Расул ХIамзатов гьавуралдаса 95 сон тIубаялде

ХъахIал къункърабазул 32-абилеб роржен

Дида бихьула цIа дир инсул гъасда

ХIамзатил Расул. Гьадин гIадатго хъван буго шагIирасул зонода. Гьал къоязги къваридго ватила гьев. Гьесухъе, Таргъуялде, 14-абилеб нухалдаги роржун рачIунел руго хъахIал къункъраби, жидерго даимаб кечIги цадахъ босун. Цинги шагIиргун цадахъ гьез сапар бухьуна Хунзахъеги, Гъунибеги, Дербенталдеги… — киса-кибего.
Щайдай къварид вугев къарнудал шагIир? Гьесул къункърабазул къваридаб сариналъул сан гьабулеб гьечIо жакъасеб къоялъ. Живго шагIирасул гьаракьги рагIулеб гьечIо тIадчагIазда — гIагараб мацIалда гIарада речIчIулеб буго…
РачIа шагIиргун ва гьесул ХъахIал къункърабигун цадахъ сапар бухьине.

МахIачхъала

ГIурус театралда данделъун рукIана кIудияв шагIирасул махщелчилъиялъул хIакъалъулъ бицине. Тадбиралда гIахьаллъана Дагъистаналъул тIоцевесев президент МухIу ГIалиев, Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри ШихсагIидов, хIукуматалъул председатель Артем Здунов, Россиялъул регионаздаса хъвадарухъаби ва шагIирзаби, журналистал ва шагIирасул шигIраби рокьулел дагъистаниял. Бицана Расулилги гьесул шигIрабазулги хIакъалъулъ. Бицана шагIирзабаз кIудияб рокьигун ва адабгун адабияталъул бакъул бищунго гвангъарал чIоразул цоявлъун кколев ХIамзатил Расулил хIакъалъулъ.
АхIана гьесул рагIабазда кочIохъабаз кучIдулги. Гьеб рохалилаб ахIвал-хIалалда бугеб халкъалда рагIулеб букIун батилищха «Щай дие къваригIун бугеб Дагъистан, дир гьаракь бахъани дир лъималахъа…», — йилан ахIдолев шагIирасул гьаракь. Тадбир лъугIизегIан магIу бацIцIунелги чанги рукIана. РекIел унти цо букIана — Расулица асарал хъвараб мацIалъе жакъа къор гъолеб буго нилъецаго нилъерго Дагъистаналда. Гьелъул хIакъалъулъ букIун батила 32-абилеб нухалда Дагъистаналде роржун рачIарал ХъахIал къункърабазул кечIги, ахIиги, бухIиги…

Хунзахъ

9 сентябрь. ГIагараб ракьалъ кIодо гьабулеб буго тIалъиялъул цIар мугIрузул тIогьазда хъварав ХIамзатил Расул гьавуралдса 95 сон тIубай. МагIарул адабияталъул тахшагьарлъун рикIкIунеб Хунзахъ районалде рачIун рукIана Дагъистаналъул тIоцевесев президент МухIу ГIалиев, Россиялъул регионаздаса, Белоруссиялдаса, Узбекистаналдаса шагIирзаби ва хъвадарухъаби, цогидалги гьалбал. Гьел рачIун рукIана шагIирасул инсул гъасда даим бакараб цIадул хинлъиялъухъе, гьесул лъимерлъидал кIалгIадухъе, тIоцебе кечI къватIибе боржараб хIикматаб минаялъухъе, гьитIинав Расул чанги харарав кьурабазухъе. Гьеб киналъго, кверги ккун, нухарегIун вукIана вукIинесев шагIир кIудияб дунялалде.
Гьесул шигIрабазул ракIлъун даим хутIизе бугеб ЦIада росулъ рагьана Поэзиялъул рукъ. Гьалбал щвана шагIирзабазул рукълъун лъугьараб ХIамзатилги Расулилги музеялде, гьитIинаб росу машгьур гьабурал инсуеги васазеги рарал памятниказухъе ( ХIамзат, Расул, ХIажияв). Ва «ХъахIал къункъраби» мемориалияб комплексалда цебе байбихьана байрам.
Гьенибго, тадбиралъул ахиралда, «Хунзахъ районалъул хIурматияв гражданин» абураб цIарги муни­ципалитеталъул медалалги кьуна Дагъистаналъул халкъиял ша­гIирзаби Залму Батировалъе ва МухIамад АхIмадовасе.

Дербент

Гьениреги гьоболлъухъ щвана Дагъистаналъулги Россиялъул регионаздаса рачIаралги хъвадарухъаби. Гьалбал щвана шагIирасул цIар кьураб шагьаралъул №20 школалдеги.
Гьалбадерица тIугьдул лъуна Сулейман Стальскиясул ва Низами Гянджевил памятниказда цере. Щвана гьел Нарин-хъалаялдеги.
ХIамзатил Расул гьавуралдаса 95 сон тIубаялде гIемер батIи-батIиял тадбирал тIоритIана республикая­лъул щибаб шагьаралда, районалда ва росулъ. Гьедин цоги нухалда цолъи­заруна гьитIинаб росдал кIудияв шагIирас Россиялъул халкъал. Гьединаб буго шагIирасул поэзиялъул магIнаги — гьудуллъи, вацлъи, цолъи.
ЦIидасанги данделъун рукIана Поэзиялъул театралда. Гьениб тIобитIулеб букIана Россиялъул позиялъе сайгъат гьабураб адабията­лъул байрам.
Гьединго шагIирасул шигIрабаз данде гьарун рукIана библиотекабаздаги, школаздаги, культураялъу­л рукъзабахъги. Ва киса-кибего ра­гIулеб букIуна «Дир Дагъистанилан» ахIулеб шагIирасул рекIел гъва­рилъудасан бачIунеб ахIи.

Гъуниб

ХъахIал къункърабазул кечI тIо­цебе гьанисан, борхатаб Гъунисан, рагIана дунялалда. Гьале гьаб нухалдаги гьелъухъ гIенеккизеги, шагIирасул шигIрабазул байрамалде рачIаразе бицинеги, цIуне дунял абураб шагIирасул ахIи цоги нухалда ракIалдещвезабизеги гье­­нире щвана Москваялдаса, Санкт-Петербургалдаса, Италиялдаса, Кабардино-Балкариялдаса, Крымалдаса ва Россиялъул цогидалги регионаздаса гьалбал. Тадбиралде рачIаразда адабияталъул байрам баркана Гъуниб районалъул бетIерасул ишал тIуралев ЖахIбар Къебедовас, культурияб централъул нухмалъулей ПатIимат Абакаровалъ ва цогидазги. Гьалбадерицаги бицана кIудияв шагIирасул асаразул хIакъалъулъ. Гьединго байрамалде рачIарал щвана шагIирасул юбилеялъе сайгъат гьабураб выставкаялдеги.
Районалъул культураялъул кIал­гIаялъуб гьалбадерие кьуна Расулил рагIабазда ахIулел кучIдузул концерт. Гьезие кIудияб асар гьабуна мугIрузул улкаялъул кьурдабазги. Гьединго гьалбал щвана ТIасияб Гъу­ниреги. Лъай-хъвай гьабуна ма­гIарул халкъалъул тарихалъул бицунел бакIазулгун.
Шамай Хъазанбиева