Умумузул тарих билулеб буго 2016 соналда Дагъистаналда гIуцIана маданияб нахърател цIуниялъул рахъалъ агентство Агентствоялда церечIарал аслиял масъалабазулги гьабулеб хIалтIулги хIакъалъулъ бицана «ХIакъикъаталъул» редакциялда тIобитIараб «гургинаб столалда».«Миллиябгун маданияб нахърател цIуниялъул рахъалъ агентство ккола пачалихъияб идара. Гьеб рагьана 2017 соналъул тIоцебесеб январалда. Гьелда тIалъула некIсиял памятникал цIуниялъе тадбирал гьари. Нижер идараялда хIалтIулев вуго 16 чи. ЛъагIалида...

