Хун хадувги гьалбал камуларо шагIирасухъ гьоболлъухъ МахIамад дида лъалаан гьев Москваялда Литературияб институталда цIалулеб заманалдасаго нахъе. Дунги цIалулев вукIана Москваялъул кIиабилеб медицинаялъул институталъул аспирантураялда. Общежитие букIана институталда гIагарлъухъ. Дунги гIемер щолаан гьесухъе. Гьединго гьесухъ гьоболлъухъ рукIунаан батIи-батIиял республикабаздаса шагIирзаби, хъвадарухъаби, драматургал. Гьез цоцазе цIалулаан жидерго асарал, цогидаз хъваралъул хIакъалъулъ гара-чIварулаан. Цо-цо гIолохъанал хъвадарухъабаз жалго...

