Шагьаразул къватIал щай чорок ругел?

РацIцIалъи цIунизе бокьани, нилъедаго хадуб балагьизе ккола

 

Тахшагьаралъул «унтилъун» лъугьа­раб рищни-къулалдаса къватIал рацIцIалъулел гьечIолъи бихьулеб буго шагьаралъул цояб рагIалдаса цогидалде щвезегIан данд­чIвалеб чороклъиялъ. КъватIазда гуребги, шагьаралъул КОРалда (канал) жанибгицин бихьула рищни-къул.
КОРалъул рагIаллъабазда ран ругел минабазул канализациялъул рогIрал кьва­гьун къватIибе кIанцIараб чорокаб лъимгицин букIуна мех-мехалда гьенибе чвахулеб.
Нилъеца гIумру гьабун бугеб шагьар чороклъиялъул гIайиб лъидаха бугеб: рищни жанибе балел къалал битIун лъезе лъалареб компаниялдайищ яги жидедаго хадуб рацIцIалъи гьабизе кIвахIалал гIадамаздайищ?

СанПиналъул хIукмуялда рекъон

Нилъер улкаялда рацIцIалъи цIуниялъе рихьизарурал низамазда рекъон (СанПин) кинаб къагIидаялда къватIазда рацIцIалъи цIунизе кколебали ва кинал шартIал гьелъие рукIине кколелали киназдаго лъалеб гьечIо. Нилъеда закон цIунизе лъангутIиялъ хIетIе чIанщиналъубги чороклъи дандчIвалеб буго. Халгьабилин СанПиналда рекъон шагьаралда рацIцIалъи кин цIунизе кколебали ва кинал шартIал шагьаралъул нухмалъи­ялъ гьелъие чIезаризе кколелали.
РацIцIалъи цIуниялъул низамазда ре­къон, гIадамаз гIумру гьабун ругел минабаздаса, лъималазул яги спорталъул майданаздаса 20 метралъ рикIкIад рукIине ккола рищни балел къалал, амма 100 метралдаса рикIкIад лъезе бегьуларо. Гьеб низамин абуни шагьаралъул гIемерисел бакIазда цIунун гьечIин абизе бегьула. Цо-цо минабаздаги рищни-къулалъул къалаздаги гьоркьоб машина хьвадулеб нух гуреб гьоркьоб манзилго батуларо. Нагагь кколеб манзилги цIунун лъун ратаницин, кьабун цIурал рощнол къалазда аскIоре къазецин кIолеб хIал букIунаро, сверухъе бараб чороклъиялъул кутакалъ. ГIемерисеб мехалда гIемертIалаял минабахъ гIумру гьабун ругел гIадамазда гьор­кьоб дагIба ккола рищнидул къалал кир лъундай лъикIилан абураб суалалда бан. Нагагь рищни жанибе балел къалал минабазда цIакъго гIагардегIан лъун ратани, коммуналиял хъулухъазде гIарз бахъизе бегьула. Гьез кIвар гьабулеб гьечIони, Роспот­ребнадзоралде гIарз гьабила.
Гьединго, СанПиналда рекъон, щугоялдаса цIикIкIун къали цого бакIалда лъезе бегьуларо. МахIачхъалаялъул цо-цо къва­тIаздайин абуни микь-микь къалицин букIуна лъун. Гьури бахъараб заманалда, тIадагьабщинаб рищни минабазда сверухъе бакIарула, гъутIбиги кьер-кьерал къучIбуз «къачIала». Цо-цо бакIазда рищни балел къалалцин рукIунаро.
СанПиналда рекъон, рищни бакIаризецин чIезабураб заман буго — радал анкьгоялдаса къаси сагIат 11 тIубазегIан. Щайгурелъул гьеб босизе бачIараб машинаялъул хъуялъ гIадамазе кьижизе квалквал гьабизе бегьулелъул. МахIачхъалаялдайин абуни гIемертIалаял минабазда гIумру гьабун ругел радал щуго тIубалелдего рорчIизарула рищни-къул машинабазде балезул хъуялъ. Рощнол къалал щай хехго холел ругел абураб суалалалъе жавабги нилъее щвезе бегьула радалго машинаялде рищни балезул «жигар» бихьани.
Ахираб чанго соналда жаниб республикаялъул ва тахшагьаралъул нухмалъулел хисаниги, къватIал рацIцIадго чIезарун бажарулеб гьечIо. Аслиял гурел къватIаздаса рищни-къул анкьицаги бакIаруларебги заман букIуна. Щибаб къойил рищни бакIарулел аслиял къватIаздайин абуни, рощнол къалал къасиялде цIун ратула анкьица бакIаричIеб гIадин. Гьелъие гIилла — шагьар кIодолъулеб букIин.
СанПиналда рекъон, рощнол къалазда сверухъ метр яги метргун бащдаб бугеб къед базе ккола, сверухъ чIезе ккола гIурччинлъи. Амма гьединаб сурат къанагIат гурони бихьуларо тахшагьаралда.

Гьоркьоб букIине кколеб манзил

Майданазда ва къватIазда, хIухьбахъиялъул ахазда, вокзалазда, аэропортазда, базаразда, транспорт чIезабулел бакIазда лъун рукIине ккола кьищни балел гIисинал къалал. Масала, 800 квадратияб метр гIатIилъи бугеб хIухьбахъиялъул ах яги цогидаб бакI хIисабалде босани, гIисинал къалал лъун рукIине ккола щибалда гьоркьоб 40 метрги тун, гьелдаса цIикIкIун манзилалъ рикIкIад ратани, гIарз бахъизе бегьула Роспотребнадзоралде. Транспорт чIолеб бакIалдаги чара гьечIого лъун букIине ккола рищни балеб гьитIинаб къали. Цо-цо мехалда шагьаралдасан унаго нухлул рагIалдасан гIебеде, тукабазда цере лъун рихьула чIорогоял ящикал. РацIцIалъи цIунизе бокьарал тукадул бетIергьабаз маххул гIисинал къалазул бакIалда рищни жанибе базе лъола гьел.
Цо-цо къватIазда, гIисиназул бакIазда, лъун руго чIахIиял къалал. Риидал гьадингоги квешаб махI бахъарал рощнол къалазда аскIор чIезе кколел руго гIадамал автобус яги цогидаб жамгIияб транспорт бачIинегIан. Гьелде тIадеги, гьениб аскIосанго чвахулеб букIине рес буго канализацияги къватIибе кIанцIараб махIцараб лъимги. Гьединаб сурат бихьизе бегьула МахIачхъа­лаялда, масала, ХIажиевасул къотIносан унаго.
ГIисинал къалал лъезе ккола гIурччинлъи бугел бакIаздаса 3-5 метралъ рикIкIад. Гьеб низамги нилъер гьаниб цIунун гьечIо. ГIурччинлъи бугел бакIазда аскIор цун лъун рукIуна гьел.
Гьединго, СанПиналда рекъон базаразда рацIцIалъи цIуниялъеги гьенир рищни бакIарулел гIисинал ва чIахIиял къалал рукIине ккола. Больницабазда сверухъин абуни гIисинал маххул къалал рукIине ккола щибаб анцI-анцI метралдасан.

Цогидал улкабазда бугеб хIал

Сингапур

Дунялалдаго рищни-къул батIа гьабун къачIалел заводал соналдаса соналде цIикIкIунел руго. Цо-цо улкабаздайин абуни гIодобе рехараб рищни-къулалъухъ гIакIа къотIула. Масала, рищни-къул нухде рехаралъухъ дунялалда тIад бищунго цIикIкIун гIакIа къотIулеб бакI ккола Сингапур. Гьеб ккола дунялалдаго бищунго бацIцIадаб улкаги. ГIадамаз закон хвезабиларедухъ сундаго хадур халкколел видеокамераби гIемер руго къватIазда. ЛъачIогоцин гIодобе рехараб кагътихъ Сингапуралда, нилъер гIарцуде буссинабуни, 24000-48000 гъуруш гIакIа къотIула. ГIодобе реххараб батIи-батIияб рищниялъухъги батIи-батIияб гIакIа буго. Бищунго гIаламатаблъун ккола сакъис чIамиялъухъ гIакIа — гIодобе рехизеяли щайгурин, гьеб я чIамизе, я цIунизе бегьуларо. Нагагь гIодобе рищни-къул баялъул гIадлу чанго нухалда хвезабулеб бугони, гIакIа кьун тIубаларо, рес буго туснахъалъур тIамизеги.

Япония

Гьединалго тамихIал гьарула Япониялдаги. Рищни-къул жаниб букъизе ракь гьечIелъул, Япониялда цебегоялдаса нахъе гьеб батIа гьабун бакIарулеб гIадат буго. Япониялда гIумру гьабун вугев щивав чиясда тIадаб буго къватIибе рехилалде цин рищни-къул батIа гьабизе. Щибаб минаялъуб лъун рукIуна рищни балел къалал: цоялъубе пластик, цогидалъубе кагъат, лъаб­абилелъубе кванил хутIелал ва гь.ц. Пластикалъул шушби гIисин гьарун ххенон, хадуб гьелъулго цIиял шушби гьарула, хIатта цо-цо ретIел гьабизецин хIалтIизабулеб буго гьеб. БухIизе кколеб рищниялдасаги гьез пайда босула. Рищни бухIун щвараб энергиялдаса ток гьабула, бухIун хутIараб рахъу, ралъдал рагIалдеги бан, цIияб «чIинкIиллъи» лъугьинабула. Ралъдал рагIалде бараб рахъуялде тIаде цIияб ракьги бан гьениб гъветI-хер чIола.
Нагагь рищни-къул бакIариялъул гIадлу-низам хвезабулев чи ккани, чороклъи нухде барав чиясде гIакIа къотIула, нилъер гIарцудалъун хIисаб гьабуни, 5 миллион гъуршиде щвезегIан, рес буго щуго соналъ тус­нахъалъув тIамизеги.

Рищни-къулалъул зарал

Нилъеца хIалтIизабун хадуб нахъе рехараб рищни-къулалъ зарал гьабизе рес буго лъималазул лъималазе гуребги, хадуб бачIунеб чанго гIелалъецин. АнцI-анцI соназцин турулареб, турулебгIан заманалъ заралиял жалги гьаваялде кьолел батIи-батIиял хутIелаз зарал гьабулеб бугин тIабигIаталъеги гIадамазегиян ахIи балеб буго экологазги.
Масала, боцIул рак турула 10-15 къоялда жаниб, кванил хутIелал – 30 къоялда жанир, газеталъул кагъат туризе хIажалъула 1-4 моцI, гъутIбузул тIамхал, гIаркьалаби – 3-4 моцI, офисалда хIалтIизабулеб кагъат – 2 сон.
Консервабазул маххул банкаби туризе хIажалъула – 10 сон, хьитал -10 сон, кирпич яги хъил – 100 сон, машинабазул аккумуляторал – 100 сон, фольга – 100 сон, электрикиял батарейкаби – 110 сон, резиналъул гьакал – 120-140 сон, пластикалъул шушби – 180-200 сон, тутиядул банкаби – 500 сон, цIер – 1000 сон, лъималазул подгузникал – 250-500 сон.
БачIунеб гIелалъул сахлъи ва тIабигIат цIуниялъул мурадалда цо-цо къватIисел улкабазда гIуцIун руго рищни-къул батIа гьабун, гьелъул цогидаб къайи гьабулел заводал. Гьединал заводал, дагьго ругониги, ран руго Россиялдаги.
ПатIимат СУЛТIАНМУХIАМАДОВА