РацIцIалъиги къваригIун, заводалги гьечIого Кагътидаго хутIарал проектал Завод бана, амма… Республикаялда рищни-къул батIа гьабун къачIалеб заводалъул хIакъалъулъ бицунеб микьгоялдаса цIикIкIун сон буго, амма харбидаса рикIкIаде иш инчIо. 2012 соналъул 17 июлалда МахIачхъалаялда рагьун букIана республикаялдаго «тIоцебесеб» рищни-къул батIа гьабулеб завод. Гьеб бан букIана муниципалияб гIуцIиялъул хIаракаталдалъун ва инвесторазул кумекалдалъун. Завод балаго кигIанасеб гIарац тIад хвезабурабали...

