабураб 25-30 азарго гъуруш жиндихъе кьун букIарабани, жинца букIине кколедухъ гьабилаанин гьеб хIалтIи. ГьабсагIаталдаги нухазул участкаялдаса гьес тIалаб гьабулеб буго ялъуни, гьеб къедги биххун, цIидасан байин, ялъуни гьелъие биччараб гIарац, сали-цемент жиндихъе кьейин. ТIадеги жубана, чан гIарза хъваниги, чан нухалъ Шамил Ибрагьимовасда абуниги, гьабилин рагIи кьун гурони гьабулеб хIалтIи гьечIин. Бихьулеб буго, хIакъикъаталдаги, къед тIаса-масаго бараб букIин. Щай гьедин бугеб? Гьелъиеги нухазда хурхарал цогидал суалазеги жаваб балагьизе ниж тIадруссана Гъунире.

Бицине бигьаяб, гьабизе захIматаб

Щвана районалъул нухазул участкаялде (ДЭП №11) ва гьелъул нухмалъулев Шамил Ибрагьимовасулгун гьабуна гьадинаб гара- чIвариги.
— Нужеца гьабизе кколеб хIалтIи кинаб бугеб?
— Жакъа нижер буго лъабго бульдозер, цо грейдер, цо КамАЗ, цо КДМ (хасало нухазде ракь балеб машина). Гьеб гIолареб, хIалтIи цIикIкIараб заманалда къотIи-къаял гьарун бачуна цоги хIажатаб техникаги. Вуго 28-34 хIалтIухъан, гьеб къадар хисула сезоналъулаб хIалтIуда рекъон. Гьелда гьоркьоре уна, хасало гIазу бараб, цIер къараб заманалда нух бацIцIад гьабизе, гьенибе ракь рехизе щибаб росулъ нижеца ккун ругел (лъабго-ункъо моцIалъ, ункъо-щуго азарго гъурушги кьун) хасал хIалтIухъабиги (ремонтерал). Гьединав хIалтIухъан вуго Бухтиб росулъги. Нижер аслияб хIалтIи ккола районалъул росабалъе ругел нухал (185 км) хIалтIулеб хIалалда чIезари, бараб гIаздадаса, гьунараб ракьалдаса, гIодоре рачIарал чIахIиял ганчIаздаса рацIцIад гьари. Бюджеталъул организациязул букIунеб хIисабалда щибаб моцIалъ нижее бихьизабураб, биччалеб гIарац букIунаро. «Дагъавтодоралъ» гьеб кьола хъварал контрактазда, гьабураб хIалтIуда рекъон. Цо км хIисаб гьабун, нижее биччала 25-30 азарго гъуруш, нормативалда рекъон гьеб букIине ккола 300-400 азарго гъуруш… Нухазда капиталияб хIалтIи нижеца гьабула гьединаб заказ щвани, «Дагъавтодоралъ» гIуцIарал тендеразда бергьани, нижергун контракт хъвани. Бухтибе унеб нухда хIалтIи гьабизе ихтияр щун букIана 2015 соналда.
— Лъил балансалда бугеб 10 соналъ цебе бахъараб, ХIамзатовасулин абулеб, Гъуниб-Сугъралъ нух. Лъиде тIаде кколеб гьениб гьабулеб хIалтIи?
— Гъуниса-ЧIохъе (ЧIохъ къулгIа) щвезегIан бугеб нухлул бутIа лъилго балансалда гьечIо. Абизе бегьула гьеб бугин гьаваялда. ЧIохъа Сугъралъе щвезегIан нух буго «Дагъавтодора­лъухъ». Гьелъул капиталияб ремонт, планалда лъун бугони, тIаде босула «Дагъавтодоралъ», гIиси-бикъинаб хIал­­тIи гьаби буго нижер иш.
— Гьанже Бухтиб росдалги бицинин. ГIемерал гIарзал руго нужеца къачIараб кIиго километралъул нухда (Гъумекибе свери-Бухтиб) сверухъ. Рази гьечIо нужеца гьабураб хIалтIудаса, абулеб буго, тIад араб гIарцуда рекъон гьабураб хIалтIи гьечIин. Дуца щиб абилеб?
— Рехсараб нухда гьабуна проекталда бихьизабун букIараб кинабго хIалтIи. Рарал къадазул кубатураги буго проекталда бихьизабун букIараб. Лъуна рогIрал, гьезде тIадеги — гьеб гIоларин абун, 500 сантиметр рогIороялъул бакIалда лъуна 900 сантиметралъул, лъуна цоги, ай проекталдаго букIинчIеб рогIороги. Чабахги бана тIабигIияб, нилъерго гьаниб бугеб тайпаялъул, бихьизабураб бакIалдаса баччун, проекталда бихьизабураб 8 см бицалъиялъул. Росдал гIадамазе гьеб 25- 30 см бицалъия­лъул букIине бокьун бугин абун, проекталда гьечIеб кин ва киса дица базе букIараб?
— Дуде гIайибчIвалеб буго нухде биччараб 4 млн гъуршиде (цо км – кIиго млн гъуруш) хIалтIи лъоба гьабун гьечIин абун…
— ГIадамазда бичIчIуларого, лъаларого батизе бегьула гьадинаб жо. Ункъо млн гъуруш нижеда кодобе кьолеб, «чIагояб» гIарац гуро, гьеб буго щибаб гъуршил хIисаб бугеб, нижеца жаваб кьезе кколеб гIарац. Гьелда тIаса уна налогал, техникаялъе росулел запчастазухъ гIарац, хIалтIухъабазе кьолеб мухь. Гьеб кинабгоги хIисабалде босун, бичча­раб гIарцуда рекъараб, гьелда рекъон бихьизабураб кинабго хIалтIи гьабуна лъоба.
— БукIана абулеб чабхил пуланаб къадар нухде баччизе дуца рагIи кьун бугин. Бугищ гьединаб рес?
— ЧIванкъотIараб къадар чабхил гьенибе балин дица киданиги абичIо. Амма дир ресалда рекъон чабах, 5-10 КамАЗ, кIвани дагьаб цIикIкIунги гьенибе бала, цебехун бараб дагь-дагьккун чурун инчIого букIунарелъул.
— ХIамзат Нуров рази гьечIо нужеца бараб къададаса. ХIакъикъаталдаги гьелъул гьечIо гIолеб халалъи, борхалъи ва гь. ц.
— Къед бана 2015 соналда, проекталда рекъон, гьеб балел хIалтIухъабиги рукIана Бухтисаго. ГьабсагIаталда гьебги биххун цIидасан баялъул суал букIине рес гьечIо, амма гьеб цIигьабиялъул, дагьаб гIатIид гьабиялъул хIалтIи живго ХIамзатица тIаде босани, хIалтIухъабазе мухь кьезе рес дир гьечIо, амма бащдаб КамАЗ салулги тонна цементалъулги, кумек хIисабалда, дица битIила гьесухъе.
— Нижеда цIакъ квеш бихьана Шамгъудаса Гъумекибе свериялде бугеб нухлул бутIа. ГьечIищ гьелъие сабаб?
— Доб буго къваридаб, эхедераялъ унеб, данде машина ккани, сверизе бакI гьечIеб, кьиндал цIикIкIараб хIинкъи бугеб бакI. Лъабго метралъниги гIатIид гьабичIого гIоларо нух, гьеб буго кIудияб, капиталияб хIалтIи, гьеб гьабизе нижер къуват гIоларо. Дица Шамгъуда ва Бухтиб росабазул бегавулзабазда абунги букIана, жакъаги абулеб буго — гьеб нух капиталияб ремонт гьабизе хIисабалде босараб планалде гьоркьобе босеян, районалъул ва «Дагъавтодоралъул» нухмалъулезул цIаразда кагътал хъвайин. Планалда лъун хадуб, цебе ине буго хIалтIиги.
— Гьаб гара-чIвариялъе ахир дуцаго гьабуни…
— Гьаб гIатIиракьги гуро, тIаде ралагьарал мугIрул нахъе росизе ресги гьечIо. Гьединлъидал гьаниб киданиги букIунаро ракь ччукIулареб, ганчIал рачIунареб, хIарщ камураб мех. Нухазул халалъи 185 километрги бугони, дагьаб гурони техникаги гьечIони, гьебги хераб бугони, кидаго гуро бокьанагIан хехго хIалтIи гьабун, нух цо хIалалда чIезабун бажарулеб. МагIарухъ ругел нухал нилъ разияб хIалалда чIезари буго масъалаби гIемераб, ресал дагьаб хIалтIи. Нижер ресазда рекъон, тIадаб хIалтIи гьабичIого нижеца толаро. Мисалалъе, дагьаб цебеги хасало Бухтибе машина бахъи букIана тIубараб масъала, гъора гIодор машинабиги тун унаан бухтал лъелго росулъе. Гьале лъабго сон буго, кIудияб гIазу бан, нижер бульдозер тIаде щвезегIан дагьаб заманалъ чIезе ккун гурони, цIад бан, росулъе машина бахъичIого хутIичIо.

ХадурагIиялъул бакIалда

Районалъул нухазда сверухъ бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ чанго рагIи абуна ГИБДДялъул начальник Расул Бигачевасги.
— Нусабго проценталъ кинабго тIубараб бакI кибго ва сундулъго букIунаро, амма лъикI букIуна щивас жиндаго тIадаб хIалтIи ракIбацIцIадго, кколеб куцалда гьабулеб бугони. Районалъул нухазда бугеб ахIвал-хIалалда бан дица, дир хъулухъалда рекъон, халгьабичIого тараб щибго гьечIо. Гьаризе тIадал ишалги рехсон жакъасеб къоялде дица кьун буго 8 предписание, Шамил Ибрагьимовасда тIад хъвана административияб протокол. Районалда руго лъикIал нухалги, камун гьечIо квешалги. Нилъеца хIисабалде босизе ккола 10-15 соналъ цебе нухазул букIараб хIалги, бичIчIизе ккола киналго нухал цадахъ къачIазе ресги къуватги гIоларого букIинги. Амма нухал кIвар гьечIого тун гьечIо, дагь-дагьккун гьарулел руго хIалтIаби. Цо заманалда КIогьорире рукIана цIакъго квешал нухал, жакъа гьеб буго лъикIаблъун рикIкIине бегьулеб нух. ГIунтIиб-Щуланубе къачIана нух. Гъуниб ГЭСалдаса байбихьун буго лъикIаб хIалтIи, тIолеб буго хъил. Руго цоги лъикIал ишалги. Бухтире нухал гIемер реццизесел гьечIо, гьелда хурхунги хъвана дица акталги, кьуна предписаниялги. Шамилица абула гьелъие дагьго гурони гIарац биччалеб гьечIин, цIикIкIун харжал унел хIалтIаби гьаризе рес гIоларин. ХIасил гьабуни, гIунгутIаби гIезегIан ругониги, Гъуниб нухазул участкаялъ бугеб ресалда рекъон хIалтIи гьабулеб гьечIин абизе дида кIоларо.
ГIабаш ГIабашилов