Новость на родном

Кумек хIажат буго

ГьитIинав Айдемирил гьари   Акопов Айдемирил буго 4 сон. Гьев вуго хехго бицараб жо бичIчIулев, махсара-хочI бокьулев, тарбия щварав вас. Гьесухъе гьоболлъухъе унаго, дица гьесие босана торгIо. Сайгъаталдаса гьев вохана, амма нечадго бадибчIвайги гьабуна – дуца дие таманчаго босун букIарабани, торгIо дихъа лъималаз бахъула, гьезда хадув векерун дихъаги бажаруларо.  Айдемир унтун вуго ДЦПялъ. ЛъагIел байдай,...

Новость на родном

Расул ХIамзатов гьавуралдаса 95 сон тIубаялде

ХъахIал къункърабазул 32-абилеб роржен Дида бихьула цIа дир инсул гъасда ХIамзатил Расул. Гьадин гIадатго хъван буго шагIирасул зонода. Гьал къоязги къваридго ватила гьев. Гьесухъе, Таргъуялде, 14-абилеб нухалдаги роржун рачIунел руго хъахIал къункъраби, жидерго даимаб кечIги цадахъ босун. Цинги шагIиргун цадахъ гьез сапар бухьуна Хунзахъеги, Гъунибеги, Дербенталдеги… — киса-кибего.Щайдай къварид вугев къарнудал шагIир? Гьесул къункърабазул къваридаб...

Новость на родном

Пенсиялъул реформа

Щаклъизе тIамуна Хехго пенсиялде ине ихтияр щвезе ккани, чан соналъ хIалтIизе кколел? 15-20 соналъ хIалтIарав чиясул анищ букIуна, херлъиялда бан кьолеб пенсиялъухъ балагьун чIечIого, мустахIикъаб хIухьбахъиялде ине. Гьединаб ихтияр букIуна №400 федералияб законалъул №6 бетIералда рекъон. Цебеккунго пенсиялъул страховияб бутIа щола: захIматалъул стажа­лъухъ балагьун (аскариязе, педагогазе, спасателазе, шахтеразе ва гь.ц.) ва социалиял шартIазухъ балагьун (РикIкIадаб...

Новость на родном

Ракьалда лъалкIал

ЛъикIал тIабигIатазул ахикь Муридзабазул ракIазулъ нурлъунги рещтIарав, чирахълъунги гвангъарав «Дица нуж киналго ахIула тавбуялде, вацлъи цIуниялде, цоцазде адабалдалъун ралагьизе, цоцазда тIасалъугьине. Гьеб кинабго гьабизе нилъее квалквал гьабула напсалъ. Амма нилъер бахIарчилъиги, къуватги, иманалъул къвакIиги гIезе ккола гьеб къезабизе. РачIа, цадахъ рекъон хIалтIизе, гIумру гьабизе, цо хъизамалъул чагIи гIадин рукIине. Нилъеца нилъерго мисалалдалъун бихьизабизе ккола исламалъул...

Новость на родном

Балъхъадерил хъаладухъ ккараб балагь

1920-1921 соназда советияб хIукуматалде данде рахъиналъул тарихалдаса   1920-1921 соназда советазде данде гьабураб восстание къинабиялъул мурадалда гьарурал аслиял гьужумазулъ гIахьаллъулеб аслияб къуватлъун букIана ХI армиялъул 32-абилеб кьвагьдохъабазул дивизия. Гьеб Бакуялдаса Дагъистаналде рехана 1920 соналъул лъабабилеб ноябралда. Дивизиялъе нухмалъи гьабулеб букIана Александр Тодорскияс. «Дивизиялда гъорлъе унаан рекIаразулгун мугIрузул батареягун цадахъ рекIаразул бригадаги, 282-абилеб ва 285-абилеб кьвагьдохъабазул...

Новость на родном

Балъхъадерил хъаладухъ ккараб балагь

1920-1921 соназда советияб хIукуматалде данде рахъиналъул тарихалдаса  1920-1921 соназда советазде данде гьабураб восстание къинабиялъул мурадалда гьарурал аслиял гьужумазулъ гIахьаллъулеб аслияб къуватлъун букIана ХI армиялъул 32-абилеб кьвагьдохъабазул дивизия. Гьеб Бакуялдаса Дагъистаналде рехана 1920 соналъул лъабабилеб ноябралда. Дивизиялъе нухмалъи гьабулеб букIана Александр Тодорскияс. «Дивизиялда гъорлъе унаан рекIаразулгун мугIрузул батареягун цадахъ рекIаразул бригадаги, 282-абилеб ва 285-абилеб кьвагьдохъабазул полкалги....

Новость на родном

Балъго ислам цIунарал

Балъго ислам цIунарал   Доб мехалда дун вукIана гьитIинав чи, дида бичIчIулароан нижер хъизамалда жаниб лъугьунеб букIараб жо, амма зама-заманалда бихьулеб букIана, щибаб нухалда дун школалдаса тIадвуссараб мехалда, эмен рахIатхун лъугьунев ва гьурмалъ хисулев вукIараб куц. Кидаго, дица гьесие дарс бицунеб ва Инжилалдаса лъазабураб жо цIалараб мехалда, испан мацIалдасан щварал лъикIал къиматал рихьизарулаго, гьев пашманлъун...

Новость на родном

Районаздаса харбал

Сугъралъ росулъа анцIго сон барав ХIажи БагIачевас хвасар гьавуна лъабго сон барав вас.   Росулъ бугеб лъимал чвердолеб хIориниве МухIамад вортулев вихьидал, ХIажи виххичIого ва хIинкъичIого лъелъе кIанцIана гьитIич хвасар гьавизе. ХIажи БагIачевги, лъабго сон барав МухIамадги, гьесул кIудияв вацги гурони доб къоялъ хIорихъ рукIинчIо. Вас лъелъа къватIивеги вахъун, тIоцебесеб медицинаялъулаб кумекги гьабун бажарун буго...

Новость на родном

ХIамзатил Расул гьавуралдаса – 95 сон

РакIалдещола кIудияв шагIир   ГIемераб заман инчIо, гIага-шагарго анцIила щуго сон бана нилъедаса Расул ватIалъаралдаса Дагъистаниязул, россиялъулазул, тIолабго дунялалъул гIадамазул рекIелъ кIочонареб лъалкI тарав шагIир, жибго къисматалъ хъван букIун буго гьесие дунялалъул маданияталъул тарихалде, инсанияталъул художествияб культураялде жаниве ине.Жиндирго халатаб, гвангъараб ва хIалуцараб гIумруялъулъ Расул дандчIвана, гьес гара-чIвариял гьаруна, гьесул гьудуллъи ккана, хъвадарана нилъерги къватIиселги...

Новость на родном

Шагьаразул къватIал щай чорок ругел?

РацIцIалъи цIунизе бокьани, нилъедаго хадуб балагьизе ккола   Тахшагьаралъул «унтилъун» лъугьа­раб рищни-къулалдаса къватIал рацIцIалъулел гьечIолъи бихьулеб буго шагьаралъул цояб рагIалдаса цогидалде щвезегIан данд­чIвалеб чороклъиялъ. КъватIазда гуребги, шагьаралъул КОРалда (канал) жанибгицин бихьула рищни-къул.КОРалъул рагIаллъабазда ран ругел минабазул канализациялъул рогIрал кьва­гьун къватIибе кIанцIараб чорокаб лъимгицин букIуна мех-мехалда гьенибе чвахулеб. Нилъеца гIумру гьабун бугеб шагьар чороклъиялъул гIайиб лъидаха...