Новость на родном

Лъазаби!

? «ХIакъикъат» газеталъул редакциялъ магIарулазда гьоркьоб тIобитIулеб буго Расул ХIамзатовасул кучIдузул къец. ? КучIдул цIалулел телефоназде рахъарал роликал ритIизе бегьула гьаб номералда ватсапалде +79883012540.? Роликал рит1изе бегьула 25 сентябралде щвезег1ан.? 27 абилеб сентябралда газеталъул телеобзоралдасан ва газеталдасан лъала нужеда бергьаразул ц1арал.? Нужее рек1ее г1урал роликазе гьаркьал кьезе бегьула инстаграмалдасан.? Бергьаразе щвезе руго сайгъатал!

Новость на родном

Гьайбатаб гIумруялъул завалалда

КунчIараб къисматалъул гъанситохъ…   МухIамад Ибрагьимович МухIамадов. ЛъикIав гьалмагъ. МагIарул мацIалда тIад хIалтIулев гIалимчи. Жеги гIемер лъикIалги тIокIалги рагIабазе мустахIикъав вуго МухIамад. Исана гьев гьавуралдаса тIубала 60 сон. Киналго курсцоязул рахъалдасан баркула МухIамадида гьайбатаб ва бацIцIадаб гIумруялъул завал. Гьарула гьесие дагьалги тIадегIанал гIелмиял рорха-лъаби мукIур гьаризе жанги, жигарги, хъизамалъул гъасда бакараб цIадуе гвангъиги, гвангъарал къасдазе...

Новость на родном

ХIамзатил Расул гьавуралдаса – 95 сон

Расулилгун рукIарал дандчIваял Гьей йигоан Николаев шагьаралъул горисполкомалъул секретарь Дида ракIалде кколааан шигIручагIаца хъван, цIалун, бацIцIун, цIидасан хъван, хIадур гьабулеб батилин жидерго калам халкъалъухъе кьелелдеян. Лъаларо, гьедин гьабулелги рукIунел ратила, амма Расулил гьединаб къагIида гьечIолъи, гьесие Аллагьасго кьураб пагьму, гьунар, махщел шигIру-назмуялъе букIиналда дир ракIчIана Расулилгун букIараб тIоцебесеб дандчIваялдаса хадуб. Гьел рукIана дол рикIкIадал 60-абилел...

Новость на родном

Узун-ХIажил имараталъул гIарац

Кагътил гурелги, пахьул ва гIарцул гъуршалги риччалел рукIана имараталъул «гIарцул азбаралда»   1919 соналъул байбихьуда генерал Александр Деникинил нухмалъиялда гъоркь букIараб Добровольцазул армиялъ Северияб Кавказалда гьарурал гьужумазул хIасилалда тIагIинабуна МугIрузулаб Респуб-ликаги цогидал миллиял пачали-хъалги ва «Цогояб ва цоцадаса бикьи гьечIеб Россия» абураб ахIиялда гъоркь чIезабуна жиндирго хIукумат. Гьелъие жаваб хIисабалда къватIисан рачIаразул нухмалъиялде данде къеркьезе...

Новость на родном

Учительзабазул августалъулаб совещание

Санайил тIобитIулеб иргадулаб данделъиялда МахIачхъалаялда Гьудуллъиялъул рокъор гIахьаллъана республикаялъул киналго шагьаразулги районазулги учительзаби   Гьудуллъиялъул рукъалъул жанахIалъуб рагьун букIана Каспийскшагьаралъул С. Орджоникидзел цIаралда бугеб инженернияб колледжалъул ва Дербент шагьаралъул халкъиял промыслабазул колледжа-лъул студентаз гьарурал тIагIелазул выставка. Гьединго выставкаялда рукIана «100 школа» абураб проекталъул ва бесдал лъималазде кьолеб бугеб кIваралъул хIакъалъулъ бицунел стендалги. Данделъи рагьана Дагъистан...

Новость на родном

Расул ХIамзатов гьавуралдаса — 95 сон

ЦIадастаналде сапар   Дида бихьула цIа дир инсул гъасда… Сапаразде руссун руго дир сонал.Сверулев вуго дун гьаб дунялалда.Амма кив кканиги, кидаго даимДида бихьула цIа дир инсул гъасда. Ругъун щвараб керен кколебщинахъе-Дида бихьула цIа дир инсул гъасда,Гьеб цIа сун хадуса свине вуго дун,Дир сапар лъугIила, кучIдул къотIила…Расул ХIамзатов ШагIирасул рекIел даимаб ахIи Амма свинчIо гьеб. Дагьабги...

Новость на родном

1847 соналда Кавказалъул рагъде витIана машгьурав гIурус хирург Николай Иванович Пирогов

Дагъистаналъул халкъияб медицинаялъул тарихалдаса   Дагъистаналъул халкъияб медицинаялъул букIана сахгьариялъул кIиго батIияб къагIида: дугIаялдалъун, сабабал хъваялдалъун ва цогидал къагIидабаздалъун унтарасе кумек гьабулел «тохтур»-дибирзабиги; даруял хурдул яги гьезул гьарурал дараби хIалтIизарулел «местIерал-хIакималги». МестIерзабазда лъалароан медицинаялъул теория ва сахгьарун бажарулароан жанисел лугбазул унтаби, амма гьезул лъикIаб махщел букIана рекарал, рорчIарал рукьби дандеккезаризеги хонжрол яги гуллил ругънал сахлъизаризеги....

Новость на родном

Бузнасан, умумузул нухдасан

ГьанжелъизегIан анцIила щуго километралъ нух гьабун буго   «ХIакъикъат» газеталда цебехун чанго нухалъги хъван букIана ЧIикIасан Авар ва ГIанди гIорал журалеб бакIалде щвезегIан цо пуланал чагIазул къокъаялъ тIаде босун нух бахъулеб бугин. Амма гIадамазе цIакъ пайдаяб, магIаруллъиялъего кIвар цIикIкIараб иш букIаниги, гьеб рагIалде бахъинабизе кIвеялда тIубанго божилъи букIинчIо. Щайгурелъул, кьурабиги кьвагьун, гIанлъун, рорлъун гьабулеб гьеб...

Новость на родном

ГIабдурахIманил бакъ даим свинаро

Даниялов гьавуралдаса исана 110 сон тIубала   Гьале гьадинаб берцинаб, щивасул рекIелъ Данияловасул цIаралъ хинлъи бекьулеб цIарги ургъулаго, щвана дун гьесул памятникалъухъе. ЦIакъго гIедегIун йикIана, кватIизе гурин хIинкъун, таксицин ккуна. Амма аскIое гIагарлъанагIан, рекIел хIалуцин загIиплъана — тадбиралъулаб ахIвал-хIалго букIинчIо я сверухъ, яги дагьабги добегIан. Мекъицин кканадаян ракIалдеги ккун, цодагьалъ лъалхъана. Дагъистан тIегьаялъулъ ва гьеб...

Новость на родном

Ансадерил гени, гендерил цIибил…

18 августалда МахIачхъалаялда тIобитIараб росдал магIишаталъул ярмаркаялда гIахьаллъана 30-ялдаса цIикIкIун районалдаса вакилзаби   МахIачхъалаялда гIемер тIоритIула росдал магIишаталъул ярмаркаби, гьезда гьоркьор Дагъистан тун къватIирехун ругел регионаздаса вакилзаби гIахьаллъаралги. Базаралда ва тукабахъ батIи-батIиял нигIматазул гьарзалъи бугониги, ярмаркабазда багьаби гIезегIан гIодорегIанал рукIиналъ, гIадамазе гьенире ине бокьула. Гьеб бицуна ва бихьизабула гьенире рачIунел гIадамазул къадаралъ. ГIахьалчагIазегун даранчагIазе пайдаяблъун...