Щаклъизе тIамуна
Хехго пенсиялде ине ихтияр щвезе ккани, чан соналъ хIалтIизе кколел?
15-20 соналъ хIалтIарав чиясул анищ букIуна, херлъиялда бан кьолеб пенсиялъухъ балагьун чIечIого, мустахIикъаб хIухьбахъиялде ине. Гьединаб ихтияр букIуна №400 федералияб законалъул №6 бетIералда рекъон.
Цебеккунго пенсиялъул страховияб бутIа щола: захIматалъул стажалъухъ балагьун (аскариязе, педагогазе, спасателазе, шахтеразе ва гь.ц.) ва социалиял шартIазухъ балагьун (РикIкIадаб Севералда яги гьелде бащалъизарурал бакIазда хIалтIаразе, лъимал гIемерал улбузе, канлъукъал инвалидазе, рагъулал лъугьа-бахъиназда лъукъаразе ва гь.ц.). Гьединазул букIине ккола 15 соналдаса дагьаб гьечIеб захIматалъул стаж. Гьеб букIин тасдикъ гьабула лицевой счеталъул баяназги, моцIрол харж кьурал ведомостазги, банкалдаса справкабазги, кагътида хъван рукIарал къотIиязги ва цогидал документазги.
«За выслугу лет»
Гьеб тайпаялъул пенсия кьола, законалда рекъон, рагъулаб хъулухъалда рукIаразе, космонавтазе, летчиказе, испытателазе, пачалихъиял идарабазул хIалтIухъабазе. Цебеккунго пенсия кьеялъул тартиб хъван буго №166 федералияб законалда. Аскариязул букIине ккола 20 соналъул стаж, летчиказулги, испытателазулги, космонавтазулги — 25 яги 20, пачалихъиял хъулухъчагIазул — 15. Бюджетиял идарабазул хIалтIухъанасул стаж рикIкIуна лъагIалида жаниб 12 моцIалъ гьоркьоса къотIичIого хIалтIараб заманги хIисабалде босун.
Аслияб пенсиялде тIаде кьолеб гIарац чIезабула гIаммаб стажалъул хIисабги гьабун. Масала, пачалихъияв хъулухъчиясул гIаммаб стаж 15 соналдаса дагьаб бугони, пенсиялде тIаде кьола хъулухъалъул окладалъул 45 процент. 15 соналдаса цIикIкIараб стажалдаса тIаде араб щибаб лъагIелалъухъ тIадеги кьола лъабго процент, пенсиялъул къадар моцIрол харжалъул 75 проценталде бахинегIан. Испытателазеги, космонавтазеги, аскариязеги пенсиялъул бищунго тIадегIанаб роценлъун чIезабун буго моцIрол харжалъул 85 процент, ахирисеб 10 соналъул харжги хIисабалде босун.
Сакъатлъиялъул пенсия
Пачалихъалъ кумек гьабула социалияб рахъалъ цIуничIел гражданазе. Балугълъиялде вахун хадуб цогIаги къоялъ хIалтIарав ва гьеб къоялъухъ хIалтIудасан Пенсиялъул фондалде гIарац рехарав сакъатав чиясул ихтияр буго, законалда рекъон, болжал щвелалдего пенсиялде ине. ХIалтIизе тIубанго бажаруларев яги цо-цо хIалтIаби гьаризе кIоларев чиясе кьола батIияб тайпаялъул пособие.
Северияб стаж
Законалда рекъон, хасал шартIал ругел бакIазда хIалтIарал гIадамазе ихтияр кьола пенсиялде унеб заман хех гьабизе. Гьединаб бакIлъун рикIкIуна Крайний Север яги гьелда бащалъизарурал районал. 50 сон барал бихьиназеги 45 сон барал руччабазеги ихтияр буго пенсиялде ине, гьел ччугIихъабилъун, ритIучIал хьихьун яги чанахъабилъун хIалтIун ратани.
Бищун дагьаб стаж
Пачалихъалъ чIезабун буго пенсиялде ине ихтияр кьолеб бищун дагьаб захIматалъул стажги. Законалда рекъон, пенсиялъе хIажалъулеб бищун дагьаб стажалдехун тIалабал цIикIкIинаризе руго, гьеб 15 сониде бахинегIан. 2025 соналде пенсиялде унев чиясул букIине ккола 15 сонил захIматалъул стажги пенсиялъул 30 баллги. Гьел гIоларев чи хIалтIизе ккезехъин вуго жеги щуго соналъ. ХIажалъулелдасаги дагьаб заманалъ хIалтIарал гIадамазе, хIухьбахъиялде ун щуго лъагIел бан хадуб кьезе рихьизарун руго социалиял выплатаби.